Аслияб гьумералде

Гьиндисезулгун дандчIвай

Гьиндисезулгун дандчIвай

Дагьал церегIан къоязда ЛъаратIа районалъул имамзабазул советалъул председатель ШагIбан КъурамухIаммадов дандчIвана Гьиндиб росдал гIадамалгун. Гьеб дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас, Ибрагьимотар росдал имам Расул АхIмадовас, Гъаякент районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдуллагь Ахаловас, жамгIиял хIаракатчагIаз ва цоцо цогидазги.

Ш. КъурамухIаммадовас бицана гьадинал данделъаби гьари Аллагьасул рахIматалдасан бугин ва гьелъухъ нилъеда БетIергьанасе рецц гьабизеги тIалъулин абун. КIалъазе рахъаразги тIадчIей гьабуна гьадинал данделъаби тIоритIизе лъикIаб букIиналда ва тIаде гIолеб гIел ахIана битIараб нухдасан ине. Данделъи лъугIана цадахъаб дугIа гьабиялдалъун.

ГIуриб мухъалъул имамзабазул данделъи

Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад ГIариповасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана ГIуриб мухъалъул имамзабазул данделъи. Аслияб куцалда гьениб кIалъазе рахъараз бицана халкъалъе рухIияб тарбия кьеялъул рахъалъ гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ. Гьединго МухIаммад ГIарипов, кумекчи ХIабибула МухIаммадовгун ва ГIуриб росдал имам ГIумарасхIаб ХIажиевгун щвана росдал школалдеги. МухIаммад ГIарипов ва ГIуриб росдал имам ГIумарасхIаб ХIажиевгунги Микьигьориб росдал имам ХIусен МухIамадовгунги щвана ГIуриса ригьалде вахарав Рамазан МухIамадовасухъеги.

ГIолилазда мисалги бихьизабун

Гумбет районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдурашид ХIажиев дандчIвана гIолилазул централъул директор ГIабдула Юсуповгун. Гьединго дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна физическияб культураялъул ва спорталъул отделалъул начальник МухIаммад Зубаировасги. Гьез бицана районалда бугеб ахIвал-хIалалъул, гьаризе бегьулел тадбиразул, гIолилазе битIараб тарбия кьеялъул мурадалда тIоритIизе кколел мажлисазул хIакъалъулъ. Гьединго халкъалъе рухIияб тарбия кьеялъе гIоло цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялъул бугеб кIваралъул. ГIолилал хIажат гьечIел жалазде руссинчIого рукIинелъул гьел спорталде ва культураялъул ишазде машгъул гьаризе кколеблъиялъулги бицана дандчIваялда.

«Ветераназги» багIаризабуна

Хунзахъ районалъул имам МухIаммад ГIабдулхаликъовасул хIаракаталдалъун, Хунзахъ росулъ тIобитIана хоккей хIаялъул рахъалъ рагьараб турнир. Къецалда тIоцебесеб бакI ккуна хунздерил гIолилазул командаялъ. КIиабилеб бакI щвана Гъонохъ росдал «Ветераназе». Лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана Хунзахъ росдал «Школьникал» команда. Гьединаб спортивияб тадбир тIобитIиялъул мурадги букIана районалъул жамгIият цолъизаби, гIолилал спорталде машгъул гьари ва хоккей хIай машгьур гьаби. Гьединлъидал гьединаб турнир тIобитIизеги хIукму ккана лъагIалидаса лъагIалиде.

Районалъул бетIерасулгун дандчIвай

Унсоколо районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад ГIабдулвахIидов дандчIвана Унсоколо районалъул бетIер ГIиса НурмухIаммадовгун. Гьеб дандчIвайги тIобитIана районалъул гIолилазулгун цадахъаб тадбир гьабиялъе гьабулеб бугеб хIадурлъиялъул бициналъул мурадалда. Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна районалъул гIолилазул председатель ГIабдула АхIмединовас, районалъул имам МухIаммад ГIабдулвахIидовас, гIолилазул ишазул отделалъул начальник АхIмад Мухастановас ва цогидазги. Республикаялъул тахшагьаралда март моцIалда тIобитIизе бугеб данделъиялъул бицана гьениб ва рорхана цогидалги суалал. Гьединго лъикIаблъун бихьизабуна щибаб росулъги гIолилазулгун дандчIваял тIоритIизе ккелин ва гьезулгун гьабулеб хIалтIуде жеги цIикIкIун кIвар кьеялдеги ахIана киналго.

Экскурсия гьабуна

Гъизилюрт районалъул рухIияб тарбия кьеялъул рахъалъ отделалъул хIалтIухъабаз Бавтугъай росдал школалъул лъималазе гьабуна экскурсия. Гьез цIалдохъабазда бихьизабуна тахшагьаралъул централияб мажгит ва гидас бицана гьелъул тарих. Гьединго цIалдохъаби щвана муфтияталде, бихьана щибаб отдел хIалтIулеб къагIида ва нахъе унелъул щивасе сайгъаталъе щвана «Основы религии» абулеб тIехь. Гьенисан школлъимал рачана ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб рухIияб централде. Гьенибги гидас лъималазе бицана ва бихьизабуна гьеб балеб бугеб къагIида ва кватIичIого, ай бан бахъиндал гьениб букIине бугеб хIалтIул.

ЦIалдохъабазулгун дандчIвай

ЦерегIанго къоязда Гьилиб росдал школалда цIалдохъабигун ва мугIалимзабигун дандчIвана ЧIарада районалъул имамзабазул советалъул председатель ХIабибула МухIаммадов. Гьелъул аслияб мурадги букIана школлъималазул суалазе жавабал кьей ва гьезда битIараб нух бихьизаби. Гьединал дандчIваял районалъул росабалъ гIемер тIоритIула ва гьез пайдаяб хIасилги кьола.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.


Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.   Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина,...


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....