Аслияб гьумералде

СВОялъулазе кумек

СВОялъулазе кумек

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандил квербакъиялдалъун ва тӀолабго республикаялъул батӀи-батӀиял шагьаразда гӀумру гьабулел ЛъаратIа районалъул гIолохъабазул жигараб гӀахьаллъиялдалъун, «Инсан» фондалда цадахъ, районалъул имамзабазул советалъул председатель ШагIбан Рамазановас гӀахьаллъи гьабуна СВОялде кумек битIиялъулаб тадбиралда.

Гьединго, гьеб тадбиралда гӀахьаллъи гьабуна Доналда бугеб Ростовалда гӀумру гьабун ругел ракьцоязги.

СВОялда ругезухъе кумекалъулаб къайигун ун вукIана ШагIбан Рамазанов, Камил Давудов (районалъул гӀолилазул цевехъан); «Оригинал» заправкабазул вакил Къебедов МикагӀил ва прессаялъул хIалтIухъан МухӀамад Рамазанов.

Жиндир заманалда кумекги щвезабун, гьенибго гьабуна гӀаммаб дугIа, загьир гьабуна ВатӀан цӀунулезе баркала.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...