Аслияб гьумералде

Резервалда ругез ифтар гIуцIана

Резервалда ругез ифтар гIуцIана

«Инсан» фондалъул хIаракаталдалъун, «Шатёр Рамадана» абураб цIаралда гъоркь, щибаб сордойил, ай маркIачIул гIужалда бищун кIудияб тадбир тIобитIула МахIачхъалаялъул централияб мажгиталъул азбаралда. Гьединаб тадбир тIобитIиялъе ресги рекъола сахаватчагIазул кумекалдалъун.

Дагъистаналъул бетIерасда цебе бугеб кадровияб резервалда ругезги рахъ ккуна гьеб акциялъул ва цо къоялъ кIал биччазе бокьаразе чIезабуна хIажатабщинаб. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана муфтияталъул председатель Шамил ГIалиханов, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул заместитель Мурад Шафиев ва кадровияб резервалда ругезул вакилзаби.

ДРялъул муфтиясул цIаралдасан гьезда тадбирги баркун кIалъай гьабуна Шамил ГIалихановас. Гьес бицана гьединал ишаз бусурбабазда гьоркьоб вацлъи щула гьабулин абун. Гьединго мажлисалда кIалъана кадровияб резервалда бергьарав министрасул заместитель Мурад Шафиевги. Гьесги баркана киназдаго ифтар ва гьарана лъикIабщинаб.

Муфтиясул заместитель ва культураялъул министр

ДРялъул муфтиясул заместитель МухIаммад Майрановасги республикаялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъги дандрана цадахъ рекъон гьаризе бегьулел хIалтIаби ва бицана церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ.

Халкъалъул рухIияб рахъ цебетIезабиялъул, гIун бачIунеб гIелалъе битIараб тарбия кьеялъул мурадалда тIоритIулел тадбиразе министерствоялъги муфтияталъги квербакъизе букIиналъул бицана гьез. «Халкъалда битIараб нух бихьизабула диналъ. Гьелъул кIудияб пайдаги букIуна, цохIо чиясе гуребги, тIолабго жамгIияталъего.

Диналъ малъула чиясда вукIа-вахъине, хьвадачIвадизе кколеб къагIида. Исламияб дин къокълъуларо цохIо какал раялда, гьелъ жанибе бачуна тIолабго гIумру, яшав гьабулеб къагIида. Диналъ малъула лъикIабщинаб», - ян бицана муфтиясул заместителас. Зарема Бутаевалъги абуна кIиябго идараялъ гьабулеб хIалтIулъ дагьабго хаслъи бугониги, аслияб куцалда, тIубазабулеб масъала цо бугин, ай халкъалъул гIумру лъикIлъизаби, гьудуллъивацлъи цIуниялде ахIи.

Муфтиясул кумекчияс гIахьаллъи гьабуна

«Роль институтов гражданского общества в профилактике наркомании» абураб цIаралда гъоркь МахIачхъалаялда, Гьудуллъиялъул минаялъуб тIобитIана гIатIидаб данделъи.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевасги, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министрасул ишал тIуралев Энрик Муслимовасги, жамгIиялгун диниял хIаракатчагIазги ва цогидазги.

Идрис Асадулаевас бицана наркотиказдеги наркоманаздеги исламияб диналъул бугеб балагьиялъул ва тIалабалъул. Абуна Къуръаналда мухIканго хъван бугин наркотикал хIалтIизари хIарамаб букIиналъул хIакъалъулъ.

Щайгурелъул гьез инсанасул гIакълу хисизабулеб букIун. Муфтиясул кумекчияс гьениб ракIалде щвезабуна наркотикал хIалтIизари гуребги гьел гьариги, ричиги хIарамаб букIин ва гьединазе кIудияб мунагьги букIунеблъи.

Муфтияталъул делегация щвана Татарстаналде

ДРялъул муфтияталъул председатель Шамил ГIалихановасул нухмалъиялда гъоркь, муфтияталъул делегация щвана Татарстан республикаялде. Гьалбал къабул гьаруна татаразул муфти КамилхIазрат Самигуллиница. Ш. ГIалихановас абуна Дагъистаналъул муфти АхIмад афандица салам битIанин ва цIидасанги муфтилъун вищи баркулин абун.

Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтиясул тIоцевесев заместитель ГIабдулла Аджимоллаевас, муфтиясул кумекчи Ильяс Умалатовас ва ДРялъул хIукуматалъул Татарстаналда вугев вакил МухIаммад Муслимовас. Камил-хIазратица бицана Босниялдегун Герцеговинаялде гьабураб сапаралъул, гьениб бихьиралъул ва Татарстаналда Рамазан моцI нухда тIамулеб бугеб куцалъул хIакъалъулъ.

ДРялъул вакилзабаз лъикIаб къимат кьуна Камил-хIазратил хIалтIуегун хIаракаталъе ва абуна дагъистанияз 2 маялда Казаналда тIобитIизе бугеб ифтаралда гIахьаллъи гьабуни бокьилаанин абун. Татарстаналъул бусурбабазул цевехъанас гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабизе рагIи кьуна ва бицана гьебго къоялъ Ново-Татарское хабзалазде зияратги гьабизе бугин. «Гьединлъидал гьенире цадахъаб зиярат гьабуни цIакъ бокьилаан», - ян абуна татаразул муфтияс.

Къуръан цIалиялъул рахъалъ къец

МухIаммад Ярагъиясул цIаралда бугеб мадрасалъул хIаракаталдалъун ва муфтияталъул кверчIваялдалъун лъазабулеб буго Къуръан цIалиялъул рахъалъ хIафизазул республикаялъулаб конкурс. Гьеб тIобитIизе буго ункъо номинациялда рекъон:

  1. Къуръаналъул 30 жуз рекIехъе цIали;
  2. ТIубараб Къуръан рекIехъе цIали;
  3. Берцинго ва битIун Къуръаналдаса цо тIамач цIали (30-абилеб жуз хутIун);
  4. Къуръаналъул тIоцебесеб щуго жуз цIали, тарихазда рекъон.

Къецалда гIахьаллъи гьабизе бегьула, мадрасазул мутагIилзабаз хутIун, бокьарав дагъистанияс. Бергьарал ва гIахьалчагIи кIодо гьаризе руго къиматал сайгъатаздалъун. Конкурс тIобитIизе буго 8 маялда, МухIаммад Ярагъиясул цIаралда бугеб Дербенталъул аслияб мажгиталда (345 Дагестанской стрелковой дивизии къватI, 13-абилеб мина).

ТIадеги баян лъазе бокьараз ахIизе бегьула телефоналъул гьаб номералде: 7 989 874-96-88.

Фельдшералъе баркала кьуна

Кинида лъун букIараб лъимер гъанкъизе лъугьиндал, МахIачхъалаялдаса фельдшералъ хвасар гьабуна. Гьединаб цIаралда гъоркь киса-кибего тIибитIараб хабар рагIичIев чи къанагIатги ватиларо.

Амма гIемерисезда лъалеб батиларо гьей фельдшер щияли ва кин гьелъ лъимер хвасар гьабурабали. Гьей ккола Марьян ХIажиева, «Хехаб кумекалъул» бригадаялда хIалтIулей фельдшер. Гьелъ гьабураб бахIарчияб иш бихьичIого хутIичIо республикаялъул муфтияталдаги. Муфтияталъул цIаралдасан лъай кьеялъул руччабазул отделалъул нухмалъулей Сидрат МухIаммадовалъ баркала загьир гьабуна Марьяние.

«Гьединал лъугьа-бахъинал рихьизе хъван батугеги Аллагьас. Амма ккараб мехалда гIадамазе кумек гьабизе дуе тавпикъги кьеги. КIудияб баркала буго дуеги, цадахъ хIалтIулезеги, ай тIолалго медиказего», - ян абуна С. МухIаммадовалъ. Фельдшер Марьян ХIажиевалъ бицана кин гьеб иш ккарабали ва абуна жиндир бакIалда цоги бокьарав чи вукIаравани, гьесги гьединго гьабизе букIанин.

2025-04-15 (Шаввал 1446 с.) №8.


ХIикматал махлукъатал

ЦIунцIра хIикматаб рукIа-рахъиналъул рухIчIаголъи   Гьезул букӀуна жидерго жамгӀияб гӀуцӀи, щибалъе букIуна бихьизабураб хIалтIи-пиша яги мурад: хӀалтӀулеб тайпа, ханзаби, хъаравулзаби, бихьиналгун цIуял. Цо-цо тайпабазул рукӀуна роржине кӀолел куркьбал ругел формабиги, амма жинсияб хурхен...


Ражи – сахлъиялъе тӀабигӀияб сайгъат

Исламияб медицинаялда цебегоялдаса нахъе лъалеб букӀана ражиялъул сахлъиялъе бугеб пайда. МухӀаммад аварагас ﷺ рехсана гьелъул пайда, гьеб кванилъ хIалтIизабизе малъа-хъвайги гьабуна. Гьанжесел цӀех-рехаз тасдикъ гьабулеб буго гьел малъа-хъваязул хIикмат, гьеб гӀажаибаб тIагIамалъул гӀемерал...


Аллагьасде ﷻ рачунеб

Нилъер щивасул гIумруялда жаниб букIуна дунял биххун унеб бугин кколеб, захIмалъаби хIехьезе кIолареллъун лъугьунеб заман. Гьединал лахIзатазда нилъеца квербакъи балагьула.  Бусурбабазе гьединаб къуваталъул ва илгьамалъул иццлъун ккола Аллагьасул ﷻ ва Гьесул Расуласул ﷺ...


ЛъугIана Рамазан моцIги

Церекъад Ражаб моцI, сон ШагIбан регIун, Щвана ахиралде Рамазан моцIги. Къоял ун, моцIал гIун, лъагIелал сверун, Дагьлъун унеб гьечIищ нилъер гьаб гIумру?   Кинабго рецц буго БетIергьанасе, Ислам-диналда нилъ рижун ратидал. Гьаб дуниял нилъей копой кьун гьечIин, Аллагьасе тIагIат...


Дагъистаналъул муфтият – бецӀлъиялда жаниб канлъи

ГӀараб пачалихъазулги вагьабиязулги кӀигьумерчилъи: щай Гъаза кумек гьечӀого тараб, гӀайибги муфтияталде рехараб?     РакӀ гъанцIулеб пашманаб хӀакъикъат.   ГIарабазул 22 пачалихъ... ГӀемерал сурсатал, армия, нарт, гӀарац ва хӀатта ядернияб ярагъ бугеб улка. Амма Гъазаялъе кумек...