Аслияб гьумералде

Гьудуллъиялъул кьо щула гьабулеб буго

Гьудуллъиялъул кьо щула гьабулеб буго

Гьудуллъиялъул кьо щула гьабулеб буго

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Россиялъул бусурбабазул РухIияб собраниялъул бетIер, муфти Альбир Кргановгун.

Гьез бицана РухIиял идарабаз гIумруялде рахъинарулел ругел проектазул, исламияб лъай кьеялъул бугеб кIваралъул ва жакъа улкаялда бугеб ахIвал-хIалалда тIасан гьабуна кIалъай.

Альбир Кргановас абуна Дагъистаналъул муфтияталъ гьабулеб хIалтIи бугин цIакъго кIудияб ва республикаялдагун улкаялда парахалъи цIуниялъулъ лъолеб бугин аслияб бутIа.

«ДРялъул муфтияс цолъизарулел руго халкъал, батIи-батIиял диназул вакилзабазда гьоркьоб лъолеб буго гьудуллъиялъулаб кьо, киналго ахIулел руго улкаялъул букIинеселъе гIоло къеркьезе», - ян абуна А. Кргановас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...