Аслияб гьумералде

ЛъагIалил хIасилал гьаруна

ЛъагIалил хIасилал гьаруна

ЛъагIалил хIасилал гьаруна

Хунзахъ росдал Культураялъул кIалгIаялда тIобитIана гъоркьиса Хунзахъ районалда диниял хIаракатчагIаз гьабураб хIалтIул хIасил гьабиялъулаб тадбир.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъовас, районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росабазул имамзабаз ва жамагIатчагIаз.

Гьениб бицана араб соналъ районалда гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ, дандрана исана тIуразаризе кколел суалал ва лъикIаб хIасил бихьизабуразе кьуна Баркалаялъул кагътал. Тадбиралъул ахиралда гIумраялде ине бокьаразда гьоркьоб рехана можороги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...