Аслияб гьумералде

Гъазигъумукъиясул тӀехь

Гъазигъумукъиясул тӀехь

МахӀачхъалаялда бугеб «Россия - дир тарих» абураб тарихияб паркалда тӀобитӀана машгьурав шайих Жамалудин Гъазигъумукъиясул «Халикъасе разияб адаб» абураб тӀехьалъул цебелъей.

Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана теологал, гӀалимзаби, студентал ва жамгӀиял хӀаракатчагӀи. КӀалъазе рахъараз бицана гьанжесеб жамгӀияталда моралиял нухал гӀуцӀиялъулъ шайих Жамалудинил рухӀияб ирсалъул бугеб кIудияб кIваралъул хIакъалъулъ.

ДРялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъул нухмалъулев МухIаммад ХIажиевас бицана рехсараб басма хӀадур гьабиялъе ккарал гIиллабазул. «Кинабго хӀалтӀи гьабуна республикаялъул муфтиясул нухмалъиялда гъоркь. Хадубккун гьеб тӀибитӀизабуна Дагъистаналда ва Россиялъул регионазда. ГӀурус мацӀалда бахъараб хӀадур гьабизе чанго моцӀ ана. Щайгурелъул гьелъие къваригӀун букӀана суфиязул терминология гӀатӀид гьабизе, накъшубандиял шайихзабазул силсилаялда хурхун баянал кьезе, авторасул мухӀканаб биография хъвазе ва комментариял гьаризе. Басма хӀадур гьабуна ва къватӀибе биччана ДРялъул муфтияталъул гӀелмуялъул отделалъ», - ян бицана гьес.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...