Аслияб гьумералде

Сивухъ данделъана хIафизал

Сивухъ данделъана хIафизал

Сивухъ данделъана хIафизал

Хасавюрт районалъул Сивухъ росулъ, хIурматалда дандчIвай гьабуна, рекIехъе Къуръан лъазабиялъул школа лъугIаразда.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Хасавюр шагьаралъул ва районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад Аль-Аргъванияс, муфтияталда цебе бугеб хIифз-централъул нухмалъулев МухIаммадхIабиб Будуновас, гIалимзабаз ва диниял хIаракатчагIаз.

Гьениб кIалъазе рахъараз бицана Къуръан цIалиялъул ва хас гьабун рекIехъе лъазабиялъул бугеб кIваралъул, гьаруна насихIатал.

Данделъаразда гьоркьоб тIобитIана гIумраялде ине путевка щвеялъе гIоло можоро рехиялъулаб тадбирги. ГIолохъанал хIафизазул умумуз гIумраялде ине ихтияр кьолеб путевка сайгъат гьабуна хIифзалъул мугIалим МухIаммад Гъойтимировасе.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...