Аслияб гьумералде

ЧIор речIчIиялъул турнир

ЧIор речIчIиялъул турнир

ГӀахвахъ районалъул гӀадамазда гьоркьоб «Лучник» клубалда тIобитIана чIор речIчIиялъул турнир.  Турниралъул хӀурматиял гьалбаллъун рукӀана МахӀачхъалаялъул централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултанов, Шамсудин Шамсудинов - ГӀахьвахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель ва «ГIахьвахъ районалъул гӀолилал» абураб регионалияб жамгӀияб гӀуцӀиялъул нухмалъулев Дибирдадаев Шамил.

Турниралъул заманалда гьаруна вагIза-насихIаталги, бицана тIаде гIолеб гIелалъе битIараб ва сахаб тарбия кьезе ккеялъулги, ахIана киналго цадахъ рекъон рукIиналдеги. 

Турнир гӀуцӀун букӀана ГӀахьвахъ районалъул гӀолилазул жамгӀияб гӀуцӀиялъ ва тадбир тӀобитӀиялъе спонсорлъи гьабуна Дибирдадаевасул школалъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...