Аслияб гьумералде

Муфтиясул заместителасги гIахьаллъи гьабуна

Муфтиясул заместителасги гIахьаллъи гьабуна

Муфтиясул заместителасги гIахьаллъи гьабуна

МахIачхъалаялда, Гьудуллъиялъул минаялъуб, тIобитIана «Религия против насилия» абураб цIаралда гъоркь регионалияб конференция. Гьеб тIобитIана торроризмалде данде къеркьеялъул къоялъул хIурматалда.

Конференциялъул хIалтIулъ гIахьаллъи гьабуна пачалихъияб власталъул хIалтIухъабаз, гIелмиял хIара-катчагIаз, диниялгун жамгIиял церехъабаз, экспертаз, студентаз ва цогидазги. Тадбир рагьана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас. Гьес, данделъаразе саламги кьун, бицана конференциялъул ва гьелда рорхулел ругел суалазул кIваралъул хIакъалъулъ.

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандица конференциялъул гIахьалчагIазде гьабураб хитIаб цIалана гьесул заместитель АхIмад МухIаммадовас. Гьединго гьес бицана экстремизмалдегун терроризмалде данде гьабулеб ишалъулъ республикаялъул рухIиял церехъабаз гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъги.

Конференциялда кIалъана Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиев, гьебго вузалъул вакил Давуд Тумалаев, МахIачхъалаялъул епархиялъул секретарь, иеромонах Силуан ва цогидалги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...