Аслияб гьумералде

Исламияб академиялъул ректор ва Дагъистаналъул муфти

Исламияб академиялъул ректор ва Дагъистаналъул муфти

ДРялъул тахшагьар МахIачхъалаялда Болгаралъул исламияб академиялъул ректор Фархат Хуснудинов дандч1вана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандигун.

Гьез бицана Россиялда исламияб лъай кьеялъул бугеб кIваралъул, гьеб цебетIолеб букIиналъул ва улкаялъул рухIиял идарабазул центраз цадахъ рекъон гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.

Фархат Хуснудиновас баркала кьуна АхIмад-афандие гьабураб гьоболлъиялъухъ ва абуна Дагъистаналъул муфтияталъул рахъалдасан жидее кидагосеб кумек-квербакъи букIунилан.

«Нижецаги кидаго халккун букIуна Болгаралъул исламияб академиялда хадуб ва рохарал руго къо бахъанагIан гьеб цебетIолеб букIиналдаса. Баркала буго академиялъе нижер имамзабазе лъикIал шартIал ч1езарун рукIиналъухъги. ХIакъикъаталдаги жакъа академиялъ гьабулеб хIалтIи буго бергьун кIудияб», - ян абуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандица.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...