Аслияб гьумералде

Квералъ хъвараб Къуръаналъул цебелъей

Квералъ хъвараб Къуръаналъул цебелъей

Квералъ хъвараб Къуръаналъул цебелъей

МахIачхъалаялда тIобитIана квералъ хъвараб Къуръаналъул цебелъей. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди, ДРялъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министр Энрик Муслимов ва цогидалги.

Цебегоялдаса нахъе Дагъистаналда загьирлъун букIинчIо квералъ Къуръан хъваялъул хIужа. Гьале гьанже гьеб баракатаб ва захIматаб хIалтIи гьабуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа художник-каллиграф Сулейман ГIаширгIалиевас.

«Азаргоялдаса цIикIкIун чи вачIун вуго жакъа гьаниве гьаб къанагIатаб, хIикматаб хIалтIи гьабурав Сулейман-хIажиясул хIурматги гьабун.

Баркала буго республикаялъул муфти, шайих АхIмад-афандиеги. Кинаб хIал бугониги, захIмалъи-къварилъи бугеб бакIалда, халкъалъул хIалкъараб мехалда бищун цеве эхетула гьев. Баркала буго гьаб цебелъей хIадурараб гIуцIиялъул комитеталъе. Аллагьас киназего алжаналъул нигIматал къачIан ратаги, дунялалдаго рекъелги даимлъаги», - ян бицана Энрик Муслимовас.

Квералъ хъвараб Къуръаналъул роцен буго 150х75 см, цIайи бахуна 50 килограммалде. Гьеб хъван буго цIакъ къанагIат гурони щолареб кагътида ва берцинго къачIараб хасаб шрифталъ. С. ГIаширлаевас Къуръан хъван буго ункъогун бащдаб моцIида жаниб. Гьес бицана, Къуръан хъвалаго дандчIварал масъалабазулги, гьел тIуразариялъе кумекалъе ратарал гIадамазулги хIакъалъулъ.

«Берцинго хъвазе ккола Аллагьасул калам, Къуръан. Каллиграфиялъе кивниги цIаларав чи гуро дун. Аллагьас кьураб гьунар буго гьеб. Дунялалда тIадго буго каллиграфиялъул анлъго тайпа. Бищунго берцинаблъун рикIкIуна куфиязул шрифт. Берцинал шрифтал сулюсги насхIги кьочIое росун, дица хъвана Къуръан ва гьелда бокьун буго «Дагъистаналъул шрифт» абураб цIар лъезе», - ян абуна гьес.

Данделъиялъул ахиралда ДРялъул муфти, шайих АхIмад-хIажияс дугIа гьабуна Сулейман-хIажиясеги, гьесул хъизамалъеги, тIолалго дагъиястаниязеги ва Палестинаялда ругел бусурбабазеги.

Тадбиралъул ахиралда Энрик Муслимовас шапакъаталги сайгъаталги кьуна Сулейман-хIажиясеги гIуцIиялъул комитеталъул хIаракатчагIазеги.

Гьединго художник-каллиграфас Дагъистаналъул муфтиясе сайгъат гьабуна квералъ бахъараб суратги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....