Аслияб гьумералде

ХIамзат имамасул хIакъалъулъ тIехь

ХIамзат имамасул хIакъалъулъ тIехь

Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъ къватӀибе биччан буго имам ХӀамзат-бекил хӀакъалъулъ хъвараб тIехь. Гьелда бицунеб буго Дагъистаналъул ва Чачанлъиялъул кӀиабилев имам ХӀамзат-бекил (1789-1834) гӀумруялъул ва ишазул хIакъалъулъ.

Архивалъул документазда мугъчӀвайги гьабун, тIехьалда мухIканго хъван буго гьесул аслуялъул, лъаялъул, имамлъун вищиялъул ва цогидалъулги хIакъалъулъ.

ГӀелмуялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммад ХIажиевасул рагӀабазда рекъон, тӀехьалда рехсон руго 50-ялдасаги цӀикӀкӀун сурсатаздаса материалал.

ГӀаммаб халкъалда дагь гурони лъаларев Кавказалъул тарихалда машгьурав имамасул хӀакъалъулъ дагьабги мухӀканаб цӀех-рехги гьабун, иргадулаб тIехь къватӀибе биччазе буго хадубккунги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...