Аслияб гьумералде

ДГИялда – лъай кьеялъулаб ифтар

ДГИялда – лъай кьеялъулаб ифтар

МахIачхъалаялда тIобитIараб лъай кьеялъулаб ифтаралда гIахьаллъи гьабуна пачалихъиял органазул, лъай кьеялъул, СМИязул вакилзабаз, жамгIиялгун политикиял хIаракатчагIаз, депутатаз ва СВОялъул гIахьалчагIаз.

Гьеб тадбиралде вачIун вукIана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди ГIабдулаевги.

Ифтаралде данделъаразе саламги кьун, кIалъана муфтиясул гIакълучIужу ГIайна ХIамзатова. Гьелъ бицана тIобитIулеб бугеб мажлисалъул кIваралъул ва абуна гIицIго лъай тIалаб гьабиялда жаниб гурони нилъеда хвасарлъи батуларилан. ХIакъаб жо, лъай бугев чи мекъи ккезавизе цIакъ захIмалъулелъулха нилъер улкаялда рикьалаби ккезаризе, питнаби рагъаризаризе хIалбихьулел хIаракатчагIазе.

ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас абуна: «Гьаб нилъер заманалда чара гьечIого къваригIуна лъайги лъаялда рекъараб махщелги. Гьединаллъун нилъ ругони, нилъеда кIвезе буго нилъер улкаялдеги республикаялдеги данде информациялъулаб рагъ лъазабуразе мустахIикъаб жаваб кьезе. Гьелдаго цадахъ нилъги нилъер тIаде гIолеб гIелги букIине ккола адаб бугеллъун ва тарбия щвараллъун», - ян.

Данделъиялда кIалъана Аграрияб университеталъул ректор Зайдин Жамбулатов ва Россиялъул БахIарчи НурмухIаммад ХIажимухIаммадовасул эбел, МахIачхъалаялъул № 54 школалъул директор Сапижат Мазаева.

КIалъаязда гьоркьо-гьоркьор «ВатIан» ясли-ахалъул ва Юсуповасул цIаралда бугеб школалъул гьитIичаз ахIана мавлидал, рихьизаруна театралиял постановкаби.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...