Аслияб гьумералде

ГIелмабазул хазина

ГIелмабазул хазина

Къуръан ккола дунял бижаралдаса хадуб лъугьарал мугIжизатазул бищун кIудияблъун.

 

Гьедин букIиналъе далиллъунги ккола гьелъул гIуцIи гIакълуялъ къабул гьабулеблъун ва жибги пикру гьабизелъун бихьизабураб букIин. Руго жеги кIуди-кIудиялги мугIжизатал, амма гьел рукIана заман бихьун, бакI бихьун лъугьарал ва нилъехъеги бицун гурони жал щвечIел.

Гьелъул пасахIалъи инсанасул гьунар хадуб гъезе кIолареб буго. Доб заманалда гIарабазул шагIирзаби рикIкIунаан цIар арал шигIраби гьарулел, жидер гьунаразде цогиял рахунарел. МухIаммад ﷺ авараглъунги витIун, Къуръан гьесде рещтIиндал, гьез байбихьана къец гьабизе, амма гьезда гьелде данде бачIунеб цогIаги байт гьабун бажаричIо. Гьелъул хIакъалъулъ рехсана Къуръаналда ва абуна: «Дуца абе гьезда, женалги инсалги данделъаниги Къуръаналда релълъараб ургъизе гьезда кIвеларо, цояз цогиязе кумек гьабуниги», - ян (Сура «Исраъ», 88 аят).

Гьелдаса хадуб ана 1400-ялдасаги цIикIкIун сон, амма тарихалда вахъинчIо цониги шагIир гьелъие мукIурлъичIев яги гьелъул пасахIалъиялде вахарав. Гьелъги бихьизабулеб буго Къуръан инсанас ургъараб гуреб, МухIаммад ﷺ аварагасде жиб рещтIараб, гьев Аллагьасул ﷻ расул вукIиналъе далиллъун бугеб, БетIергьанасул ﷻ калам бугеблъи. Гьебги гIунги тIокIаб хIужа буго Къуръан мугIжизатлъун рикIкIине. Бугониги, жеги аза-азар буго Гьелъулъ хIикмалъаби:

– Гьелда рицана хадуркун ккезе ругел гIемерал вакъигIатал. Жакъасеб къоялъги нилъеда лъугьунелги жал рихьулел.

– КигIан гьеб цIаланиги, гьелъулъ чIалгIен яги гъанцIизари гьечIо. Гьелъул гIаксалда, цIаланагIан бокьула, черхалъе лъикIаб хIалги лъугьуна.

– Гьелъулъ данде гьарун руго батIи-батIиял гIелмаби, доб заманалда я гIарабазда яги цогиязда лъалел, рагIун рукIинчIел. Гьелги нилъеда гьанже гIалимзабаз баян гьарулел рихьулел руго.

– Гьелъулъ рицунел руго аза-азар соназ цере лъугьарал вакъигIатал, гIумру гьабун рукIарал гIадамазул.

 

 

Нуруллагь ИсмагIилов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...