Аслияб гьумералде

Муфтияталда данделъана

Муфтияталда данделъана

Муфтияталда данделъана

Болъихъ районалъул диниял хIаракатчагIазулгун дандчIвай тIобитIана Дагъистаналъул муфтияталда.

«Районалъул имамас абуна нуж киналго цо команда кколин. Нижеца абила нилъ киналго кколин цо командайилан», – абуна гьелгун дандчIварав муфтияталъул председатель ГIабдула Салимовас.

Гьес бицана цо 20 минуталъ цебе ахIун бачIанин шайих АхIмад-афандияс ва абунин нужеда киназдаго салам бицейин абун.

Хадуб ГIабдула Салимовас киназего баркала кьуна ва абуна нилъеца Аллагьасе рецц гьабизе кколин цадахъ рекъон хIалтIизе рес кьуралъухъ.

Гьединго ГI. Салимовас бицана муфтияталде гьарулел гIайибазул рахъалъ муфти, шайих АхIмад-афандил бугеб пикруги: «Жидерго квешлъиялдалъун, ургъунго гIайиб гIунтIизабулеб батани, гьеб буго лъикIаб гIаламат ва гьелъ бихьизабулеб буго нилъеца гьабулеб иш битIараб букIин», - ян.

Муфтияталъ гьабулеб хIалтIуе пайда бокьун гьабулеб критика батани, гьелъул рахъ кквезе кколин абун кIалъана муфтияталъул председатель.

Лъай кьеялъул хIалтIул бицунаго, ГI. Салимовас рехсана мугIалимзабазул цIаралда шайих АхIмад-афандица гьабураб каламги.

«Къад цоялде бащдаб хIалтIизегIан мугIалим дарсазда вукIунев ватани ва гьелдаса хадуб нахъеги унев вугони, гьеб бегьуларо. МугIалим кидаго вукIине ккола лъай кьолевлъунги лъай тIалаб гьабулевлъунги», - ян.

Муфтияталъул председателас бицана идараги власталъул тIалъиги цадахъ рекъон хIалтIиялъ кьолеб хIасилалъулги.

Гьединго абуна, муфтияс абунин тIарикъатги багьанаде ккун рикьиял гьарулездаса нуж рикIкIад чIайилан ва данделъиги лъугIизабуна шайих АхIмад-афандияс: «ХIакълъунго, Дагъистаналда кинабго букIине буго лъикI», - ян абураб каламалдалъун.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...