Аслияб гьумералде

ЖКХялъул хIалтIухъаби рази гьаруна

ЖКХялъул хIалтIухъаби рази гьаруна

ЖКХялъул хIалтIухъаби рази гьаруна

Дагъистаналъул муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъабазда ракIалде ккана рогьалилъ рахъун тахшагьаралъул къватIал ва азбарал рацIцIад гьарулел, МахIачхъалаялъул ЖКХялъул хIалтIухъаби-руччаби роххизаризе. Гьезул буго гIемерисев чиясда бихьизеги бихьулареб, къиматги гьабулареб, амма цIакъ захIматаб хIалтIи. Гьединлъидал гьединал чагIаздехун гьабураб, цо гьитIинаб бугониги бербалагьиялъ, гьезул рекIелъе хинлъи лъугьинабулеблъи хIакъаб буго. Муфтияталъул хIалтIухъабазин абуни гьезие кьуна чай, конфетал ва тIугьдузул кIвацIаби. Гьайгьай, ЖКХялъулалги цIакъ разиго хутIана жидеда аскIоб гьабураб гьеб гIаданлъиялдаса.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...