Аслияб гьумералде

Рочисел муфтиясухъ гьоболлъухъ

Рочисел муфтиясухъ гьоболлъухъ

ЧIарада районалъул Рочиб росдал жамагIат бачIун букIана зияраталъ ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъе.

Рочисезул цолъираб жамагIат букIиналъе нугIлъи гьабулеб мисал рехсолаго, шайих АхIмад-афандица ракIалде щвезаруна гьеб росулъа рахъарал машгьурал гIадамал. Масала, машгьурав гIалим Рочиса Мамма-Дибирил наслуялъул чи Макъсуд Садикъов.

«Макъсудица кьучI лъураб хIалтIи жакъа гьесул ирсилаз цебе бачунеб буго. Аллагьас нилъее киназего кумекги гьабеги церелъурал масъалаби тIуразариялъе ва рагIалде рахъинариялъе», - ян абуна жамагIаталдехун хитIаб гьабулаго ДРялъул муфти АхIмад-афандица.

Ахиралда, рочисез рухIияв цевехъанасе сайгъат гьаруна Рочиса Мамма-Дибирил, росулъ цIунун рукIарал, къиматал тIагIелал: гьес квералъ хъвараб васият, ханжар ва ролъ жаниб цIунулеб тIагIел.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...