Аслияб гьумералде

Татарстаналда цIияб мажгит

Татарстаналда цIияб мажгит

Татарстаналда цIияб мажгит

Татарстаналъул Новая Тура абураб росулъ рагьана цIияб мажгит. Гьеб бана республикаялъул хIукуматалъул, Зеленодольск районалъул муниципалитеталъул бетIерасул ва сахаватчагIазул кумекалдалъун.

Мажгит рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Татарстаналъул раис Рустам Миннихановас, муфти Камил Самигуллиница, Зеленодольск районалъул бетIер Михаил Афанасьевас ва цогидазги.

Гьединго тадбиралда гIахьалъана Дагъистаналъул муфтиясул заместитель ГIабдуллагь Салимовги.

Мажгит базе байбихьана 2020 соналда. Исана бан лъугIараб гьениб чIезарун руго киналго шартIал, хIатта буго исламалъул дарсал малъулеб кабинетцин.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...