Аслияб гьумералде

ЦIияб мажгит

ЦIияб мажгит

Гъизилюрт районалъул Гьамуши росулъ кӀодо гьабуна тӀолалго бусурбабазул жамгӀияталъе кӀвар бугеб лъугьа-бахъинлъун кколеб цӀияб мажгит рагьи.

Байрамалъулаб тадбиралда гӀахьаллъаразда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул централияб округалда вугев вакил МухӀамад Майранов, Гъизилюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀамадхӀабиб МухIаммадов, Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель Исрафил МухӀумаев, мадугьалихъ ругел росабазул имамзаби ва цогидалги.

КӀалъазе рахъараз ракӀ-ракӀалъулаб баркала загьир гьабуна росдал гӀадамазе мажгит баялъулъ жигараб гӀахьаллъи гьабуралъухъ.

Жидерго кӀалъаязда гIалимзабаз бицана жамагӀат гьабун ралел каказул бугеб кӀваралъул ва муъминзаби ахӀана Аллагьасул рокъоре цадахъаб гӀибадат гьабизе данделъизе, вацлъигун гьудуллъи цIунизе.

Тадбиралъул ахиралда киналго гӀуцӀарухъабазе, спонсоразе, лъикӀаб ишалъе квербакъи гьабуразе кьуна ракӀалде щвеялъул сайгъатал ва Баркалаялъул кагътал.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...