Аслияб гьумералде

«КӀудияй Хадижат»

«КӀудияй Хадижат»

Авар театралда бихьизабуна «КӀудияй Хадижат» абураб пьесаялъул цӀигьабураб вариант. «Этос» абураб рухӀияб театралъ сценаялда лъураб гьаб постановка буго МухӀаммад аварагасул ﷺ лъади Хадижат бинт Хувайлидил хIакъалъулъ бицараб.

Гьениб мухӀканго загьир гьабуна Хадижатил сурат - исламалъул байбихьудаго Аварагасе ﷺ квербакъарай, щулияб иманалъул, гъваридаб гӀакълуялъул ва рухӀияб къуваталъул гIадан гьей йикIараблъи.

Премьераялда хӀурматиял гьалбаллъун рукӀана Дагъистан республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва гьесул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова.

Балагьараз спектакль кутакалда лъикI къабул гьабуна ва «Этос» театралъ цоги нухалда тасдикъ гьабуна диниял ва моралиял къиматазул творческияб пикру гьабизе кӀвар бугеб платформа хӀисабалда жиндирго статус.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...