Аслияб гьумералде

«Марьям» - кумек хIажатазухъе бегьулеб квер

«Марьям» - кумек хIажатазухъе бегьулеб квер

Дагъистаналъул тахшагьар МахIач-хъалаялда рагьана «Марьям» абун цIар кьураб руччабазул рухIияб центр.

Гьеб рагьиялъулаб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна респбуликаялъул машгьурал руччабаз: власталъул вакилзабаз, жамгIиятчагIаз ва цоги-цогидалги ишазда ругез.

ТIаде рачIарал гьалбадерие рухIияб централда гьабуна экскурсия. ЩутIалаяб мина хьезабун буго хIажатабщиналдалъун ва гьениб бокьараб мехалда рес буго руччабазе кумек гьабизеги. Гьединго, жидерго иш роцIцIинегIан, гьенир сардал разе бегьула захIмалъиялде ккараз. Гьелъиеги руго киналго шартIал чIезарун.

Чанго соналъ цебеги гIемерисел руччабазда лъалароан хъизамалда, хIалтIуда ва жамгIияталда дандчIварал масъалаби кин тIуразарилелали, кин гьездаса рорчIилелали, кумек гьарун лъихъе ине кколелали. Жакъайин абуни гьеб рахъалъ абизегIанасеб къварилъи гьечIо. Щайгурелъул гьединал захIмалъаби дандчIварал руччабазе кумек гьабизелъун рагьун бугелъул «Марьям» центр. Гьениб щияй чIужугIаданалда батизе буго мугъчIвазесеб бакIги, щвезе буго хIажатаб кумекги, гIакълуги. ПалхIасил, централде рачIарал кумек щвечIого нахъе ине гьечIо.

 «Марьям» центр хIалтIула сордо-къоялда жаниб. Гьение ячIинеги бегьула бокьараб ригьалъул, миллаталъул ва диналъул гIадан. Кумекги гьабула чIобого.

Централъул учредитель ккола Дагъистаналъул муфтият.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...