Аслияб гьумералде

ГIолилалгун дандчIвана

ГIолилалгун дандчIвана

ГIолилалгун дандчIвана

МахIачхъалаялда бугеб Гуманитариябгун педагогикияб колледжалда тIобитIана Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росдал гIолилазулгун дандчIвай. 

Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, ДГИялда цебе бугеб тарихияб централъул нухмалъулев Мурадула Дадаевас, КIудияб ГьоцIалъ росдал имам СалихI СалихIовас, ГьитIинаб ГьоцIалъ росдал имам МухIаммадрасул ГIумаровас, районалъул гIолилазул гIуцIиялъул нухмалъулев Сайпула Шамхаловас ва цогидазги.

КIалъазе рахъараз бицана жамгIияталда гьарулел лъикIал ишазда гIолилазги гIахьаллъи гьабизе ккеялъул ва гьединго вацлъиги гьудуллъиги цIунун, тарихги кIочене течIого гIумру гьаби щивасда тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ.

Данделъиялъул ахиралда, можороги рехун, бергьаразе кьуна сайгъатал ва аслияб сайгъатлъунги букIана ГIумраялде ине рес кьолеб путевка щвей.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...