Аслияб гьумералде

Кьижунги гIибадат

Кьижунги гIибадат

Аварагас ﷺ кьижулеб мехалъ хасал дугIаби цIалулаан.

Аварагас ﷺ гьабулебщинаб пишаялъулъ хIикматги букIуна.

 

Щиб хIикматха бугеб Аварагас ﷺ кьижизегIан цебе ва вахъун хадуб дугIаби цIалиялъулъ? Гьелъул хIикмат ккола вегулеб ва вахъунеб мехалъ Аллагь ﷻ рехсей.

Нилъеца хIисаб гьабизе ккела нилъер рега-рахъин кинаб бугебали. КIванагIан къиблаялде вуссун вегила, хабалъ лахIтуялда лъолев гIадин, кваранаб хьибилалда. Амма чахьалда веги карагьатаб буго ва гьеб рикIкIуна шайтIалъул кьижилъун.

Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Дун мажгиталъув чахьалда вегун вукIана. Цо чияс, хIетIеги тункун, абуна: «Гьеб кьижи Аллагьасда ﷻ рихараб буго», - ян. Дун гьесухъ балагьанава аскIов чIун Авараг ﷺ вихьана», - абун.

Тохтурзабаз абула квегIаб рахъалда регизе лъикIаб бугилан. Щайгурелъул, гьелъ квен бихIинабулеб букIиналъ. Нагагьлъун къаси кванани, тохтурзабазул рагIиялда рекъон, цин вегила кваранаб рахъалда дагьаб заманалъ, хадуб - квегIаб рахъалде вуссина. Кьижилалде цебе ракIалде щвезабила макьу хвалда релълъараб жо букIин ва тIаде вахъин Къиямасеб къоялъул рахъин букIин. Рес буго кьижараб бакIалда рухI босизе ва, гьединлъидал, хIадурго рукIине ккола Аллагьгун ﷻ дандчIвазе какиеги чурун.

Боголил как бан хадуб хехго вегизе жигар бахъила. Щайин абуни, сардилъ вахъун тагьажуд базе, цогидаб гIибадат гьабизе, рогьалил как базе ригьда тIаде вахъине санагIалъи букIине. КватIун кьижиялъ гьал цере рехсарал жал гьариялдаса инсан махIрум гьавула.

Боголил как бан хадуб дунялалъул харбиде руссине карагьатаб буго. Жакъайин абуни нилъеца сордо инабула интернеталда жаниб, гьеб сабаблъун рогьалил какде рахъинеги кIолеб гьечIо.

Гьединлъидал, кIванагIан ригьда кьижизе гIамал гьабила, гьелъ сардилъ тIаде вахъине, рогьалил как гIужда базе квербакъи гьабулелъул. Аварагги ﷺ, кIванагIан, ригьда кьижулаан. Кьижизеги какичуриялда кьижила.

Сардилъ тIаде вахъун бараб кIиго ракагIат дунялалдасаги гьелда жаниб бугебщинаб жоялдасаги лъикIаб буго.

Къаси нахъа бараб как ккола лъикIлъабазул хазина. Гьеб хазина дуца гIемер гьабе ахираталда батизелъун. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Къаси сардилъ вахъине ният гьабун вегарав чи, макьу бергьун кьижун хутIани ва рогьани, ният гьабураб гьесие хъвала, гьеб макьу Аллагьасдасан гьесие садакъалъун букIуна», - ян. Сардил ахиралда гьабураб дугIаги къабулаб букIуна.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Кьижилалде цебе какие чуре, цинги кваранаб хьибилалда вега. Ва абе: «Аллагьумма инни асламту важгьи илайка, ва фаввазту амри илайка, ва алжаъту загьри илайка, рагьбатан ва рагъбатан илайка, ла малжаа ва ла манжа минка илла илайка. Аманту бикитабика ллази анзалта ва набиййика ллази арсалта».

МагIна: «Я дир Аллагь, Дица дир гьумер Дудехун буссинабуна, дир ишги дица Дуде тIамуна, мугъчIвайги дица Дуде гьабуна, Дуде хьулги лъун, Дудасаги хIинкъун, Дудаса тIурун Духъе гурони кIанцIизе бакI гьечIо. Дица иман лъуна Дуца рещтIараб Къуръаналдаги Дуца витIарав Аварагасдаги».

Гьаб дугIаги цIалун, гьеб сордоялъ мун хвани, исламалда хвелин буго. Ахирисеб каламлъун гьаб дугIа ккезабеянги буго хIадис. (Бухари, Муслим).

Кьижила тавбу гьабун ва мунагьазде вуссинарин абураб къасдгун. Тирмизияс Абу СагIид Худриясдасан бицараб хIадисалда буго: «Бусаде вахараб мехалъ чияс лъабго нухалъ абуни «АстагъфируЛлагьа ллази лаилагьа илла гьувал хIайюл къайюму ваатубу илайгьи» абун, Аллагьас ﷻ гьесул мунагьал чурила». Гьединго кьижизегIан цебе ният гьабила, хвечIого ворчIани, бусурбабазе лъикIлъи гьабизе. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Лъиего зулму ва рекIкI гьабичIого вегани, гьаруралщинал мунагьал Аллагьас ﷻ гьесул чурула», - ян.

Бусурбанчиясда рекъараб буго щибаб сордоялъ, вегидал, пикру гьабизе къад къоялъ гьарурал гIамалазул. ЛъикIаб гIамал гьабун батани, Аллагьасе ﷻ рецц гьабила, лъикIалде тIовитIиялъе гIоло. ЛъикIаб гуреб гьабун батани, тавбу гьабила ва мунагьал чуреян гьарила.

Суннатаб буго вегилалде цебе Аятул Курси, Амана Ррасул, Къулгьу, КъулагIузаби ва сура Табарак, гьединго, 33 «СубхIаналлагь», 33 «АлхIамдулиллагь», 34 нухалда «Аллагьу Акбар» абизе.

РакIалда щвезабила хабалъ мунго цохIо вукIине вугеблъи. Дуда цадахъ щивго вукIине гьечIо, цохIо гьабураб гIамал гурони.

Макьидаса ворчIанщинахъе сивак бахъила, гьаб дугIа цIалила: «АлхIамдулиллагьи ллази ахIяна багIда ма аматана ва илайгьи ннушур», - абураб.

МагIна: «Аллагьасе ﷻ рецц буго, хун хадув дун чIаго гьавурав Гьединав БетIергьанасе, Гьесде буго нилъер руссинги».

Муслимица бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Нужер цоясда бокьулареб жо макьилъ бихьараб мехалъ, гьеб ккола шайтIаналдасан бугеб жо, гьелъул квешлъиялдаса цIунеян гьаре ва лъиданиги бицунге. Гьедин гьабуни, гьеб макьица зарал гьабуларо», - абун.

Бухариясги Муслимицаги бицараб кьучIаб хIадисалда свалат-салам лъеяв Аварагас абун буго: «Щив вугониги жинда дун макьилъ вихьун, гьесда дун ворчIараб мехалдаги вихьизе вуго», - ян. Макьидаса кида ворчIаниги, ворчIарав чияс гьаб дугIа цIалила: «АлхIамду лиллагьи ллази ахIяна багIда ма аматана ва илайгьи ннушур».

МагIна: «Щибаб рецц Аллагьасе ﷻ буго хвезарун хадуб Жинца ниж чIаго гьарулев, ахир ниж Гьесде руссинеги руго» (Бухари, Муслим).

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)   Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....


РабигIул аввалалъул хIурматалда

ЦӀунтӀа районалъул Гьинухъ росулъ тӀобитӀана баракатаб рабигӀул аввал моцӀ тӀаде щвеялда бан мажлис. Дунялалъул бусурбабазе гьеб моцӀ ккола хасаб рухӀияб цӀилъиялъул заманлъун. Муъминзаби мажгитазда ва рокъор данделъула Аллагьасе рецц гьабизе, Аварагасде ﷺ салават битIизе, гьесул гӀумруялъул...