Аслияб гьумералде

ЖамагIатал цоцазе хIалае рахъуна

ЖамагIатал цоцазе хIалае рахъуна

ЖамагIатал цоцазе хIалае рахъуна

ХIурматиял диналъул вацал. Нижеца хIаракат бахъула казияталдасан диналда хурхарал масъалаби гурелги гIумруялъул цогидал рахъалги жанибе бачараб баян загьир гьабизе. Гьоркьо-гьоркьоб нижер дандчIвай ккола шагьаразул ва районазул нухмалъулезулгунги. Гьаб нухалда нужергун лъай-хъвай гьабизе бокьун буго ЧIарада районалъе нухмалъи гьабулев МухIидин МухIаммадовасулгун.

 

 

 

БАЯН

МухIамадов МухIидин гьавуна 1972 соналъул 6 маялда ЧIарада районалъул ЦIуриб росулъ. Росдал школа лъугIидал цIалана Россиялъул МВДялъул Доналда бугеб Ростовалъул юридикияб институталда. 1997 соналъ хIалтIана жанисел ишазул органазда. 2015 соналдаса байбихьун жакъа къоялде щвезегIан гьес нухмалъи гьабулеб буго ЧIарада районалъе.

 

 

 

 

- МухIидин, аслияб кIвар сунде кьолеб бугеб ва районалда ругел гIадамазе бакIазда гIураб хIалтIи бугищ?

- Нухмалъиялъул хIалтIи байбихьана жамагIаталъул бищун кIвар бугел ва хIажалъаби цIикIкIараб токалъул, лъел ва нухазул суалал тIуразариялдасан. Гьале чанго сон унеб буго токалъул суал рагIалде бахъинабулаго. Жакъа щибаб росдае ихтияр кьун буго пачалихъалъул гIемерал проектазда гIахьаллъи гьабизе. Гьелда бан, «Мои дороги, мой Дагестан» проекталда нижеца жигараб гIахьаллъиги гьабула. «Комфортная среда» абураб проекталда рекъон, парказулал зонаби гьаруна ГIириб ва ЦIуриб росабалъ. «Чистая вода» проекталда гIахьаллъиги гьабун, Гьочоб росулъе бачана лъим. Цо-цо проектазда гIахьаллъи гьабизе ккани, тIуразаризе кколел масъалаби рукIуна. Масала, «Комфортаная среда» проекталда гIахьаллъизе ккани, пуланаб росулъ 1000 чиясул хъвай-хъвагIай букIине ккола. Амма гIахьаллъи гьабизе рес бугелщинал проектазда нижеца гIахьаллъи гьабизе хIаракат бахъула.

МагIишат гьабизе бокьарав чиясе щибго квалквал гьечIо. ГIи-боцIуе кигIан бокьаниги мегIер-гIалах буго районалда. ХIалтIулев чиясе гIунги-тIокIал ресал руго. Амма квеш ккараб жо буго ахираб заманалда гIадамазе, хасго гIолохъабазе къо бихьун хIалтIизе бокьулеб гьечIолъи. Гьелъие гIиллаги батила нигIматал гьарзалъи. Къо бихьизе течIого пачалихъалъ хьихьун ругелъулха гIемерисел. Цебе умумузда бихьулеб букIараб къо нилъеда, чIахIияб гIелалда лъала. Жакъа нилъер щивасул магIишат гьезда бихьун букIарабани, гьел хIайранлъилаан. ГьедигIанги шукру гьабизе ккараб хIал буго жакъа.

Чанго соналъ цебе росабалъе хьвадулелъул мина-рукъ балел хIалтIухъабазул цониги чи чIарадисезул дандчIвачIо. Киналго рукIана къватIиса рачIарал. Гьадинаб заман бачIун бугоха жакъа нилъеде.

Цоги мисал, районалъул цо росулъ бугеб кирпич къотIулеб цехалда киналго хIалтIухъаби ратана узбекал. Харж кигIан бугебин цIехедал, гьез бицана 60 азарго гъурщиде рахунилан. Гьеб цехалъул хважаинасда цIехана лъикIаб харжги бугеб мехалда росулъа гIолохъаби щай рачунарел хIалтIизейилан. Гьес абуна, росулъа гIолохъаби рачIунел рукIаралани, гьал узбекал дие къваригIунароанин абун. Гьединлъидал хIал щун гьабулеб хIалтIи лъиего бокьулеб гьечIо. КъваригIун буго бигьаго рокъобе бачIунеб боцIи-мал. Аллагьас ﷻ бичIчIи кьеги киназего.

 

 

 

 

 

Миллаталъул букIинесеб бараб буго гIолилазда

 

 

 

 

- Районалъул жамагIаталъулгун гьоркьоблъи кин гьабулеб?

- ЧIарада районалда гIумру гьабун вуго 14 азаргогIанасев чи. МацI батIиял росабиги руго, лаказулги буго цо росу. Гьале дун бетIерлъун таралдаса нахъе ва гьелда цебеги дида рагIичIо цо росдал жамагIат цогидаб росдал жамагIатгун дагIба-рагIиялда бугин абураб жо. Дица абила, районалъул буго цIакъ гъункараб, цоцазул адаб-хIурмат гьабулеб жамагIат. ХIатта цо росулъ хвел ккани, цогидал росабалъаги рачIуна гIадамал зигара базе. Цоцазулъ ригьин-цIаги, гIагарлъиги буго нижер. Диргоги гIагарлъи буго чанго росулъ. Гьелдаго цадахъ, мадугьалзабилъун кколел гъунисезулгунги буго лъикIаб гьоркьоблъи. ХIажалъи ккедал, цоцазе кумекалъеги рахъуна. Ракьал ва цогидаб жо сабаблъун киданиги букIинчIо дагIба-рагIи. Аллагьас ﷻ гьадин таги кидаго.

 

- ГIаммаб халкъалъегун диналъе пайда бугел гIадамал гIемер ругищ районалда?

- КъваригIаралъур ратулел бахIарзал, меценатал, депутатал руго нижер. Гьединаздасан ккола мецинат ва депутат МухтарахIмадги. Щиб кумек къваригIаниги кидаго хIалае ватула гьев. Дида жеги рагIичIо унтарав чи гьесухъе кумек гьарун вачIун ва гьес кумек гьабичIого нахъвитIанин абун. Росу тун къватIир ругезеги квербакъула гьес. Цониги мажгит-мадраса батиларо гьесул квер щвечIеб.

Гьединго, районалда ва районтун къватIир ругел чIарадисез, кинаб гьаригун аскIоре аниги, жеги нахъчIвачIо.

 

- ГIун бачIунеб гIелалъулгун гьарулел ишал, хIалтIаби ругищ?

- Миллаталъул букIинесеб бараб буго гIолилазда. Нилъер умумуз тараб гIадат, маданият, махщелал цIуниги гьезда бараб буго. ВатIан ва тIолабго улка тIегьазабулелги гьел руго. Гьединлъидал нижеца кутакаб кIвар кьола гIун бачIунеб гIелалъе тарбия ва лъай кьеялде. Хасго школазда цIалулезулгун гьарула рухIияб лъай кьеялъул, наркоманиялда хурхун, экстемизмгун терроризмалъул бицун гара-чIвариял. Гьелъие нижее кумекги гьабула Динияб идараялъул хIалтIухъабаз ва росабазул имамзабаз.

 

- ЦерегIанго моцIазда нужер районалда тIобитIана мажлис. Гьениб гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфти АхIмад-афандиясги...

- БитIараб бицани дун ва нижер жамагIат цIакъ рохарал руго, нижги кIодо гьарун муфти нижехъе вачIиналдаса. Кутакалда лъикIаб ва пайдаяб мажлис букIана. Дица гьеб мажлисалдаги абуна, жакъаги абулеб буго, чIарадисезул жамагIаталъеги диеги цIакъ вокьула нилъер муфти. Жакъа Динияб идараялъ кутакаб хIалтIи гьабулеб буго жамгIият цолъизабиялъе, гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъе, рагъ-кьалалдаса нилъ киналго цIуниялъе.

 

- Украинаялда унеб хасаб рагъулаб операциялда хурхун щиб хIалтIи гьабулеб бугеб?

- Дир пикруялда, ватIан цIунизе щивав чи вахъине ккола. Цо-цояз абулеб рагIула гьеб нилъер рагъ гурин абун. Гьедин абулезда дица абила, жакъа СВО Украинаялда унеб батани, метер гьеб нилъер гьанибеги щвани, нилъ кире кIанцIизе ругелин абун. Дида бичIчIула гьенир ругел гIолохъабазул улбузул хIалги, гьез тIолел магIабиги. Дир вацгIаласул вас, дир яцалъул ясалъул рос ЧIарада районалдаса тIоцеве гьениве арав чIван вачIана. Аллагьас ﷻ гьесул мунагьал чураги. Дир заместителасул васги вуго гьенив, СВО байбихьаралдаса нахъе.

Рагъулаб оперция байби-хьизегIанго, контрактги хъван, харжги босун, хIукуматалъ кьураб рукъги босун вугев чиясда лъалеб букIана цо къоялъ рагъ байбихьидал гьениб гIахьаллъи гьабизе кколеблъи. Районалда, батIалъи гьечIо хIакимасул вас вукIа, бечедасул вукIа, ялъуни гIагарав вукIа - киналниги цо къагIидалъ бащадал руго дие. ТIаде ккараб къо бихьинчияс хIехьезе ккола. Аллагьас ﷻ гьеб операцияги хехго лъугIаги, нилъер гIолохъабиги сах-саламтго тIадруссаги.

 

Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...


Районалъул ифтIар

Гъуниб росулъ тIобитIана районалъул тIолалго росабалъа рачIарал гIадамаз гIахьаллъи гьабураб кIалбиччаялъул мажлис. Гьениб бицана цолъиялъул ва цадахъ рекъон рукIиналъул бугеб кIваралъул, рамазан моцIалъул хиралъиялъул ва гьеб индалги гьабулеб гIибадат гьоркьоб къотIизе тезе бегьулареблъиялъул...


РитIухълъиялъул аслу

Халкъазда цебечIарал масъалабазул цояб ккола адаб гьечIолъи. Хасго гьеб загьирлъула гӀолеб гӀелалда гьоркьоб. Адаб-хӀурмат, яхӀ-намус ккола сахаб жамгӀият букIиналъе лъолеб кьучӀалъул цояб. ГIемерисел масъалаби, захIмалъаби, ритӀухълъи гьечIолъи бугелъулха адаб гьечIолъиялъул...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...