Аслияб гьумералде

«Социалияб такси»

«Социалияб такси»

Дагъистаналъул муфтияталъ гIуцIараб «Инсан» фондалъ, республикаялъул ЗахIматалъул министерствоялъул квербакъиялдалъун, хIалтIизе биччана цIияб социалияб проект. Гьеб ккола хьвадизе рес гьечIел, сакъатал, херал ва къварилъиялде ккарал гIадамал раччизе такси чIезаби.

 

Проекталъул мурад буго жидер щибаб къойилаб гIумруялда жаниб кумек къваригIарал гIадамазе гьеб рахъалъ бигьалъи гьаби. Гьезие «Социалияб таксиялда» хьвади букIине буго чIобого. Машинаялъ кумек гьабизе буго гьезие медицинаялъул ва социалиял объектазде рачине. Байбихьул заманалда МахIачхъалаялда хIалтIизе буго микьго машина. Фондалъул нухмалъулезул пикруялда рекъон, рес рекъани, гьединалго таксаби рукIине руго Дагъистаналъул цогидал шагьараздаги.

«Социалияб такси» хIалтIизе биччаялъул тадбир тIобитIана МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул азбаралда. ХIалтIи кинаб къагIидаялъ тIубазабизе бугебин абураб мурадгун, нижер мухбир щвана таксиялъул жавабиявлъун вугев «Инсаналъул» хIалтIухъан МухIаммадкамил Гъазиевасухъе.

 

- МухIаммадкамил, «Инсаналъ» гьеб проект кин жиндего тIаде босараб?

- ЦерегIан къоязда гурони гьелъул рагьун бицинчIониги, такси хIалтIулеб бугелдаса моцIалдасаги цIикIкIун заман буго. Щибаб къойил кIалъалел чагIиги руго машина хIажат бугин абун.

«Инсан» фондалъ гьеб иш тIаде босана, муфтияталде гьединаб гьари бачIиндал. «Инсан» гьечIищха хIажалъи ккарав чиясе кумек гьабизе абураб нияталда муфти, шайих АхIмад-афандияс кьучI лъураб фонд.

 

- Таксиялда рекIине лъил ихтияр букIине бугеб?

- Гьаб такси букIине гьечIо гIицIго фондалъул къайимлъиялда ругезе кумекалъе чIезабураблъун. Гьалъ раччизе руго хIажалъи тIалаб гьабун рачIарал киналго. Амма киналго чагIи раччун бажаруларелъул, нижеца раччизе руго тIоцебесеб группаялъул инвалидал, аутизмалъ, ДЦПялъ унтарал лъималгун гьезул улбул, СВОялъул гIахьалчагIазул унтарал чагIи.

 

 

 

 

- Цо чияс чан нухалъ ахIизе бегьулеб машина?

- Ресалда рекъон гьединазе анкьида жаниб машина чIезабизе хIаракат бахъизе буго кIиго-лъабго нухалъ. Щайин абуни, нижехъе кIалъан рачIунезул къадар гIемер буго, амма машинаби дагь руго. Хьул буго гьабулеб хIалтIи бихьун хадуб ресалда ругел чагIаз гIахьаллъи гьабилин абураб.

- Щал бакIазде раччизе ругел гьединал чагIи?

- Раччизе руго больницабазде, реабилитациялъул центразде. РукIуна республика бахун къватIире ине кколелги, гьезие кумек гьабизе буго аэропорт гIадал бакIазде щвезаризе.

Кинабниги буго микьго машина, анкьгояб - «Ларгус». Шоферзабиги гIезегIан лъикIал гIолохъаби руго, ай хIажатазе бажарараб кумек гьабизе хIадурал. Цо машина буго, коляскаялдаса вахъине бажаруларев чи гъоркье-тIаде вахине ккеларедухъ, гIодов чIовухъего машинаялда рекIине санагIатаб пандус лъураб.

 

- Машина ахIизе хIажатаз кин нужергун бухьен гьабизе бегьулеб?

- Цебе букIарабго программаги буго, ахIизе телефоналъул номерги буго, хисизабураб жо гьечIо. ХIажатаб жо буго метер машина къваригIараз жакъаго ахIи. Цинги нижеда лъала кинаб ва щиб санагIалъиялъул машина гьезие чIезабизе кколебали.

 

- Газета гьоркьобккун щиб абилеб нужерго гьеб хIалтIуда хурхун?

- Аварагасул ﷺ хIадисалда абуралда рекъон, хIажалъи бугев чиясе нилъеца кумек гьабурабгIан мехалъ, Аллагьас ﷻ нилъееги гьабула. Гьаб буго нижеца цIияб рагьулеб иш, байбихьуда букIуна дагьаб захIмалъи. Гьединлъидал хIажат руго, бензин тIезе заправка бугел ратаниги, машина хведал гьелъие гIиси-бикъинаб ремонт гьаби гIадаб бугониги иш гьабулел кумекчагIи.

 

Гара-чIвари гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...