Аслияб гьумералде

Ращалъи цIунун хIалтIани, жамагIатал рази рукIуна

Ращалъи цIунун хIалтIани, жамагIатал рази рукIуна

Хунзахъ районалъул бетIер Задиев НурмухIаммадилгун гара-чIвари

 

НурмухIаммад Задиев ккола Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росулъа. ХIалтIана налогозулаб полициялда, МВДялда. 2018 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго Хунзахъ районалъул бетIерлъун. Дагьал церегIан къоязда ниж дандчIвана НурмухIаммадгун ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари.

 

– НурмухIаммад, районалъул бетIерлъуде ккедал, тIоцебе щиб рахъалде кIвар буссинабураб ва сундаса хIалтIи байбихьараб?

- Советияб улка биххун хадуб, мугIрузул районазда рехун тараб ва бищун цебе кIвар кьезе ккараб масъала букIана лъай кьеялъул иш роцIцIинаби. Жакъасел лъималазул лъай, цебесеб гIелалде дандеккуни, нахъе ккараб буго. Гьезулъа тIагIунеб буго чIахIияздехун адаб, гIисиназдехун хIурмат, гIадлу-низамалъул бицинего ккеларо.

Гьединлъидал, учительзабиги эбел-эменги гIахьал гьарун гьеб рахъалде кIвар бусинабуна нижеца гьел соназ.

 

 

 

 

– Гьаб заманалда гIемер бицуна хIалтIи гьечIолъиялъул. Нужер буго, ах-хур гьабуниги гIи-боцIи хьихьаниги, бетIербахъи гьабизе рес бугеб район. ГIаммаб халкъалъе хIалтIи букIинабиялда сверухъ гьабулеб хIалтIи бугищ?

- ХIалтIи гьечIин абураб жоялда дун божуларо. Гьеб буго хIалтIизе бокьуларез бицунеб хабар. ХIалтIизе бокьарав чиясе гьеб кигIан бокьаниги буго. Районалда нижеца рана, масала, ЛъагIилухъ, Шотода, ГIобода росабалъ школал, Хьиндахъ бан лъугIулеб буго, цIигьабун къачIалеб буго ЦIада росулъ бугеб «Журавли» комплекс. Гьел объектазда хIалтIулезе къойие, бищун дагь, 1500 гъурущ щола ва лъабго нухалда кваназеги гьарула. Амма гьел бакIазда хIалтIулезул цонигияв гьечIо нижерго районалдаса. ГIемерисезе къваригIун буго хIалтIичIого, гIакъуба бихьичIого бигьаго гIарац щвезе. ГIемерав чи вукIуна завод-фабрикал гIадал бакIал цIигьаризе къваригIун. Амма чан чи вугев ах гIезабулев, гIи-боцIи хьихьулев? Нижеца арендаялъе кьун буго Харахьи росулъ бугеб завод. Хадубккун нигIмат гьабизелъун гьенибе къабул гьабула пихъ.

 

– Районалъул росабазулгун гьабулеб хIалтIи кин рекъезабун бугеб?

- Гьарулел хIалтIабазулъ дица ращалъи цIунула. Гьединго жамагIатаздаги лъазе ккола Хунзахъ росу райцентр бугеблъи ва тIаде вачIарав чиги гьаниве щола, лъикIаб-квешабги тIоцебе гьаниб бихьула. Амма цониги росу гьечIо районалда, нух гьабизе ккаразе гьеб къачIан, лъим бачине ккаралъубе гьеб бачун, школа, ясли, парк гIадал бакIазда ремонтал гьарун, хIалтIи гьаричIеб. Ращалъи цIунун хIалтIи гьабидал, жамагIаталги рази рукIуна.

 

– Республикаялде ва хасго нужер районалде рачIунел туристал гIемерлъулел руго. Гьелда хурхун щиб хIалтIи гьабулеб бугеб?

- Туристал рачIунеб бакIазда, кьурул рагIалдасан хIинкъи гьечIого букIинелъун, дагьаб цебе нижеца ккуна 600 метралъул манзилалда биццатаб квар (трос), машинаби рачIунеб бакIалда, рагIалдаса гIебеде лъуна блокал. Гостиница, кафе, столоваял руго хасал чагIазул. Гьединал бакIаздаса бачIараб налог хвезабула хадубккун гьезиего пайда букIунеб нух бугониги цогидал жал ругониги гьаризе, санагIалъаби чIезаризе.

 

Нилъер улкаялда исанасеб сон лъазабун буго Расул ХIамзатовасул лъагIеллъун. Гьелда хурхун кинал тадбирал гьарулел ругел районалда?

- Баркала буго улкаялъул президент В. Путиние, гьес тIубараб улкаялдаго жеги машгьурлъизабуна нилъер Расулил цIар. Тарихалда жеги цониги хIужа букIинчIо пуланав чиясул цIаралда улкаялда тIубараб лъагIелго лъазабураб. Гьелда хурхун гIезегIанго тадбирал тIоритIана районалда. Расулил цIар кьураб цIияб школа рагьизе буго исана сентябралда ГIарани росулъ. Августалъул ахиралде лъугIизе ккола ЦIада росулъ бугеб «Журавли» комплекс цIигьабун къачIан. ГьоцIалъ росулъа байбихьараб Расулил рукъалда аскIобе щвезегIан цIияб хъил тIун къачIалел руго нухал. ХIалтIаби гьаруна гьесул рукъ-музеялда. Гьесул цIаралда хурхун бугеб программаялда рекъон хадурккун разе чанго школа ясли-ахги буго жеги проекталда.

Аслияб тадбир букIине буго микьабилеб сентябралда, МахIачхъалаялда. Районалда - ичIабилеб сентябралъул къоялъ. ЦохIо исана гуребги, щибаб санайил гIуцIула нижеца Расулил хIурматалда байрамал.

 

 

 

 

– Диниял хIаракатчагIазгун цадахъ гьарулел хIалтIаби рукIунищ?

- Диниял хIаракатчагIазда цадахъ гьарула гIемерисел ишал. Гьелъул хIасилги ккола. Жакъа бищун кIвар кьезе ккун буго гIун бачIунеб гIелалъе битIараб тарбия кьеялде. Гьелда хурхун нижеца, умумулги ракIарун, гIезегIанго данделъабиги гьарула.

 

НурмухIаммад, казият гьоркьобккун, щиб абилеб магIарулазда?

- МагIарул халкъалъул бищун кIудияб бечелъи буго яхIги намусги. Гьеб цIунизе ккола щивав чияс. Гьединго, ясли-ахаздеги школаздеги рехун течIого, эбел-инсуца рокъоб малъизе ккола лъималазда тарбияги хьвада-чIвадизе кколеб къагIидаги. Нилъер умумузул цоцазде букIараб адаб-хIурматалъул пикру гьабе, гьеле гьеб жо нилъецаги гIун рачIунел лъималазулъ лъезе ккола.

Казияталъул хIакъалъулъги абила, кагътида хъвараб цIалулел гьаб заманалда дагьлъулел руго. Амма, МашаАллагь «Ас-салам» казият, гьеб нижеца цIалула. Дун кутакалда вохула Дагъистан бахъун къватIивехун киве щваниги «Ас-салам» батараб мехалда ва гьеб тIибитIизабулел гIолохъаби рихьидал.

 

Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

 

 

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ЗахӀматбихьи Аллагьасе ﷻ бокьулеб иш

Исламалда жаниб хасаб бакӀ ккола захӀматалъ, хасго творческияб хӀалтӀиялъ ва ракьалда хурхараб хӀалтӀиялъ.   Росдал магӀишат ккола бищунго хириял пишабазул цояблъун, ракьалъул ургъел гьабиялъул, гьелъул лъикӀлъиялъул, Аллагьасул хIикматалда рекъон гӀадамазе квен-тӀех чӀезабиялъе ва гIмру...


ХIежалъул хIакъалъулъ цIияб тIехь

ДРялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъ къватӀибе биччан буго хӀежалъул тIадал ишал тӀураялъул къагӀидабазул бицараб цӀияб тӀехь. Гьеб басма ккола хӀежалде ине хӀадурлъулел бусурбабазе чара гьечIеб мажмугI. ЦӀияб тӀехь ккола «Дир зиярат» абураб сериялъул бутӀа, гьелда гъорлъе уна...


КIудияб бергьенлъи щвела

ЗулкъагIида ккола бусурбабазул моцIрол календаралъул анцIила цоабилеб. Жибго «къагIада» абураб рагIул магIна ккола «гIодов чIей», яги хIалтIи гьабичIого чIей. Гьедин моцIалда цIар тарабги букIана гьеб заманалда гIадамал рагъ-кьал гьабиялдаса нахъекъан чIолеллъун...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулаева ХIалимат, 7 сон, Зило росу. ГIабдурахIманова Меседо, 8 сон, КIудиябросо. ГIабдулгIазизов АхIмад, 6 сон, Ленинаул росу. Дадаев Исрафил, 11 сон, Хубар росу. Давудбегова...


ХIафиз ибн Башкъул КъуртIуби

Имам, хIафиз, факъигь, тарихчи Абулкъасим Халаф ибну ГӀабдулмалик ибну МасгӀуд ибну Муса ибну Юсуф ибну Дакъагь ибну Наср ал-Ансари ал-Хазражи ал-Андалуси. Гьесул тIокIцIар ккола ибну Башкъул КъуртIуби. Гьев гьавуна гьижрияб 494 соналъ.   Ибну Башкъулица гӀелму босизе байбихьана гӀолохъанаб...