Аслияб гьумералде

Тохтурзабаз росабалъе сапар гьабуна

Тохтурзабаз росабалъе сапар гьабуна

«Сахаб росу» – абулеб рахIмуялъул проекталъул гIурхъабалъ Москваялдаса тохтурзабазул къукъа исана февралалда щвана ЦIумада мухъалъул БежтIа участокалде.

КIиго къоялда жаниб тохтурзабаз къабул гьавуна 550 унтарав. Гьединго бажарана гьитIинаб бугониги операция гьабизеги. БакIалъул медиказе мастер-классги гьабуна хехаб медициналъул кумек гьабиялъул рахъалъ.

«Сахаб росу» проекталдаса тохтурзабази щвана ЦIумада мухъалъул Агъвали росулъеги. Гьениб районалъул централияб больницаялда, бакIалъул медперсоналгун рекъон, гьез кIиго къоялъ къабул гьаруна гьеб мухъалъул унтарал.

ГIамм гьабун ункъго къоялда жаниб кIиго росдал больницаялда консультация гьабуна 1000 пациентасе. Гьеб проект баккиялъе рукIарал гIиллабазул ва гьезул хадусел планал цIехон нижеца гара-чIвари гьабуна проекталъе нухмалъи гьабулев ва гьеб гIуцIарав Агамов Загир Хидировичгун.

Гьев ккола тIадегIанаб категориялъул тохтур, медикиял гIелмабазул кандидат ва гьесул буго «Москваялъул тохтур» абураб статус.

– Загир Хидирович, бице дурго хIакъалъулъ, кив цIаларав, махщел тIаса бищиялъе гIиллалъун щиб ккараб?

- Гьавуна ва гIуна МахIачхъалаялда. Дир кьалбал руго МухIарамкент мухъалъул Картас-Казмаляр росулъа. Гьоркьохъеб школа лъугIиндал цIализе лъугьана медакадемиялде. 2004 соналда Астраханалда «урология» специальносталда ординатура лъугIун хадуб гочана Москваялде.

Гьенив №115 ва Мерси абулеб №1 клиникиял больницабазда хIалтIулев вуго. Гьединго дица лъугIизабуна Семашкол цIаралда бугеб Миллияб НИИги. 2013 соналда цIунана диссертация. Гьелдаса бахъараб гьанжелъизегIан дун вуго гьеб институталъул гIелмияв хIалтIухъан, гьенив дун хIалтIулев вуго докторасул диссертациялда тIад.

ГьитIинаб къоялдаса букIана дир тохтурлъун вахъине анищ. Дица кидаго хIайранлъун хал гьабулаан тортурзабаз гIадамазул гIумруял хвасар гьабулеб ва гьезие унтаби къезаризе кумек гьабулеб куцалъухъ. Дица тохтурасул хIалтIи рикIкIуна бищунго хIажатаблъун.

– «Сахаб росу» абулеб проект кин баккараб жо?

- Гьеб проект гIуцIиялъе букIана чанго гIилла. Москваялда хIалтIулев дихъе гIемер рачIуна дару гьабиялъе квербакъи гьарун ракьцоял. Гьезул гIемерисезулги букIуна захIматаб хIал, унтаби рукIуна кколеб кумек щвечIого яги дару гьабичIого квешаб бакIалде щун.

Гьелъие гIемерисеб нухалда гIиллалъун букIуна росабалъ медициналъул кумек щвалде щвараб гьечIолъи. Гьединго, короновирус тIибитIараб заманалда «багIараб зоналда» хIалтIулаго гIадамазул гIумруялдехун ва сахлъиялдехун дир бербалагьицин хисанин абизе бегьула.

Гьелдаго цадахъ, короновирусалъул инфекциялда бан Дагъистаналда бугеб захIматаб ахIвал-хIалги бичIчIун, республикаялъул медиказда бугеб къоги лъалаго дир хиял ккана ракьцоязе кумек гьабизе. Гьадин бижана «Сахаб росу» абулеб проект.

Гьадин тохтурзабазул бригадабаз байбихьана 2020 соналъул сентябралдаса журан Дагъистаналъул росабалъе хьвадизе.

– Бигьаяб букIунищ гьединаб хIалтIуе дургун пикругIахьалал ратизе?

- Гьеб проекталъул дица бицарабго коллегабаз ва гьудулзабаз дир рахъ ккуна ва кумек гьабизе бугеб жидерго хIадурлъиялъул лъазабуна. Кидаго абухъе дида цадахъ рукIуна Вересаевасул цIаралда бугеб ГКБялдаса Лаврусь Максим Владимировичги №52 ГКБялдаса Матюхин Анатолий Дмитриевичги.

Минздравалъул неврологиялъул централдаса, Бакулевасул цIаралда бугеб ракIалъул хирургиялъул гIелмияб централдаса пишацоялги ва Ерамишанцевасул цIаралда бугеб ГКБялдаса травмотологалги гIахьаллъула нижер проекталда.

Гьезда тIадеги, щибаб сапаралдаса хадур нижер мухъилъе Дагъистаналдасагун Москваялдаса журала цIи-цIиял тохтурзаби. Гьадин проекталъул даимал гIахьалчагIилъун рахъана Республикаялъул клиникияб больницаялъул хирург ХIажиев ГIумар ХIажиевич, ДГМУялъул дерматовенерологиялъул кафедраялъул хIалтIухъан Муслимов МухIамад ГIумарович. Дица кIудияб баркала кьолеб буго гьеб кумекалъухъ диргун пишацоязеги гьудулзабазеги.

– Нужер проекталъул гIурхъабалъ кин гIуцIулел росабалъе сапарал?

- ТIоцебесеб сапар нижеца гьабуна 2020 соналъул сентябралда дир гIагараб росу Картас-Казмаляралде. Лабараториябгун-инструменталияб диагностикаялда хадуб нижеца гьениб хал гьабуна росулъ вугевщинав чиясул.

Ратана гьенир гIемерал унтарал, цо-цоял цIакъго захIматго ругоан. Медициналъул тIадегIанал технологиязул кумекалдалъун цо-цоязе дару гьабуна Москваялда. Гьелдаса хадуб жиде-жидер росабалъеги тохтурзабазул бригадабигун рачIайин хабар бачIана цогиязги.

Гьедин ниж щвана Агул, ЦIунтIа, ЦIумада мухъазул росабалъе. ГIагараб заманалда Дербент мухъалде щвезеги ракIалда буго. Сапаралъ къватIире рахъинегIан цевеккун дунго уна ахIвал хIал лъазабизе. Цинги щал специалисталгун вачIине кколевали лъазабун, росабазул ва больницабазул бутIрулгун данд бала кинаб хIалтIи гIуцIилебали суал.

Районазде гьабураб сапаралда больницаялъул хIалтIухъабигун

– Кинаб къимат кьолеб нужеца гьабураб хIалтIуе ва хадубккун щиб гьабизе ракIалда бугеб?

- Нижеца хал гьабуна 2000 чиясул. 50 чиясе кумек гьабуна Москваялъул клиникабазда тIадегIанал технологиязул кумекалдалъун дару гьабизе. Нижее даимго баркала кьола гIадатиял гIадамазги районалгун росабазул администрациязги.

Дун цIакъ вохун вуго кумек къваригIаразе гьеб гьабизе рес щвеялдаса. Жакъа къоялде Дагъистаналъул батIи-батIиял бакIаздаса къогониги кумек гьарун тохтурбазазул бригадагун вачIаян хитIаб щун буго дихъе.

Халкъалъе гьединал тадбиразулъ бугеб кIудияб хIажалъи бихьун, дие бокьилаан «Сахаб росу» федералияб проектлъун лъугьине. Гьелъ кIудияб квербакъи гьабизе букIана росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамал сахлъизаризе.

– Кинал захIмалъаби дандчIвалел нужеда гьеб проекталъул гIурхъабалъ хIалтIи гIуцIулаго?

- Гьеб рахъалъ нижер гьечIо кинал рукIаниги проблемаби. Нижергун рохун дандчIвай гьабула гIадамазги медициналъул хIалтIухъабазги. Нижер киналго тадбиразулъ кумек гьабула росабазул администрациязги медициналъул хъулухъазги.

– МугIрузул росабалъ кинал унтаби цIикIкIун ратарал? Нижер газета гьоркьобккун кинал малъа-хъваял гьарилел цIалдолезе?

- Бищунго цIикIкIун загьирлъана ракIалъул унтаби. Гьединго абизе кIола нервабазул унтабигун онкология гIемер бугин. ГIезегIан чагIи ругоан артрозалъул захIматаб хIал бугел. Гьезул чангоязе сустав хисун оперцияцин гьабуна, цо-цоял тIуранго сахлъана.

Ратула рекIеда кьватIел (порок сердца) букIун, гьеб бугеблъи лъаларелги. Бихьиназда гьоркьор гIемер руго простата бугел. Ругоан мекъса диагнозги лъун гIемерал соназ гьечIеб унтуе даруги гьабун бугеб унтуе кумек щвечIелги.

Дица ракьцоял ахIилаан жидерго сахлъиялдехун кколеб кIвар кьезе. Унти биччангутIизе бигьаяб букIуна, гьеб сахлъизабиялдаса. Бугеб унтуе нужго нужедаго дару гьабизе лъугьинчIого тохтурзабахъе а.

ГАРА-ЧIВАРИ ГЬАБУНА ГЪАЗИЕВ МУРАДИЦА

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ХIежалъул хIакъалъулъ бицана

ХӀежалде ине заман щолеб букIиналда бан, МахӀачхъалаялда тӀобитӀараб данделъиялда гIахьаллъана хӀеж борхиялъул рахъалъ жавабиял идарабазул ва гӀуцӀабазул вакилзаби. Гьенир гьоркьор лъурал аслиял суалал рукӀана авиатранспорталда, сапаралъул шартӀал, СагӀудиязул ГӀарабиялъул Къираллъиялъул тӀалабазда...


ЗахӀматбихьи Аллагьасе ﷻ бокьулеб иш

Исламалда жаниб хасаб бакӀ ккола захӀматалъ, хасго творческияб хӀалтӀиялъ ва ракьалда хурхараб хӀалтӀиялъ.   Росдал магӀишат ккола бищунго хириял пишабазул цояблъун, ракьалъул ургъел гьабиялъул, гьелъул лъикӀлъиялъул, Аллагьасул хIикматалда рекъон гӀадамазе квен-тӀех чӀезабиялъе ва гIмру...


ИсмагIиловас гIахьаллъи гьабуна

ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагIиловас гIахьаллъи гьабуна республикаялъул гIелмиябгун практикияб конференциялда. Гьеб тIобитIана Юстициялъул тIолгороссиялъул пачалихъияб университеталъул базаялда – Северияб Кавказалъул институталда (МахIачхъала шагьар). Гьениб кIалъазе вахъарав...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Мадугьалзабазул лъимер...   Цо тIалаялъ тIадехун ругел цIиял мадугьалзабаз дун махIрум гьаюна кинаб букIаниги парахалъиялдаса. Гьезул лъимер гьоркьоса къотIичIого гIодула яги къаси цо тIубараб мехалъцин бекерахъдула, дванкола. Гьединаб хъуй букIаго хIухьбахъизе санагIалъи букIунаро. Дица...


ГIараб мацIалда гIуцIараб тарихияб мажлис

ХIурматиял магIарулал, инкъилаб ккелалде цебе букIараб заманалде раккани, нилъее якъинлъула тIубараб Дагъистаналъулго хъвай-хъвагIай гIараб мацIалда букIараблъи. Гьелде тIаде цо дагьа-макъабго гIажамалдаги букIун буго.   Балагьеха, гьадигIан гIемер батIи-батIиял мацIал жанир ругеб Дагъистан...