Аслияб гьумералде

Канлъи аниги рехун течIо

Канлъи аниги рехун течIо

Вехьлъи гьаби буго гьабурасда гурони бичIчIулареб хIалтIи. Амма гьеб гIезегIан лъикI бичIчIула Гумбет районалъул Килалъ росулъа Садикъил вас ГIабдулбасирида. Гумбет районалде щведал ниж дандчIвана гьевгун ва гьабуна гьитIинабго гара-чIвариги.

- Цебе школалда микьго класс гурони букIунароан ва анкьго класс лъугIидал дица тана школа. РакIалда букIана шагьаралде цIализе ине. Амма цо-цо гIиллабазда бан рес рекъечIо ва вехьлъун ана. Колхоз биххидал Ставрополалде гочана ва гьенибги байбихьана вехьлъи гьабизе. Гьедин хIалтIана лъебергогIан соналъ.

Гьенив вукIаго беразул канлъи унеб букIана. ПалхIасил, операцияги гьабун ватIалъана квегIаб бералдаса. Цинги гочана росулъеги.

– Цебесебги гьанжесебги заман дандеккуни, щиб абилеб?

– Дир гIелалъул гIолохъабазул заман гIемер лъикIаб букIинчIо. Нилъеего бокьараб гьабизе толароан. Дунги вукIана коммунистазда гьоркьове ккарав чи. Вехьлъун вугеб заманалда вукIана гIухьбузул кIудиявлъун . Нижер заведующий вукIана парткомалъул чи. Цо нухалда гьес абуна мун партиялде лъугьине кколин. Гьедин лъугьана партиялде цо-цо мехалда гIахьаллъизе кколаан собраниязда.

Килалъ росу

– Гьеб заманалда дин-исламалъул иш кин букIана?

– Расги лъикI букIинчIо. Ставрополалде инегIанго, къаси заманалда районалдаса рачIун ратулаан росулъе балъго хьвадизе чагIи. Хъвай-хъвагIай гьабун батулаан мавлид гьабуразулги, муридзабазулги. Жиндирго ишалде вуссинеги толароан, дагьабниги цIикIкIун боцIи бугони, бахъулаан. Гьанже щивасе бокьараб гьабизе ресал руго.

АлхIамдулиллагь, Аллагьас Жиндир иш нухда толарелъул, заман хисидал лъай-хъвай ккана Инхоса КIудиясулгун, СагIид-афандиясулгун, Инхелоса устарасулгун. Ин ша Аллагь, гьанже ине вуго Буйнакскиялдаса КIудиясухъе. Гьезул баракат камун тогеги нилъ.

– «Ас-саламалъулгун» кида лъай-хъвай ккараб?

– Старополалдаса гочаралдаса нахъе газеталъулгун лъай-хъвай ккана нижер. Дидаго цIализе бихьуларелъул, хъизан тIамула рагIизабун цIализе.

Гьеб буго бусурбанчиясе пайда кIудияб нигIмат. ТIоцебе ралагьула цIиял харбазде. Бокьула «Нужер кагътал» абураб рубрика. ГIадамазул сахаватлъиялъул хIакъалъулъ рагIидал лъикIаб асарги гьабула.

Казияталъулгун лъай-хъвай ккаралдаса нахъе, дунгоги кьучIдасанго хисанин абизе бегьула.

– Казият гьоркьоб ккун щиб абилеб?

– ГIемер халлъулеб буго гIолохъанаб гIел чIахIияз бицунелъухъ гIенеккунгутIи. Гьедин бегьуларо. Малъараб босизе ккола. Гьабе чIахIиязул адаб, гурхIа гIисиназда.

гара-чIвари гьабуна/ МухIаммадгIариф Къурбановас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...