Аслияб гьумералде

ВатIан цIунулезул кьерда

ВатIан цIунулезул кьерда

ВатIан цIунулезул кьерда

Шапиев ХIажимухIаммад гьавуна 1996 соналда Гумбет районалъул Килалъ росулъ. Гьоркьохъеб школа лъугIидал, цIалана Дагъистаналъул политехникияб университеталда. ВатIаналда цебе тIадаб борчги тIубазабуна. Чанго соналъ нухмалъи гьабуна росдал КДЦялъе. 2022 соналдаса нахъе гIахьаллъи гьабулеб буго СВОялда. Гьев ккола «За отвагу» медалалъул кавалер, гвардиялъул сержант.

 

– ХIажимухIаммад, кин тIубазабулеб бугеб тIадкъараб иш, кинал захIмалъабигун дандчIвалел ругел?

- Рецц Аллагьасе, гьале кIиабилеб сон данде сверулеб буго дун СВОялда вугелдаса. Бигьалъиги щибха букIинеб, амма бицинегIан кIудияб захIмалъиги гьечIо. Кин бугониги командованиялъ церелъурал масъалаби тIуразарулел рукIуна.

 

– 2014 соналдаса нахъе ДНРалъул ва ЛНРалъул гIадамазда тIад украиналъулазул зулму букIун гьечIин абулел цо-цоял камулел гьечIо. Мун вуго гьеб кинабго бихьарав чи. Бокьилаан хIакъикъат лъазе?

- ГIадамаз бокьараб бицине бегьула, амма хIакъикъат батIияб букIуна. Нижеда гьениб бугеб кинабго бихьана. 2014 соналде щвезегIанго щибго закон гьечIеб, бокьарасда зулму гьабулеб букIанин мукIурлъана нижее бакIалъулал гIадамал. Гьениб ккарабщинаб гьаниб бицинецин рекъон букIинаро, гьедигIанги кIудиял зулмаби рукIун руго. Гьеб кIиябго республикаялъулаз нилъер аскарал цIакъ рохун къабулги гьаруна. ГIемераб гьара-рахьиги гьабулеб букIана гьез зулмуялдаса жал хвасар гьаруралъухъ.

 

– СВО гIадада гьабулеб жо бугин гаргадулезе, гIадамазул пикру хисизабулезе кинаб жаваб кьелеб?

- Гьале дица абулеб буго, нилъер улкаялъ операция байбихьун букIинчIебани, гьеб рагъ жакъа нилъер рокъоб букIунаан. Гьелъие нугIлъи гьабула гьениб рагъуе гьабун батараб кутакаб хIадурлъи бихьиялъ. КъачIарал бомбоубежищеялги, бакIарараб гIемераб ярагъги. Гьеб сундуе букIараб жоха? Узухъда, гьеб буго Россиялде тIаде кIанцIизе гьабун букIараб хIадурлъи.

Жакъа дир рокъоб рагъ букIиналдаса дие бокьила гьеб рикIкIадги букIун, хIатта рухI кьезеги, дирго хъизан-лъималазда гьеб хъвачIого букIине.

 

– ХIажимухIаммад, яргъидалъун ва цогидаб къвари-гIаралдалъун нилъер армия хьезабиялъул иш кин бугеб?

- Гьеб рахъалъ щибго гIайиб чIвазе бакI гьечIо. Щибго камураб жо тун гьечIо командованиялъ нижее. ХIажатабщинаб чIезабула.

 

– Нужее бихьизабун буго хасаб мухь, гьединго тушманасул нужеца хвезабураб яргъихъги хасаб мухь, гьеб тIубазабиялъул рахъалъ кинаб хIал бугеб?

- Щибго гIайиб чIвазе бакI гьечIого кьолеб буго бихьизабураб мухьги, гьединго, дандиязул хвезабураб яргъихъ бихьизабураб къадарги.

 

– Тушман асир гьавиялъул хIужаби кканищ? Гьединго дандиязул яргъил къуват ва рагъухъабазул хIал лъазе рес букIунищ нужер?

- Гьезухъ буго батIи-батIияб ярагъ. Советияб заманалдаго букIаралдаса бахъараб, Англиялъул, Америкаялъул, Германиялъул ва цогидазулги ярагъ буго тушбабахъ. Гьединго дроназул ярагъги гьезухъ букIуна. Ярагъ цебетIеялъ рагъул ишги захIмалъулеб буго. Нилъерги гьездаса щибго къураб ярагъ гьечIо. Гьезие бергьине рагIиги нилъераз кьоларо.

Гьезул рагъухъабазул хIакъалъулъ абуни, ккана чанги нухалда гьел кверде росаралги хIужаби, гьединго рагъ гьабун кверде росаралги. Гьезда гьоркьор рагъ бокьаралги киналго гьечIо. Гьелъие хIужалъун бачине бегьула нижехъе щварал гьезул танказул экипаж, тIад бугеб люкги щулаго регъон, хвезелъун ритIаралги лъугьа-бахъинал.

 

– Цого бакIалда чIун бугин нилъер армия, цебехунго унеб гьечIин абулел камуларо. Гьезие кинаб жаваб дуца кьелеб?

- БитIараб буго, церехун инчIого гIезегIан заман букIана. Гьанже байбихьана цере ине. Дида цо вагIзаялда рагIун букIана бицунеб, Бичасул Аварагасда абун бугила, гьал киналго капурзаби гъурун щайин рачунарел абун. Гьес жаваб гьабун бугила жиндир хIалтIи гьел гъурун тIагIинари гурин бугеб, гьелъул гIаксалда, гьелги цIунун, битIараб диналде ахIи бугин. Лъаларо, гьеб битIараб бугищали, жибго къокъаб магIна ракIалда чIана. Гьелъухъего, церехун инги захIматаб жо гуро. Амма гIемераб би гIодобе тIезе ккезе буго, гIемерав чи ракьалда вегизе рес буго. Нилъер улка буго гIадамазда гурхIараб. Гьединлъидал, президентас цебе лъураб масъала тIубазабулеб буго кIванагIан дагьал камиялгун.

 

– Дагъистаналъул гIолохъа-базда щиб абилеб казият гьоркьобккун?

- Дица гIолохъабазда абила, хасго къватIисел улкабазде ун парахатго ругезда, гьединго, щибго хIажат гьечIел митингазде рахъунезда Дагъистаналъул рахIат хвезабугейин, берцинго ракълида, рахIаталда тейин нилъер ватIанилан абун. Жиндирго къуватги цогидал гьунаралги рихьизаризе бокьарал ратани, нижгун цадахъ ватIан цIунизе рахъа.

 

Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас ва Жабир Мажидовас

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


ННТялъ бергьенлъи босана

МахӀачхъалаялда тIобитIана «Журналистазул вацлъиялъулаб кубок» абураб цIаралда гъоркь мини-футбол хIаялъул рахъалъ турнир. Байбихьуда ННТ команда, ГТРК «Дагестан» командаялдасаги бергьун, борчIана плей-оффалде ва гьенибги медиакомандаялдаса 5:2 хӀисабгун бергьана. Финалалда гьел дандчIвана...


Муфтиясги гIахьаллъи гьабуна

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди гӀахьаллъана РФялъул президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкал нухмалъиялда гъоркь тӀобитӀараб данделъиялда. Гьениб гьоркьор лъун рукIана миллатазда ва диназда гьоркьоб рекъел цӀуниялъул ва гьеб щула...


Аллагьасул ﷻ аманат

ГIемерисел руччабаз хIаракат бахъула хIалакълъизелъун черхалъе гIакъуба кьезе. Гьеб гуро жакъасеб «унтиги», гьедин букIана гIасрабаз цебеги.   МухӀаммад Аварагасул ﷺ суннаталъ нилъеда малъула черхалъулги рухӀалъулги хIал лъикIлъизабиялъе рекъон кколел сабабал. Суннатги ккола...


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...