Аслияб гьумералде

ЛъаратIа районалда «Ас-салам» казият

ЛъаратIа районалда «Ас-салам» казият

ЛъаратIа районалда «Ас-салам» казият

«Ас-салам» газеталъул буго, цIаракиялъул хIисаб гьабун, щибаб соналъ цIикIкIун подписка гьабураб районалъухъе кьолеб байрахъ. Гьеб гьал ахирал соназ тIатIалаго босана ЛъаратIа районалъ.

Никар росдал вакил Низамудин

– АсхIаб, гьабсагIаталда районалда газеталъе подписка гьабиялъул иш кин бугеб?

- Байбихьи лъун буго. Аби бугелъул тIоцебе дуцаго мисал бихьизабейин абураб, гьелъухъего ракIалда буго, тIоцебесеб иргаялда, нижедасаго, ай вакилзабаздаса, имамзабаздаса, «Инсан» фондалъул хIалтIухъабаздаса байбихьун, гIаммаб халкъалъухъе хъвадизе.

Гъоркьиса нижер мурад букIана 735 газета хъвай. ХIакъикъаталдаги хъвана 1555 газета. Исанаги, Аллагьасул кумекалдалъун, кинабго тIубазе буго.

– Газеталъул вакилзабазе кумек гьабулел чагIи ругищ районалда?

- Щибаб росулъ тарав цо-цо вакил вуго. Кумек гьабулел чагIиги камуларо.

– Цогидал районазда гьеб хIалтIи гьабиялъе кумек гьабулищ нужеца?

- Цересел соназ нижеца цин нижерго районалда газета хъваялъул иш тIубазабулаан ва цинги унаан нижго гIадиназе кумек гьабизе. Исана районалда байбихьизегIанго хьвадулел руго цогидал бакIаздеги. Гьале къого къо бана Хасавюрт шагьаралдагун районалда. МашаАллагь, гьениб цIакъ лъикIаб хIалтIи лъугьана.

Гьиндухъ росдал жамагIат, вакил МухIаммад
Барнаб Черел росу, вакил Гъаирбег
Начада росдал вакилчIужу Пирдас-хIажияй
Гьведиш росдал жамагIат, вакил МухIаммад
ЛъаратIа росдал вакил квегIиса, квараниса районалъул вакил
Гъараколоб росдал жамагIат, вакил ХIабиб
Гьиндиб росдал жамагIат, вакилзаби КъурамухIаммад ва Расул

– Газета гIемер хъвараб районалъухъе кьолеб байрахъ нужер районалъ чанго соналъ босана…

- Дун вакиллъун тезегIан районалда вукIарав Мурад-хIажил бажариялдалъун гIемерал соназ босана гьеб байрахъ районалъ. Дун вакиллъун вугелдаса буго лъабго сон. Гьелде щвезегIан нижерго росулъ хIалтIи гьабулаан. Гьел соназда жаниб бащдаб лъагIелгIанасеб заманалъ цо нухалъ байрахъ ана Хьаргаби районалде, цогидаб нухалъ - ЧIарада районалде. Гьанже кIиабилеб сон буго гьеб нижехъ бугелдаса. Ахиралда кьолелъул кидаго нижее абун кьурабги буго. Исанаялде тIубазе кколеб къадар бахинабун буго нижее, иншаАллагь, Аллагьасул кумекалдалъун, гьебги тIубазабун цIияб байрахъ босизеги хIаракат бахъила.

– Газеталъул пайда бичIчIизабулаго гIемер хьвадизе кколелъул, рукIунищ цо-цо ракIалда чIарал лъугьа-бахъинал?

- Лаваша районалда хIалтIи гьабулеб мех букIана доб. Цоясухъе щвана подписка гьабиларищинги абун. Гьес абуна гьабиларин, амма чай кьезе кIолинги абун рачана рокъоре. Хабар-кIалалда рукIаго гьес бицана гьадин: «Рамазан моцI букIана доб. Шагьаралде унелъул нухда, цояс тункизабуна жиндирго машина диралда. Дир букIана хирияб машинаги. КъватIире рахъун кIалъалаго, дир машинаялъухъги балагьун, гьес гьарана Аллагьасе гIоло тIаса лъугьун тейин абун. Гьесул гьариги къабул гьабун, хирияб моцIги бугелъул, квералги рачун ратIалъана ниж. Амма машиналда аскIове вилъун кIиабизе хал-шал гьабидал, я бекун букIараб матIу, я сукIун букIараб гьакибералда тIаса бакI щибго гьечIеб гIадин батана. КигIан хал гьабуниги мухъ цIарабгIанасеб жо халлъизе кIвечIо», - ян.

Цинги дица абуна гьанже Аллагьасе гIололъун газеталъе подпискаги гьабизе ккелин. Цин гьев гьимана, хадуб лъикI бугинги абун, гьес цо жиндиего ва кIиго мадугьаласе, ай лъабго газеталъе подписка гьабуна.

– Газета гьоркьобккун щиб абилеб гьеб иш, ай тIибитIизабиялъе хIалтIи гьабулезда?

- Дунялалъул рокъор нилъ гьалбал руго. Гьединлъидал гьабулеб иш гьабизе ккола ахираталда батизелъун, бацIцIадаб ниятгун.

СикIар росдал вакил Сайфуллагь
Мазада росдал жамагIат, вакил ГIумар
Хидиб росу, вакил ХIасан
Укал росдал жамагIат, вакил МухIаммад
ЦIумилухъ росдал чагIи, вакил Шамил
НугIрухъ росдал чагIи, вакил Нустафа-хIажи
СанигIортIа росдал вакил Рамазан
Къамилухъ росдал вакил Зумрат
НитIиицухъ росу, вакил Къурбан-хIажи
КIособ росдал вакил ГIумар-хIажи

РабигIул аввалалъ Дагъистаналъул щибаб районалъул жамагIатаз тIобитIана ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб РухIияб централда МухIаммад авараг ﷺ кIодо гьавун мажлис-мавлид.

ЛъаратIа районалъ гьединаб мажлис тIобитIулелъул, диниял церехъабазгун «Ас-салам» газеталъул жавабияз кIодо гьаруна Россиялъул батIи-батIиял регионазда ругел ЛъаратIа районалдаса гIолохъаби. Гьедин, гIицIго «Ас-салам» газеталъе хIалтIи гьабулел, Россиялъул бакI-бакIазда тарал вакилзабазул 17-яв вуго рехсараб районалдаса. Аллагьасул ﷻ диналъул нухда сундасаго нахъе къачIого хIалтIи гьабулел сахаватал гIолохъаби гIезаруралъухъ баркала загьир гьабурал кагъталгун сайгъатал кьуна мажлисалда гIахьаллъи гьабурал гьел гIолохъабазул эбел-инсуе «Ас-салам» газеталъул рахъалдасан.

Гьединго мажлисалда баркала загьир гьабун сайгъаталгун Шамил имамасул портретал кьун кIодо гьарун ккола жидеца «Ас-салам» газеталъе подписка гьабизе кумек гьабулел: ГIизраилов Ислам (ЛъаратIа районалъул имамзабазул советалъул председатель); ГIалиев МухIаммад (Буйнакск шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель); Ахалов ГIабдуллагь (Гъаякент районалъул имамзабазул советалъул председатель); ГIалиев Ибрагьим ва ШагIбан КъурамухIаммадов.

Аллагьас баркат лъеги щивасул гьабулеб ишалда, гIолохъабазеги БетIергьанас къуват кьеги гьабулеб иш Жив разияб куцалда нухда бачине.

ХIадур гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги...


«Ас-саламалъул» мажлис

Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «Ас-салам» газета цӀалулезулгун дандчӀвай. Гьеб тадбирги тIобитIана баракатаб рабигIул аввал моцӀалъул хIурматалда. «Ас-салам» ккола тIолабго улкаялда ва гьеб бахун къватIибги лъалеб басма. Гьединлъидал гьелдехун гьабулеб бербалагьиги букIуна...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...