Аслияб гьумералде

Къудукьа МухIаммад

Къудукьа МухIаммад

Къудукьа МухIаммад

(Умумузул биценалдаса)

 

Цебе къаркьадерил росу букIун буго ЦIантIакъварилъи абулеб бакIалда (гьанже НакIкIимегIер). Гьеб ккола гьанжесеб Рихьуниб росдадаса гIемер рикIкIад гьечIеб бакI. Гьеб росу унаанила Иргьан шагьаралъул агьлуялда гьоркьобе. Росулъ букIанила ункъого цIараки. Иргьан шагьаралъе гьез кьезе бихьизабураб налъиги букIарабила ункъого куй. Жибго Иргьан шагьаралда абуни букIарабила 9900 цIараки.

 

Гьеб шагьаралъул агьлуялда гьоркьобе унаанила анкьгониги сверухъ ругел росабиги: КIарщаб (35 цIараки), КIазаниб, ГIарцали, МагIлиз ва гьел гурел цогидалги. Гьеб заманалда абуни ГьаракIуниб, Унсоколо ва Генуб гIадал росаби рукIинего рукIинчIила. КIарщаб абулеб росу букIине ккола гьанже ГьаракIуниб росу бугеб бакIалда яги гьелда гIагарда.

Бицен буго росу тун эхебехун букIанила Каскар абулеб росу (Гелбахъ). Аби буго гьеб Каскаралдаса рачIун ругин доб ЦIантIакъварилъухъ бугеб росулъе гIадамалги.

Буго цоги бицен. Дагьистаналде гIадамал ритIулел рукIун ругила Зулкъарнайица тамихI гьабун (пачаяс Сибиралдего гIадин).

 

 

 

 

 

 

Цо пуланаб сордоялъ, гIадамал кьижараб мехалда, ЦIантIакъварилъи росу тIад букIараб ракь ччукIун буго ва тIубараб росу ракьулъе ун буго. Нахъе хутIун руго гьеб сордоялъ Иргьан шагьаралде ун рукIарал ЦIантIакъварилъи росулъа анлъго чи. Гьел анлъалго рачIун руго Чорчер абулеб рохьоре яшав гьабизелъун. Жаниб гIалхул чан гIемераб, чан гьабизе кутакалда санагIат бугеб, ризаб гъветI-рохь бугеб, берцинаб тIабигIаталъул гьеб бакIалде тIаде къулун букIана Къуду-мегIер (Къалъул кьуру). Абула гьелдасан бачIараб бугин Къудукъ росдал цIарги.

Гьеле гьедин, тIад рохьги бугеб кьурда тIад жидеего росу гIуцIизе байбихьанила гьел анлъазго. Гьеб гьитIинаб росулъе нухал рукIана бакъбаккул ва бакътIерхьул рахъаздасан. Гьеб кIиябго рахъалда лъун руго кавабиги. Къаси киналго жанире руссараб мехалда, щула гьарун рахалелги рукIун руго гьел, тушбаби лъугьинчIого рукIине. Рукъзабахъан цоцазухъе ине балъгоял нухалги рукIун руго гьез ургъун, росу аххадаса бахъараб тIараде щвезегIан къватIире рахъинчIого жанисанго ине бегьулел.

Сверухъ ругел росабазул гIадамал цоцазде тIаде кIанцIиялъулги кколел рукIун руго гIемерал хIужаби, зулмуялъ цоцазул буголъи бахъизелъун. Гьединго, хасаб цIодорлъи гьабизе кколеб букIун буго къаркьадерил жамагIаталъ сверухъ рохьахъ ругел гIалхул хIайваназдасаги.

Дов анлъасго росу базе тIаса бищараб бакI букIана кинабго рахъалъ гIумру гьабизе квегIенлъаби ругеб, битIун бахъунчIараб тIабигIияб си-кьурда бараб. Жакъасеб къаркьадерил гIадамазе гьеб хутIун буго бахIарчиял умумузул хIикматаб тарихалъул бицунеб, зобалда гъоркь рагьараб музейлъун.

 

 

«Къудукьа Мусалав» тIехьалдаса

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

Такъиюдинов МухIаммад гьавуна 1958 соналда, Хьаргаби районалъул Къудукь росулъ. Росдал школа лъугIидал цIалана Дагъистаналъул политехникияб техникумалда. Исламияб гIелму цIалана росулъаго гIалим ГIусманихъ. Советияб улка биххаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан гьабулеб буго Къудукь росдае имамлъи. Гьеб хIалтIиялда цадахъ бачана росдал школалъул гIараб мацIалъул ва Дагъистаналъул тарихгун адабияталъул мугIалимасул пишаги.

 

 

Дагъистаналъул бищунго кIудияб бечелъи ккола гIелмуялда гIамал рекъарал гIалимзаби рукIин. Гьелда гьоркьобги бищун кIудияб хазина ккола ригьалде рахарал гIалимзаби. Щайин абуни, гьел руго доб дин гьукъараб соназ балъго, рахчун гIелмуги цIалун, гьанжесеб гIелалъухъе лъай кьурал гIадамал. Гьезул кутакаб бахIарчилъи, гIелмуялде бугеб рокьи ва щулияб иман букIинчIебани, гьезда бажаризе букIинчIо гьедигIан захIматаб гьир тIаде босе. Гьединазул цояв ккола Хьаргаби районалъул Къудукь росдал имам МухIаммад-хIажи. Гьесухъе гьоболлъухъ щвана редакциялъул хIалтIухъаби. Гъоркьехун цIализе бегьула гьесулгун ккараб гара-чIвари.

 

 

 

 

 

 

- МухIаммад-хIажи, совет улка биххаралдаса нахъе дуца имамлъи гьабулеб буго Къудукь росдал мажгиталъе. Бокьилаан бицине хIалтIи кин ва сундаса байбихьарабали?

- ХIалтIи байбихьана мажгит баялдаса. Союзалъул заманалда нижер мажгит тIатIала ккун букIана. Гьеб цIигьабун базе бигьагоги букIинчIо. Амма гьеб заманалда росулъ рукIана кIудиял гIадамал, мажгитал къалалде гIумру гьабун рукIарал. Гьезул малъа-хъваязул кIудияб кумек ккана. Гьедин гIуцIана мажгитги цадахъго цогидаб хIалтIиги.

 

- Лъимал цIализаризе санагIатго букIанищ?

- Хасаб мадраса абураб бакI букIинчIо ва гьабсагIатги гьечIо. Мажгит рагьидал гIисиналги чахIиялги гьенире рачIунел рукIана цIалдезе. ХIатта школалда жаниб гьабун букIана гьезие санагIалъи. Гьенибцин бакI гIоларого букIунаан. ГьабсагIатин абуни дарсал цIализе санагIатал бакIал руго мажгиталдаго. Гьединлъидал хас гьабун мадраса базе хIажалъи ккечIо. Нилъер умумулги мажгитахъ цIалдолел рукIиндалха.

 

 

 

 

- Къудукьа Мусаласул хIакъа-лъулъги бицани бокьилаан.

- Мусаласул хIакъалъулъ данде бакIарараб материал буго дихъ. 1600-абилел соназда вукIарав чи кколелъул, гьесул тарихалъул гIемераб жо нахъе хутIун гьечIо. Гьесул хъизан Ругъжаса йикIун йиго. Дораги ратила гIагарлъиялъул чагIи. Вукъун вуго Шамалда, ХIалабалда. Ниж щвана гьев вукъун вугин абулеб хабалаздеги. ЦIакъго басриял хабалал ратана гьел. ХIатта жанибе нухцин тун батичIо сверун рарал минабаз.  Цо рокъореги лъугьун, гьездаги гьарун, щвана хабалазде нух. Гьесул хабаде тIаде ккезе кIвечIо.

 

- Гьесул цIаралда росулъ мажлисалги тIоритIулагури.

- Мусал къо абун цIарги кьун, щибаб санайил тIобитIула мажлис. Гьеб къоялъ гьабула росдацаго садакъаги. Цебеги гьабулеб букIун буго гьединабго садакъа. Гьелдаги абулеб букIун буго «лъаратIа бутIаби» абун. Гьанже, цебесеб къоялъ садакъа гьабула, хадусеб къоялъ росдалкъо абун мажлисги тIобитIула. 

Араб соналъ нижер росулъе, Мусаласул къоялде вачIун вукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиги. Гьеб букIана нижее кIудяб рохел ва тарихияб лъугьа-бахъин. Гьаб казият гьоркьобккун, дие бокьун буго жамагIаталъул цIаралдасан, шайих АхIмад-афандие ракI-ракIалъулаб баркала кьезе, нижги кIодо гьарун, нижер гьариги нахъчIвачIого, кигIанго гьечIеб бугониги заманги батизабун, нижехъе вачIиналъухъ. 

 

- Районалъул имамзабазул советалъулгун букIунищ гьоркьоблъи?

- ХIалкIванагIан хIаракат бахъула муфтияталдаса рачIунел амрабазе мутIигIлъизе ва гьел гIумруялде рахъинаризе. Районалъул имамзаби данделъула дарсазде, гьенибги гIахьаллъи гьабула дица. Гьениб гIакъидаялъул тIехь цIализе тIадкъанги буго дида, гьелъиеги хIаркат бахъула.

 

- Росдал жамагIаталъулгун гьоркьоблъи батизе кин бажарараб?

- ТIубанго бажарун бахъунеб жоги гьеб букIунаро. Кин бугониги, нижер жамагIаталда малъараб жо гьабуларев чи вукIунаро. Муфтияталдаса бачIараб амру бугин, гьадинаб жо тIадкъан бугин абуни, Аллагьасе рецц, гьелде инкар бугев, квалквал гьабулев чи вукIунаро.

 

- ЖамагIаталъе вагIза-насихIат гьабиялъе кинал алатал хIалтIизарулел?

- Мажгиталде рачIунел чагIи бихьиналлъидал рукIунел, руччаби-лъималазе кидаго гуро щолеб насихIат. Гьеб суал борхиялъул нияталда мажгиталда гIуцIун буго росдал телевидение. Гьоркьо-гьоркьоб гьенисанги гьарула вагIзаби. Хасго тIадчIей гьабула гIолохъаби мекъаб пикруялдаса цIунизе рукIиналъул мурадалда гьарулел насихIатазда. Гьаб заманалда гIолохъаби кIудияб хIинкъиялда гъоркь ругел чагIи ккола. Щайгурелъул телефоналда жаниб буго кинабго квешабгун лъикIаб информация. ГIолохъаби гуккизе бигьа букIуна квешаб информация тIибитIизабулезе. Гьединлъидал лъикIаб хIалтIи гьабизе ккола гIолохъабазда сверухъ.

 

- Нужер росулъ будунзаби гIемер ругин бицунеб рагIана.

- Къаде как ахIизе тIаде босун буго росдал школалъул вукIарав директорас. Гьевго вуго хатмуялъе изну бугев чиги.

Рогьалил как ахIизе тIаде босарав цогидав вуго.

Бакъанилги маркIачIулги какал ахIула мажгиталда цIалулел лъималаз.

Боголил как ахIизе тIаде босарав цоги чиги вуго.

Хас гьабун тарав будун нижер гьечIо.

 

- «Ас-салам» казияталъулгун кинаб гьоркьоблъи бугеб?

- Кутакалда щулияб гьоркьоблъиги гьудуллъиги буго. Дунги нужерго чилъидал кколев. Щайгурелъул, гьеб казият баккаралдаса нахъе, араб соналде щвезегIан, росулъ гьелъие подписка гьабулев ва гьеб бикьулев чи дунлъидал вукIарав. Араб соналъ тIамуна цогидав чи гьеб ши гьабизе.

 

- МагIарулазде щиб хитIаб гьабилеб?

- Нилъеца къиямасеб къоялъ жаваб кьезе кколарел жалазул бицинчIого рукIаян абизе бокьила. Нилъедаго лъаларел жалазул бицинчIого, дагIба-къец гьабичIого, гIалимзабазде гаргадичIого ругони, щивасе лъикIаб букIина.

 

Гара-чIвари Гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...