Аслияб гьумералде

ГьитIинав хъвадарухъан

ГьитIинав хъвадарухъан

ГьитIинав хъвадарухъан

МухIаммадилъ цудунго загьирлъана Аллагьас ﷻ гьесие кьураб гьунар. Гьебги загьирлъана жеги яслиялде хьвадулаго. ГIажаибго гьесда лъазе байбихьана ракIалдасан кучIдул. Гьелдаго цадахъ байбихьана жинцагоги гьаризе.

ГьабсагIат МухIаммад ккола Россиялъул лъималазул Хъвадарухъабазул союзалъул членги. КучIдул гурелги МухIаммадица хъвала харбалги. Гьелги рижула бокьараб дандчIваялъул ва лъугьа-бахъиназул кьучIалда. Жеги 11 сон гурони бачIев гьитIинав хъвадарухъанас басмаялде бахъун буго «Трехцветное чудо» абураб тIехьги. МухIаммадица хъвала магIарул ва гIурус мацIазда.

МухIаммад гIахьаллъула батIи-батIиял тадбиразда, литературиял конкурсазда. Гьенир щварал шапакъаталги дагьал гьечIо. ГьабсагIат гьев цIалулев вуго Гъизилюрт шагьаралъул №1 лицеялда. Школалда тIоритIулелщинал олимпиадабазда цересел бакIал росула гьес, цIалулев вуго «5» къиматазда. Редакциялде гьоболлъухъ вачIиндал, нижеца цо чанго суалги кьуна гьесие.

– МухIаммад, бицея нижее мун киса кколевали ва чамабилеб классалде уневали?

- Дун ккола ЦIобокь-Миякьоса. ГьабсагIат дун вуго 5 классалда. ГIумруялъул буго 11 сон.

– ТIоцебе кинаб кечI яги хабар дуца хъвараб?

- ТIоцебесеб кечI хъвана ункъо сон бараб мехалда. Дица хъвана кечI бабае, ЦIорол Дадае. Гьединго гIумруялда дандчIварал лъугьа-бахъиназул кьучIалдаги хъвана харбал. Дирго «мишкалгун» ккараб, «Инсан» фондалда ккараб, тIоцебесеб мухь щведал ва цогидалги.

– Кинал тадбиразда ва конкурсазда гIахьаллъи гьабураб?

- Гъоркьиса Гъизилюрталда букIараб шагьаралъулго ифтаралда дица кечI цIалана. ГIахьаллъи гьабуна «Проза детям», «Кружева поэзии», «Народов много, а страна одна» ва цогидалги конкурсазда. Шапакъаталги щвана.

– Мадрасалде унищ мун?

- Школалъул цIали лъугIидал уна дун исламияб лагералде. Нижер Гъизилюрт районалда гьеб буго Нечаевка росулъ. Гьеб буго тIарикъаталъул устар Хучадаса Меселасул МухIаммад-афандиясул цIаралда. Исанаги ине ракIалда буго. Араб соналъ гьениб тIобитIараб конкурсалда кIиабилеб бакIги щвана дие.

– КIудияв гIедал щивлъун вахъине бокьилеб?

- Дир анищ буго тохтурлъунги вахъун, гIадамал сах гьаризе.

Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...