Аслияб гьумералде

Сихiруялдаса цiуне

Сихiруялдаса цiуне

Нилъер заманалда тIибитIараб ва къойидаса къойиде цIикIкIунеб бугеб жо ккола сихIру гьаби, гьелдалъун зарал гIемерлъи. Гьеб гIамал буго чIахIиял мунагьазул цояблъун ва бусурбабийилан ратаниги, гьеб гьабулел чагIазул иманалда щибго божилъиги букIунаро. Гьединлъидал цIакъ цIодорлъи гьабизе ккола сихIручагIаздаса.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

Жинда Аллагь гурхIаяв ибну Къайимица абуна сихIруялдаса цIуни кIиго тайпаялъул бугин. ТIоцебесеб ккола сихIру ккезегIанго гьабулеб цIуна-къай. Гьединаб цIуни гьабиялдаса буго:

  • киналниги тIадал жал тIуразари, гьукъарал тей, гьабун ккараб квешлъиялдаса тавбу гьаби;
  • Къуръан цIали гIемер гьаби, щибаб къоялъ вирд хIисабалда дагьабгIаги жо цIалуледухъ;
  • дугIа гьаби, машгьурал зикраби цIали берцин гьаби. Гьединго такрар гьабизе рекъараб дугIа-тасбихIалдаса буго:

«Бисмиллагьи ллази ла язурру магIа исмигьи шайъун фил арзи ва ла фи ссамаи ва гьува ас-самигIул гIалим»

Гьелъул хIакъалъулъ ГIусман асхIабасдасан бицараб хIадисалда буго жинда рагIанин Аллагьасул расулас абулеб: «Гьеб дугIа-тасбихI лъабго нухалъ такрар гьабурав чиясде дунял рогьинегIан тохаб балагь щвеларо, дунял рогьараб мехалъ гьабурасде къаси мех щвезегIанги бачIинаро», - ян (Абу-Давуд).

Цогидаб хIадисалда буго, гьединго радалги къасиги лъаб-лъаб нухалъ цIализе лъикIаблъун бихьизабун къулгьу ва кIиябго къул агIузуби (Абу-Давуд).

Бухарияс бицараб хIадисалда буго, щибаб къоялъ нусго нухалъ цIализе «Ла илагьа илла Ллагьу вахIдагьу ла шарика лагьу, лагьул мулку ва лагьул хIамду ва гьува гIала кулли шайъин къадир» абурабги.

Гьединго реццулел руго цIализе тIадчIей гьабизе паризаял каказда хадур, кьижилалде, рахъун хадур, рокъоре лъугьунелъул ва къватIире рахъунелъул, рекIунаго ва рещтIунаго, хIажатханаялде лъугьунаго ва къватIире рахъун хадур гьарулел азкаразда.

Цоги, аварагасги жиб малъараб къагIидаялдаса буго радал макьидаса рорчIидал, мачIикьаго анкьго чамасдак кваназе. Гьес абун буго: «Радал макьидаса вахъин анкьго «гIажват» чамасдакалдаса гьабурав чиясе гьеб къоялъ загьруялъ ва сихIруялъ зарал гьабиларо», - ян (Бухари).

Ибну Къайимица абун буго щибго щаклъи гьечIила рехсаралда тIадчIей гьаби сихIру щвей, бер ккей, жинал рачIиналдаса нахъчIваялъе, Аллагьасул кумекалдалъун, сабаблъун букIиналъе. Гьединго ибну Къайимица абулеб буго гьел рехсарал жал ругин нагагь гьел (сихIру, бер, жинал) рачIани, нахъчIваялъе ва гьездаса сах гьариялъе даруйилан.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...