Аслияб гьумералде

Тарбия щвечIони лъаялъул пайда гьечIо

Тарбия щвечIони лъаялъул пайда гьечIо

Тарбия щвечIони лъаялъул пайда гьечIо

МахIачхъалаялда, ГIабдул-хIамид Юсуповасул цIаралда бугеб гIаммаб лъай кьеялъул ва рухIияб школалъул хIакъалъулъ гIемер рагIун батила нужедаги. Пачалихъияб лъай кьеялъул программаялде тIадеги гьитIинаб къоялдаса нахъе бусурбанчиясда лъазе кколеб аслияб кьучIги, исламияб тарбияги, нилъер халкъалъе хасиятаб лъикIаб хьвада-чIвадиги малъулеб бакI буго гьеб.

 

Микьго соналъ цебе рагьараб школа букIаниги бергьенлъаби ва церетIеял гIемер руго гьеб школалъул. Жакъа гIолеб гIел мекъаб рахъалде ккеялдаса, квешлъи-заралалдаса цIунизе гIоло гIемераб хIаракат бахъизе кколеб буго пачалихъиял ва диниял идарабаз. Лъай кьеялдаго цадахъ динияб тарбия щолеб бугони, квешлъабаздаса лъимал цIунун бажарулеблъи бихьулеб буго рехсараб школалъул мисалалдалъун.

Гьанжесел ресазда рекъараб, лъай кьеялъе хIажатабщинаб техникаялдалъун хьезабураб школалъул, гьелъул аслиял мурадал ва церелъурал масъалабазул хIакъалъулъ нижеца гара-чIвари гьабуна рехсараб школалъул директор Хадижат ГIалихановалъулгун.

 

- Хадижат, дуца нухмалъи гьабулеб школа халкъалда гьоркьоб лъала исламалъул кьучIазда ва гьелдаго цадахъ пачалихъияб лъай кьеялъул программабазда рекъон хIалтIулеб бакI букIин. Къуватги таваккалги кин гIолеб гьеб кIиябго рахъ рекъезабун нухда бачине?

- 760-гIанасев цIалдохъанги, гьелде тIаде ясли-ахалъул 225 лъимерги хьвадулеб школалъе нухмалъизеги, хIалтIи гIуцIизеги захIмалъизе букIун батила диеги, церехун рукIарал нухмалъулезул хIаракат гьаниб букIинчIебани. Цее директорлъун йикIарай Саида МухIамадовалъ гIуцIаралда рекъон, хIалтIизе дие бигьалъана. Саида МухIамадова шагьаралъул №3 больницаялъул бетIерай тохтурлъун хIалтIизе ана. ЛъикIаб коллективги буго, гIемерисел цIалдохъабазул эбел-эменги руго бичIчIи бугел.

 

- ЦIалдохъаналъул эбел хIисабалда гьаниб кьолеб лъайгун тарбиялдаса мунго рази йигищ?

- Хасавюрталда гIумру гьабун ругеб мехалда дир анищ букIана гьаб школалде яс йитIизе. Пачалихъияб лъай кьеялде тIаде васал ва ясал батIаго цIализарулел рукIинги, къоялъ лъимер ургъел гьабичIого кваназеги цIализеги тарбиячагIазул бербалагьиялда гъоркь букIинги, гIемерисел улбузул анищ батила.

ХIинкъи гьечIолъиялъул рахъ босани, гьаниб лъимер сундасаго цIунун буго. ТIубараб къоялъ лъималазул тIалабалда, гьезда аскIор рукIуна тарбиячагIи. Гьелгун цадахъ заманалда жамагIат гьабун какги бала лъималаз. Щибаб классалда руго какикьтIамал. Гьебго какикьжоялда гIодорчIун хIухьбахъизеги бегьула гьез.

 

 

 

 

- Школалъе накъшубандияб ва шазалияб тIарикъаталъул устар ГIабдулхIамид-афанди Юсуповасул цIар кьун буго. Нужер цIалдохъабазда лъалищ гьев гIалимасул хIакъалъулъ? Тарбия ва лъай кьеялъулъ кинал мисалал нужеца хIалтIизарулел?

- Щивав цIалдохъанасда лъазе ккеларищха лъил цIар кьураб школалда жив цIалулев вугевали. Гьеб нижецаги малъула тIоцебесеб къоялдаса байбихьун.

ГIабдулхIамид-афанди ккола нилъер муфти АхIмад-афандиясул кIудияв эмен. Гьезул хIакъалъулъ хъвараб баннер буго лъималазда бихьулеб бакIалда чIван.

ТарбиячагIаз ва динияб гIелмуялъул мугIалимзабаз кIвар кьола устарзабазул ва рухIиял церехъабазул гIумруялъул бициналде. 

Школалъул цIалдохъабиги яслиялъул гьитIичалги ругьун гьарула гурхIел-рахIмуялде, бусурбанчиясул букIине кколеб хьвада-чIвадиялде. Щибаб соналда гIадатлъун лъугьун буго нижер школалда «Эстафета добра» абураб тадбир тIобитIи. ТIоцебесеб классалдаса байбихьун цIалдохъаби гIахьаллъула лъикIал ишал гьариялъулъ ва цогидаб классалъухъе кьола пуланаб бакIалда яги пуланал гIадамазе лъикIлъи гьабиялъул эстафета.

Рамазан моцIалда школалъул жанахIалъуб лъола моцIил къоял рикIкIун лъурал гIисинал коробкаби. Щибаб къоялъ цо-цо классалъ гьениб къолониб батараб кагътида хъваралда рекъон, ай цогидаб классалъ жидее тараб лъикIлъиялъул эстафета къабул гьабула. Гьелда рекъон, сахлъиялъул рахъалъ загIипал лъималазухъе сайгъаталгун цIалдохъаби гьоболлъухъ уна яги садакъа гьабула.

Щибаб соналъ школалда тIобитIула ярмарка. «Инсан» фондалъул къайимлъиялда ругел сакъатал лъималазе квербакъиялъул мурадалда лъималаз хIадурула ва школалда жаниб гIуцIараб ярмаркаялда бичула квен-тIех ва батIи-батIияб къайи. Гьединал тадбираздалъун цIалдохъаби ругьун гьарула гурхIел-рахIмуялде, лъикIлъиялде.

ЦIалдохъабиги рачун щола РухIияб централде, КIудияб мажгиталде ва цогидалги бакIазде.

 

- Щибаб школалъул букIуна жиндирго хаслъи, цогидаздаса батIалъи. Нужер школалъул аслияб мурад кинаб бугеб? Бажарулеб бугищ гьеб гIумруялде бахъинабун?

- Нижер мурад буго пачалихъияб программалъул лъай кьеялда цадахъ лъималазе рухIияб лъай ва тарбия кьей. Тарбия гьечIони лъаялъул пайда букIунаро. Эбел-эменги бищунго гьелдаса рази рукIуна. Лъимал цIализе гьаб школа тIаса бищиялъе гIиллаги гьеб буго гьезул.

ГIицIго цIияб жо малъи гуребги, цIалдохъаби пикру гьабизе, ургъизе, квешаб лъикIаб батIа бахъизе, лъикIлъи гьабулеллъун рукIине ругьун гьарула нижер школалда. Тарбияги кьун гIумруялде хIадурал, я жиндиего я чидае зарал гьабуларел гIадамал гIезари буго школалъул мурад. Гьеб мурад гIумруялде бахъинабиги эбел-инсуда бараб буго.

Школалъул хаслъи буго рухIияб тарбия кьей, васалги ясалги батIа-батIаго цIализари. Гьезул классал руго батIи-батIиял тIалаязда. ГIужда как базе, какичуризе лъималазе киналго квегIенлъаби руго чIезарун.

Школалда къойил лъабго нухалда кваназарула. Кванил заман щварабго тарбиячагIаз рачуна гьел столоваялде. Васазе ва ясазе батIа-батIаго руго столоваялги. Щибаб классалъулги буго жидерго хасаб стол.

 

- Светияб (дунявияб) лъай кьеялдейищ яги исламияб тарбиягун лъай кьеялдейищ цIикIкIун кIвар кьолеб?

- ЦIалул планал хIадурула федералиял лъай кьеялъул стандартазда рекъон. Гьединлъидал цIалул цIикIкIарасеб заман цIалдохъабазе светияб лъай кьеялда уна. Исламалъул дарсал тIадеги лъай кьеялъул къагIидаялда, дарсал лъугIараб заманалда кьола. Гьел дарсалги тIоритIула муфтияталъ бихьизабураб динияб лъай кьеялъул программаялда рекъон. Дунявиябин диниябин абун кIиябго рахъалда гьоркьоб гIорхъи чIваларо. Динияб лъай кьолаго цIалдохъанасул лъикIав инсан куцазе, гьесул рухIияб рахъ рагьизе хIаракат бахъула.

Школалда малъула МухIамад аварагасул ﷺ гIумруялъул хIакъалъулъ, гIакъида, фикъгь, гIараб мацI, аварагзабазул хIакъалъулъ, бусурбанчиясда лъазе кколеб адаб, диналъул кьучIал, исламалъул тарих.

Тарбия кьолелъул нилъерго халкъалъе хасиятаб маданияталдасаги пайда босула. Щибаб халкъалъе хасиятаб махщалил хIакъалъулъ, батIи-батIияб заманалъул бахIарзазул, Шамил имамасул гIумруялдаса лахIзатазул, Дагъистаналъул шагIирзабазулгун хъвадарухъабазул хIакъалъулъ бицуна, тадбирал тIоритIула.

 

 

 

 

- Пачалихъалъул рахъалдаса квербакъи букIунищ школалъе?

- Хасаб лъай кьеялъул школа хIисабалда нижее субсидияздалъун кумек гьабула пачалихъалъ.

Гьединго нижер школалъе президентасул лъабго грант бергьана. Гьелда рекъон «Автогородок» гIуцIана школалда аскIоб.

Гьеб буго цIалдохъабазда нухлул низамал малъизе киналго шартIал гIуцIараб бакI. Гьелдаса пайда босула ОВЗялъ унтарал цIалдохъабигун хIалтIулел мугIалимзабазги.

Гьел грантазул квербакъиялдалъун нижее рес щвана ОВЗ бугел лъималазе квербакъизе. «Забота» интернаталдаса лъимал рачIуна нижехъе битIун кIалъазе ругьунлъизе (коррекция речи). Гьелгун цадахъ хIадурун букIана гранталъе хIалтIиги.

Нижер логопед, психолог хIалтIула гьединал лъималгун. Школалда руго гьеб проект гIумруялде бахъинабизе квербакъулел волонтералги.

 

- 2023 соналъул сентябралда Юсуповасул цIаралда бугеб школалда цIалухъ кьолеб багьа бахинабунин абун, цо-цо цIалдохъабазул эбел-инсуца «ахIи бахъинабун букIана». Гьеб школалъул хIакъалъулъ щибго лъаларел гIадамазцин школалда, хIатта муфтияталдегицин гIайибалги чIвана. Гьелъул хIакъалъулъ ННТялдасаги социалиял гьиназдасаги баян кьуна ГIайна ХIамзатовалъги. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб школалъул хIалтIулъ кинабгIаги хиса-баси кканищ? Багьаялда разилъичIого нахъе аразул къадар гIемер букIанищ?

- Школа рагьулеб 2016 соналдаго чIезабун букIараб багьа, кинабго жо хиралъаниги хисичIого букIана (7000 гъурущ). Кинабго жо хиралъараб мехалда, лъималазе квенги учительзабазе харжги кьезе гIарац гIолеб букIинчIо. Гьединлъидал, лъай кьеялъул даражаги цогидал рахъалги лъикIлъизаризе гIоло, бахинабизе ккун букIана багьа.

Нахъе ана цIакъго дагьал цIалдохъаби. Цо-цоял цIидасан школалде рачеян гьарунги рачIана. ТIаса аразул бакIалда цIализе рачIана, гьаниб школалда бакIги гIоларого, иргаялда чIун рукIарал лъимал.

 

- Цоги киналгIаги захI-малъабигун дандчIвалищ нужер школа?

- ЗахIмалъаби камуларо, хасго лъималазе тарбия кьолеб бакIалда. Гьанир цIализе бокьанщиназе школалда бакI гIоларого букIуна, цо-цо эбел-инсуда гьеб бичIчIизабизе захIмалъула.

Гьанже заманалъул лъималазе тарбия кьеялъулъ раккулел захIмалъабазде данде къеркьола ниж. ТIоцебесеб иргаялда, цIалдохъаби Интернеталъул заралалдаса цIунизе хIаракат бахъула, гьоркьоса къотIичIого лекциял тIоритIула. Жакъа киналго школаздаги щибаб хъизамалдаги дандчIвалеб захIмалъи бугелъул гьеб.

Школалде жанире лъугьунаго администраторалъ цIалдохъанасухъа телефон нахъе босула. Халгьабула гьез цадахъ цIалул къайи гуребги, гIумруялъе хIинкъи бугел цогидал жал росулел ругищали. КиналгIаги дараби, бегIерал предметал, гьуинлъаби риччаларо школалде росизе. Эбел-эменги рази рукIуна лъималазул сахлъиялда ва хIинкъи гьечIолъиялда тIадчIей нижеца гьабидал.

Гьоркьоса къотIичIого психологалги хIалтIула школалда. Муфтияталъул просвещениялъул отделалдаса хIалтIухъабаз Интернеталъул заралдаса цIуниялъе лъималазе малъа-хъваял гьарула.

 

- Цо-цо школазда цIалдохъабаз хъалиян цIалеб бугин, рекъечIел ишал гьарулел ругин абун бицунеб рагIула. Гьединал лъугьа-бахъинал дандчIвалищ школалда? Лъимал дарсидаса лъутизе рес бугищ?

- Школалда киса-кирего камераби руго. Ва кавудахъан байбихьун, цIалдохъабазухъ халгьабула, гьезухъ гьукъараб къайи бугищали. АлхIамдулиллагь, ниж дандчIвачIо гьединал захIмалъабигун.

Нагагь къваригIел ккун цIалдохъан дарсал лъугIилалде рокъове ине ккани, учителас жинцаго нухарегIизе ккола гьев. Хъаравуласги виччаларо гьев къватIиве, цин кинабго хIакъикъат цIехон, мухIкан гьабун гурони. 

Нагагь эбел-инсуе лъимер тIубараб къоялъ школалда течIого, дарсал лъугIигун рокъобе биччазе бокьани, цIалул сон байбихьигун гьез гIарза хъвазе ккола лъимер жибго рокъобе биччазе бегьулин абун. Гьединго лъимер школалдаса бачине щив вачIине вугевалиги лъазабизе ккола гьез гьединабго гIарзаги хъван.

 

- ЦIалдохъаби спортивияб рахъалъ церетIеялъе тадбирал гIуцIун ругищ школалда? 

- Киналго дарсалги, как бан ва кванан лъугIидал лъимал школалда аскIоб бугеб футболалъул майданалде рачуна яги цогидал рекIелгъеялъул ишазде руссуна. Хъваялъулал дарсал гьарула школалдаго, рекIехъе лъазаризе кколел дарсал рокъор гьаризе тола.

Школалда гIуцIун руго футболалъул, бадминтоналъул, шахматал хIаялъул, гимнастикаялъул, робототехникаялъул кружокал. Футболалъул ва робототехникаялъул кружоказде батIаго гIарац кьун хьвадизе бегьула. 

 

- Дагьал церегIан къоязда школазул выпускниказе аттестатал кьуна. Нужер школалъул выпускникал, аслияб къагIидаялъ, цIализе кире лъугьунел? Кинал баллал щварал гьезие ЕГЭялдагун ОГЭялда?

- Аслияб къагIидаялъ ичIго класс лъугIигун уна колледжазде цIализе. 11 класс лъугIизегIан школалде хьвадулелги руго. ЦIализе уна Башларовасул цIаралда бугеб медицинаялъул колледжалде, «Гьидаяталде», ГПКялде, ДГПУялде ва цогидалги шагьаралда ругел цIалул идарабазде. Цо-цоял цIализе лъугьана МГУялдеги, Россиялъулрегионазда ругел цогидал вузаздеги.

 

- Исана республикаялъул школал МЭШ программаялда рекъон хIалтIизе ругин абун хIадурлъи гьабулел руго. Нужер школалда хIалтIизе бугищ гьеб программа? Бугищ гьелъие дандеккколеб алат-къайи ва ресал?

- Нижеца некIого байбихьана гьеб къагIидаялде лъугьине хIадурлъи гьабизе. Учительзаби ругьунлъизе ДИРОялде цIализе ритIана, школалъул информатикасги кумек гьабула гьезда кинабго жо бичIчIизабизе. МЭШалъул къагIида хIалтIизабиялъе хIадураб техника буго. Гьеб цебего босун букIана президентасул грантал бергьун щвараб гIарцуде.  ЦIалдохъабазул лъай кьей жеги камиллъиялъе гьарулел хиса-басиял нижеца кидаго лъикI къабул гьарула.

 

- ХIалтIуде росулел учительзабаздаса щиб тIалаб гьабулеб? Чара гьечIого хIижаб ретIине кколищ гьаний хIалтIизе бокьарай мугIалималъ?

- Цогидал школаздаго гIадин, нижецаги, тIоцебесеб иргаялда, халгьабула учителасул лъаялъухъ. ХIалбихьиялъул дарс кьезе ккола гьес. Миллияб ва динияб рахъалъухъ ниж ралагьуларо. ЦIалдохъабазе лъикIаб даражаялъул лъай кьей буго мурад.

Ростовалдаса нижехъе хIалтIизе ячIарай гIурус учительницаги йиго гьаний. Ростовалда гIумру гьабулел рукIарал нижерго цIалдохъабаз бицун лъана гьей. Пагьму-лъай бугей учительница йигин абун, ахIана гьание хIалтIизе. Гьаниб бищун бокьараб жо щибан цIехедал гьелъ бицана, кIудиязул адаб гьабулин, гьеб рекIее гIунин абун.

Нижеца щивго, хIатта цIалдохъабигицин тIамуларо хIалица хIижаб ретIине. Щивас жиндирго ракIалъе бокьун, гьелъул къимат-къадру бичIчIун ретIула гьеб.

 

- Кинаб къагIидаялда рекъон лъимал школалда цIализе росулел?

- Школалда цIализе бокьанщинал къабул гьаризе рес кколаро, щайгурелъул цIализе бокьарал гIемер руго, цIалул бакIалин абуни дагь руго. Байбихьул классалъул гIемерисел цIалдохъаби нижерго школалда цебе бугеб яслиялъул выпускникал ккола. Яслиялъул лъималги рачун жеги бакI хутIани къабул гьарула цогидал. Гьединлъидал цIияв цIалдохъанасе бакI хутIуларо. Нагагь цогIаги цIалдохъан школалдаса нахъе ани, гьесул бакIалда цIияв цIалдохъан къабул гьавула, лъаялъухъ халги гьабун. Хадусеб классалде къабул гьавизе ккани, гьесда цин цебесеб классалъул программа лъалеб бугищали халгьабула. Школалда цIалдохъаби къабул гьаризе бакIги бугони, цIалул аслияб программаги лъалеб бугони, цогидал батIиял тIалабал гьечIо школалде къабул гьаризе ккани.

АлхIамдулиллагь, нижер гьадинаб школа букIин. Муфтияталъеги кIудияб баркала буго, бачIунеб гIелалъул ургъелги гьабун, гьадинаб рухIияб тарбияги лъикIаб лъайги кьолеб бакI гIуцIаралъухъ.

 

Гара-чIвари гьабуна ПатIимат СултIанмухIамадовалъ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...