Аслияб гьумералде

Гьолокьа ХIажимухIаммад

Гьолокьа ХIажимухIаммад

ХIажимухIаммад гьавуна Шамил районалъул Гьолокь росулъ, 1936 соналъул 15 июналда. ГьитIинго гьесул букIана гIелмуялде ва тIарикъаталде гIажаибаб рокьи. Гьев тIоцеве муридлъун лъугьана жиндир баракат нилъее щваяв ГIуриса ХIусенил Мухаммадил.

Байбихьана гIелму цIализе Гьолокьа Мамадибирихъ. Гьев накълулъун хадуб, ХIажимухIаммад ана Лъахъа ХIамзат-афандихъе, загьирияб гIелмуялъул устар накълулъанин, лъихъе дарсал росизе хьвадилевин абун цIехезе. ХIамзат-афандияс малъун буго гьесда ДатунатIаса ГIумарил МухIаммадихъе айин, гьесул ладунияб гIелму бугин абун.

Гьединго ХIажимухIаммад дарсал росизе хьвадана Гъогъолъа ГIабдулкъадирихъе, ДатунатIаса МухIаммадрасулихъе, ГIуриса ГIабдулхIамидихъе.

ХIажимухIаммадил лъикIаб гьоркьоблъи букIана доб заманалда вукIарав ГьоцIалъа гIалим ХIажиясул МухIаммадилгун, Хьаргабиса ГьитIинав ТIалхIатилгун, ХIамзатилгун.

ХIажимухIаммад нилъедаса ватIалъана араб соналъул 9-абилеб декабралъул арбагI къоялъ. Аллагьас гьев ахират лъикIаб кьун, жиндие рокьулелгун алжаналда данде гьавун ватаги.

МУХIАММАД, ГЬОЛОКЬ РОСУ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...