Хвалдаса хъизамго хвасар гьабурав
Январалъул цIорорал къоязда МахIачхъала шагьаралъул Альбурикент поселокалда ккун букIана ГIабдурахIманхIажиев Камалудинил хъизамалъе къварилъи. Щиб гьебин абуни, рокъобе бачараб тIабигIияб газалдалъун тIубараб хъизамго кIотун ккун, хIатта гIумруялда хIинкъи бугеб хIалалде ккей.
Гьединаб захIматаб хIалалде гьезул хъизамго ккедал, кумекалъе ватана мадугьал, Шамил районалъул Къелеб мухъалъул ГIурчухъ росулъа Хайрулаев Магъилав. Гьев ккола полициялъул майор, «УВО ВНГ России по республике Дагестан» ФГКУялъул хасаб батальоналъул командирасул заместитель.
Нижее рес щвана гьевгун дандчIвазе ва гьесулгун ккараб гара-чIвари кьолеб буго гъоркьехун.
– Магъилав, бокьилаан лъазе мадугьаласул хъизам хвасар гьабиялъул иш кин ккарабали?
- Гьеб къоялъ радал какги бан, хIалтIуде иналде чай гьекъезе богорокъове лъугьиндал, рагIана телефоналъул гьаракь. Балагьидал, Камалудинил номер батана. Телефон кодобе босидал, «помогите нам» абун ахIулеб рагIана ва цинги сас къотIана. Гордухъан валагьидал, гьезул рокъоса баккараб кIкIуйги бихьичIо. Цощинаб цIа ккун бугодай абураб пикру бачIун букIана тIоцебе. Кинабгоги рехун тун, рокъор ругездацин щибго абичIого векерана гьезул кавудахъе, бугоан рахан. Хехго вахана чалиялда тIасан ва векерана рокъове. НуцIа рахан батичIо, талихIалъ. Жаниве лъугьана, гьечIо щибго сас. Дагьабги жаниве ваккидал, мадугьал ватана рукъ бакьулъ, кIалдиб полопги бан.
ТIоцеве гьев вачана къватIиве. Жеги балагьидал тIубараб хъизамго батана чIарбида. Цо-кIиго лъимер тIаде бахъине лъугьунаан, цинги гIодор кколаан. Гьанже гьезде вуссунаго мацI къулчIизе лъугьана гьезул 14 сон барав вас. Кумек гьабулаго кверги хIанчIана гьес. Гьеб бакIалда ракIалде ккана дир махщел гIеларин гьал хвасар гьаризе, медицинаялъул хIалтIухъан дирго хъизамалда хадув ун лъикIин абун.
Векерана рокъове. Гьейги ячун тIадвуссун вачIунаго дирго бохдуз кколарев гIадинги лъугьана дун. Кин бугониги тIадвуссун щвана гьезухъе. Гьеб заманалда чанго лъимер бугоан мацI къулчIулеб. Хъизаналъ абуна хьибилса регизареян. Гьедин гьабидал дагьал рукIалиде рачIана гьел. Ниж кIиязго рос-лъадиги гьезул ункъабго лъимерги рачана къватIире ва тIоцебесеб кумекги гьабуна.

«Хехаб кумекалде» ахIичIищ?
- Гьел къватIире рачун хадуб ахIана. ГIажаибго хехго тIаде щвана гьелги. Амма сордо цIорораб букIун, нижер рахъалде гьезул машина бахунеб букIинчIо. Гьезда аскIой хъизанги тун, дирго машинаги бачун ана гьезда хадув.
Хехго больницаялда рачине кколин абидал, цин лъимал щвезаруна. Лъималазул больницаялъул бетIерав тохтурасде нухдасанго ахIун букIун буго ва гьев ватана хIадурго чIун. КIудияб баркала буго тохтурзабазе, жигаралда гьабуна гьез кумек.
– ГIилла лъанищ газ къватIибе бачIиналъе?
- Лъана. Гьезул рокъоб хинлъиялъе бакун бугоан буржуйка-печь. Сардилъ газги къотIун, нахъеги бачIун бугоан гьеб. Форсункаялда бугеб клапанги хIалтIичIого, рогьинегIан рокъобе жанибе бачIунеб букIун, гьелъ гъанкъизе рахъун руго гьезул хъизам. Дида ракIалде ккана гьеб хъизамалъе кумек гьабиялдаса кIудияб садакъа букIинарин абун. ГIага-божаралги ракIарун, гьезие гьабуна отопление. Гьединго лъуна цIиял гордал. Кленка ккун букIана гьезул гордазда. Гьанже гьезие щибго хIинкъи гьечIо.
– Гьезул гIумру хвасар гьабиялде тIадеги, дурго харжалдалъун гьезул рукъзал къачIан, рокъоб хинлъи гьабунги дуца кIудияб иш гьабун буго. Гьаб заманалда гьединал гIадамал гIемер дандчIваларо. Гьедин гьабизе мунгойищ кантIарав яги цогидазищ малъараб?

- БитIараб бицани дун гьелдасаги захIматаб хIалалде ккун вукIана 2010 соналъ. Рокъове лъугьарав дун, гьениб букIараб газалъул махIги чIвачIого, чирахъ бакидал, гьебги кьвагьун лъикIаланго вухIун вукIана. Гьумер лъалеб хIал букIинчIо дир. 6-7 моцIалъ Москваялъул больницабазда вегана. Дир гьумералъул чанго бакIалда хисана тIом. Гьеб кинабго дидаго бихьун букIиндал, Аллагьас ракIалде рехана гьезие кумек гьабизе. Гьаб нухалъ дица гъоб чирахъги бакичIо, нагагь гьединаб жо ккезе гурин абун. Щиб гьабилеб, унти кьолевги Аллагь вуго, гьеб хисун сахлъи кьолевги гьевго БетIергьан вуго, Гьесие буго кидагосеб реццги.
– Магъилав, гьаб заманалда камулел гьечIо миллатал ратIа гьарулел, гьезда гьоркьобе ракьа рехулел гIадамал. Гьеб ишалда гьоркьоб миллаталъул батIалъи гьабиялъе бакIго букIунищ?

- ЦIакъго гIемерлъун руго питна багъаризабулел гIадамал. Гьезул мурад, Ин ша Аллагь, рагIалде бахъине гьечIо. Щайгурелъул Дагъистан миллатазде бикьизе бегьуларо. Дир хIисабалда, киналго руго вацалгун яцал, цо инсул лъимал. Гьел рикьалаби гьарулел гIадамазул мурадги кигIанги мекъабги буго.
Цолъиялдалъун гурони Дагъистаналъул букIинесеб къисмат лъикIаб букIинаро. Дица кумек гьабурав мадугьал Камалудин вуго лъарагI миллаталъул чи. Кинаб миллаталъул ватаниги гьев вуго дир мадугьалги, диналъул вацги, Аллагьасул дунго гIадав лагъги.
– Жидее дудаса кумек щваразул яги хIукуматалъул рахъалдасан букIанищ кинабгIаги баркалаялъул ялъуни разилъи лъазабиялъул хIужаго?
- Гьеб къоялъ дун щвезе кколаан цудунго хIалтIуде. Цогидазе хIалтIи бихьизаби ва тIадкъаял кьей буго дир хIалтIул хаслъи. Гьеб ишалда гьоркьоб ахIана дица начальникасухъе гьадинаб жо ккун бугин абун. Кутакалда разилъун изну кьуна гьес. Гьеб кинабго парахат гьабун хадуб хIалтIуде щвейдал, прессхъулухъалъул хIалтIухъаби рачIун ратана.
Гьеб ишалдаса рохун, кутакалда кIодо гьавуна дун. Гьединго хIукуматалъул бетIерлъиялда вугезги ахIана тIаде, гьеб иш гьедин тезе бегьуларин, гьелда сверун тадбирал гьаризе ругин абуна. Дида цадахъ хъизанги йикIиндал, гьелъиеги гьабизе кколин кинабго рахъалдасан бегьарабщинаб кумекиланги абун, нечезавуна гьезги. Камалудинил гIага-божарал рачIун, гьезги намус гьавуна. ХIакъикъаталдаги дир бакIалда вукIаравани цогидав бокьарав чи, гьесги гьабилаан гьебго.
Мадугьал Камалудиница хъван буго чанго бакIалде гьадинаб кагъатги:
«22 январалда, 6 чи вугеб дир хъизан (дунги, хъизанги, 4 лъимерги) газалъ гъанкъун хвезе рахъана. Нижер рукъ боркьулеб букIана газалдалъун. Къаси ниж кьижараб заманалда къотIун буго газ, цинги дагьаб заманалдасан бачIун буго.
Печалда букIараб форсунка къалеб клапанги хIалтIичIого, газ рокъоб тIибитIизе лъугьун буго. Радал 6 тубараб заманалда дида газалъул гIадаб махI чIвазе лъугьана. ТIаде вахъинеян лъугьиндал, бохдуз малъараб гьабичIо. Цинги лъугьана дун хъизаналде ахIдезе. Гьезул цонигияз жаваб гьабичIо.
Гьеб заманалда лъавудаса ун рукIарал къагIидаха гьел. Цинги хIалица квер бегьун кодобе щвезабуна телефон ва мадугьал Хайрулаев Магъиласухъе ахIана кумекин абун. Гьеб ахIи щвейдал гьес, жиндирго хъизангун цадахъ, ниж киналго къватIире рахъана ва нижер хъизам хвасар гьабуна.
Магъилав вуго кутакалда жавабияв, гIадамазе ва мадугьаллъиялъе кумек бугев чи. Кинаб хIажат мадугьалзабазе кканиги, нухалъул, токалъул, газалъул рахъалдасан бугониги, тIоцеве жувала гьев гьеб тIубазе.
Дица ва хъизамалъ хитIаб гьабулеб буго нужеде, букIине кколеб даражаялда кьейин къимат Хайрулаев Магъиласул ва гьесул хъизан Марзигатил бахIарчияб ишалъе. ХIурматгун ГIабдурахIманхIажиев Камалудин».
Магъиласул хъизан ГIумарова Марзигат медсестралъун хIалтIулей йиго республикаялъул перинаталияб централда.
Гьадинаб кIалъай ккана нижерги Магъиласулги. ХIакъикъаталдаги мадугьаласул хIакъ кIудияб буго исламалда. Бичасул аварагас цIакъ берцинго тIубалаан гьеб хIакъ. ХIатта жугьутIав мадугьаласул заралгицин хIехьолаан гьес. Гьеб буго нилъеца мисал босизе, гьесда нахърилъине букIине лъураб мисал.
Дагъистаналъул гIолохъаби кумек гьабиялъул рахъалъ цогидаздаса бетIералъ тIокIал руго. Гьале дагьаб цебе гIансиги тIун бачIун, гьелда гъоркье ккун рукIана гIадамал Ставрополь краялда бугеб хIухьбахъи гьабиялъул базаялда. Гьенибги Дагъистаналъул гIолохъабаз бихьизабуна кIудияб бахIарчилъи. ХIатта нилъер цо гIолилас жиндирго черхалдалъун яхчана гьитIинай гIурус яс.
Гьебго краялда авариялде ккарал гIадамал машинаялдаса къватIире рахъана Дагъистаналъул муфтияталъул вакилас. Магъилас гьабураб бахIарчилъиялда жаниб кIудияб мисал буго гIун бачIунеб гIелалъе. Жинда сверухъ ругезе къварилъи кколеб бихьараб заманалда, сундухъго балагьичIого, гьезие кумек гьабизе гIедегIи ккола исламалъул нух.

ГАРА-ЧIВАРИ ГЬАБУНА ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВАС