Аслияб гьумералде

РакI-ракIалъулаб кумек

РакI-ракIалъулаб кумек

Цо къоялъ базаралде арав дун тIад вуссунелъул машина хвана. КигIан квалкваданиги щибго хIасил ккечIеб мехалда, хIисаб гьабуна бензин лъугIун батилин абун. Ахирги хиял ккана гьеб босизе заправкаялде лъелго ине. Шагьаралда жаниб гьеб бугеб бакI лъалеб гьечIолъиялъ, кодоб шишаги ккун дун лъелго вахъана заправка балагьизе. Машинаялда сверухъ лъугьун вукIаго, аскIоб букIана къайи баччулеб «Мерседес» машинаги.

Цо заманалда хадуб гъуна доб «Мерседес». Дида аскIобги чIезабун, гьелъул хважаинас цIехана бензиналда хадувищ унев вугевилан абун. Уйилан дица абидал, гьеб бугеб бакIалде саламатаб нух бугин, рекIайин абуна гьес. Гьесда цадахъ унаго лъана гьевги кафель босизе вачIарав чи вукIин, гьебги цIун щвезабизе унев вукIин.

Щвана заправкаялде, дица гьесие баркала кьуна ва нухда тIовитIулев вукIаго гьес абуна, жинца мун тIадвуссунги щвезавилин, гьебги босун хехго вачIайин абун. КигIан намуслъаниги вилъана бензин босизе. Гьебги босун, диналъул вацас тIадвуссунги щвезавуна дун. Дица гьесда абулеб букIана мун хIалакун ватилин, гьадинги дуца кIудияб кумек гьабунин абун.

Дуе кумек гьабулаго хвараб 10-15 минуталъ жиндие гьабизе жо гьечIин абун жаваб гьесги кьуна. Гьев ватана Гъарабудахкент районалдаса даргияв, ХIусен. Дун гьесие гIумруялъго налъулавлъун хутIана, ин ша Аллагь, гьабулебщинаб дугIадулъ гьев рехсела. Дир пикруялда, гьеб буго унго-унгоги ракIбацIцIадго гьабураб кумек.

Ургъел тIаса босарав бахIарчи

Поликлиникаялдаса рокъове тIадвуссунаго, ГIахъушиясул къотIнов ккана машинабазул гIанкъариялде гьоркьове. ГIемерал пикрабалъ вугев чиясул жиндаго хадуб хъаравуллъи кквей цинтIаго тIагIараб гIадин букIуна. Гьелдаго релълъараб жо лъугьана диеги гьенив чIун вукIаго.

Гьедин гъапуллъарав дида халлъана аскIор ругел машинаби церехун унел, рекIеда ватарав гIадин дицаги, цевехун валагьизе рекIеда ватилалде туркIизабун цебехун бачана машина. Балагьараб мехалда дида цере ругел машинаби жал ругеб бакIалдаса кьурун рукIун гьечIо, гьедин цевехун «воржун» арав дун чIезавуна цебе букIараб машинаялъ, ай гьелдаги тункун. Жинда тункараб машинаялъул хважаинас абуна, цогидалги ралагьун чIезаричIого, нухлул хьибилалде бачейин машина, щиб-кин ккарабали балагьизе.

Гьедин бачунаго бачIана гIемераб пикру ботIролъе, хIатта гьесие машина бецIизе ккани хвезабулеб гIарцул къадарцин паркъана ботIролъ. Цоцада дандчIвайдал гьес абуна щибин ккараб, гъапуллъунищ ккаравилан абун.

Дицаги уйилан жаваб кьуна. Гьеб гIиси-бикъинаб жо бугин, дуца дугIа гьабеянги абун, жиндирго машинаялдеги вахун, ана гьев чи. Гьединал гIадамаздалъун бечедаб буго Дагъистан. Гьеб буго нилъер хазинаги. Дица Аллагьасда гьарула гьев гIолиласда тIокIаб гьединаб хIал дандчIвагегиян.

Гьеб машина къачIазе босулеб гIарацалъул бакIалда гьес тIаса бищана гьабулеб дугIа. Ин ша Аллагь, дир кидагосеб дугIа гьев сахаватав гIолиласе букIина! Аллагь разилъаги гьесдасаги, гьесда цадахъ рукIарал гьалмагъзабаздаги.

Баркала буго чачанасе

Цо къоялъ Владикавказалдаса Дагъистаналде вачIунаго машиналъул бер кьвагьана. Гьеб иш ккана чачаназул ракьалда. Цадахъ хисизе бер букIинч!о, щиб гьабилеб лъаларого дунги вукIана. Мехго балелде аскIоб чIана полициялъулазул машина.

Гьениса къватIиве вахъарав гIолохъанчияс цIехана ккараб-тараб, кумек хIажат бугебищин абун. Дицаги бицана бугеб къварилъи. Гьес байбихьана унел машинаби чIезаризе ва гIага-шагарго 20 минут бана дида аскIоб. ПалхIасил, берги хисун дунги нухда регIана.

Дихъе бер кьуравги вукIана магIарухъе унев чи, ай чияр машинаги бачун. Цебе батараб вулканизациялде щведал, гьениб батараб бералда ракIги рекъечIого, щиб гьабилебали лъаларого вукIана.

Лъалел гIолохъабахъе телефоналдасан кIалъалаго, машинаялда бер лъун батана, гьев чиги магIарухъе ун ватана, тIадежоялъе бер хисаралъухъ гIарацги кьун бугоан гьес. Дие бокьун буго диналъул вацал-чачаназе баркала кьезе.

Бабаюрт район, Журмут росу.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Иблисалъе вокьулев

БетIергьан Аллагьас ﷻ инсанасулъ рижун руго реццарал ва какарал тIабигIатал. Реццарал тIабигIатал Аллагьас ﷻ кьурав чиясда тIадаб буго гьезухъ шукру гьабизе, амма какарал тIабигIатал ругони, гьес кIвараб хIаракат гьабизе ккола гьел тIагIинаризе.   Бахиллъи, къарумлъи, барахщи – гьал...


Шайих Ахlмад-афанди

Дагъистан гвангъараб Файизалъул нур, Дуниялго цIураб Иршадалъул бакъ. ГIаламго баччарав Къуватав устар, ХIакъалде ахIулев ГIелмудал ралъад. Дир хирияв устар, АхIмад-афанди. ХIакъаб иршадалъул Камилав устар. Нижер ургъел гьабун ГIумру кIочарав, Нижер ургъел гьабун Гьарделев...


Аварагасги ﷺ тIадчIей гьабулеб букIараб

Къунуталъ (магьдина) какилъ хасаб бакI ккола ва гьеб ккола ШафигIияб мазгьабалда бищунго кIвар бугел суннатазул цояб. Гьеб буго рогьалил какил кIиабилеб ракагIаталда, рукугIалдаса хадуб цIалулеб хасаб дугIа. Гьединго къунут цIалула витрулъул какда, рамазан моцIалъул ахирисеб бутIаялда ва балагь...


ХIикматал махлукъатал

Руз   Руз ккола дунялалда ругел бищунго гIажаибал ва хIикматал хIанчIазул тайпабазул цояб. Абула гьезул бугин 200-250 гIанасеб тайпа. Гьел дандчIвазе бегьула киса-кирего. Руго чIахIиялги, гIисиналги.   Гьанжесеб заманалъул бищун кIудияб рузлъун рикIкIуна Россиялда, Китаялда ва...


Шамил районалъулал данделъана

МахӀачхъалаялда тӀобитӀана гӀолилалги, умумулги, жамгӀиятги данде гьабураб Шамил районалъул гӀадамазул данделъи. Аслиял темабилъун рукӀана гIолилал наркоманиялдаса цӀуни, рухӀиябгун яхӀ-намусалъулаб тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул бицин. КIалъазе рахъана диниялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀи,...