Шамил районалда «Ас-салам» казият
Шамил районалда «Ас-салам» казият

Дагьал церегIан къояз ниж щвана Шамил районалде. Дагъистаналда «Ас-салам» казият тIибитIизабиялъул жавабияв МухIамаднур Ибрагьимхановасул нухмалъиялда гъоркь, ХIебда росулъ тIобитIана районалъул имамзабазул советалъул председатель МахIмуд-афандил гIахьаллъигун, данделъи. Гьениб бицана бачIунеб соналъе «Ас-салам» казият хъваялда хурхун районалда гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ. Гьединго, данделъиялда гIахьаллъи гьабуна ХIебда росдал мажгиталъул имам МухIаммад ГIариповас, муфтияталъул гIелмуялъул ва лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъан Зикрула СагIадуевас, районалъул имамзабазул советалъул кумекчи ГIизудин ГьитIиножоевас ва Шамил районалда казият тIибитIизабулезул вакил ГIумаров МухIаммадица.
Гьениб нижееги рес щвана «Инсан» фондалъул ва муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул вакилзабазулгун гара-чIвари гьабизе. Шамил районалде гьабураб сапаралъул хIасил бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.
МахIмуд-афанди, Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель:

– МахIмуд-афанди, тIоцебе гIелму цIализе кидал байбихьараб?
– Школа лъугIидал мединституталде цIализе лъугьунев вукIана дун. КIиго экзаменги кьун, лъабабилеб кьолелъул гьелъул жо ккечIо ва гьениса нахъе рачIунел чагIи, ай дунги мунагьал чураяв эменги Бакълъухъа КIудиясухъе, Буйнакскиялде щвана. Ккара-тараб бициндал, гьев мубаракас абуна инсуда, гьанив дир мадугьалихъ вугила Сидикъил ГIали-хIажи, нахъбахъун течIого гьесухъе щвезавейила вас.
Цо заман букIана Буйнакскиялдаса эхеде щвараб. Гьеб заманалда ГIабдулгъафурил МухIаммад, СагIадулагьил МухIаммад, ХIасан-хIилми ва дун ана Къелеса ГIусманихъе. Чанго моцI бахъун лъабабилеб «МахIали» ва «ФатхIул мубин» цIалана гьесухъ.
ТIаса Гъазданущив рахIи-магьуллагь КъурамухIаммад вугеб мехалда «ФатхIул мугIин» цIалулеб дагьаб заман гьенибги бана.
– Нуж цIалулеб заманалда гIелму тIалаб гьаби кинаб букIараб?
- Буйнакскиялда, ГIали-хIажил азбаралде лъугьарав дица, бащдаб лъагIел бана хIажат тIубазе къватIиве индал зоб бихьараб гурони цоги жоялде вуссинчIого. КIалбиччанкъо щведал, лъабго къо кьун риччана ниж рокъоре. Дунго гIадал жеги щуго-анлъгоялги рукIана гьенир. КIиабизе тIадруссун щведалги, хадусеб соналъул гьеб байрам тIаде щвезегIан жанир рукIана. Доб заман букIана гьединаб, цIалулев чи къватIиве вахъунарев, хIажат гьечIесда рихьичIого хутIи лъикIаблъун рикIкIунеб.
Алабаба абун йикIана ГIали-хIажил эбел. Цо нухалъ къватIиве ваккарав дида вихьана гьейгун кIалъалев чи. ГIинтIамидал халлъана «Где эти ребята» абун Алабабада дов чияс цIех-рех гьабулеб. ХантIан жанивеги канцIун, цIалулел рукIарал тIахьалги нахъе лъун, нижеца рахчизе гIамал гьабуна. Нижер регулеб бакIалъул хьибилалда букIана цо чи гурони жаниве унареб, рабитIа гьабулеб гьитIинабго бакI, цоцада хадур щуявго лъугьана гьенире. Гьеб заманалда Унсоколоса МухIаммадзагьид вукIана аскIоб букIараб наралда кьижун. ТIаса вичIичIеб мехалъ гьев чиги вачун Алабаба ячIана жание. Кьижун ватарав МухIаммадзагьид гурони досухъе цоги чи щвечIо. Гьев вукIана гьанжего гьанже армиялдаса вачIарав гIолохъанчи. Гьав щивин абун цIех-рех гьабидал, Алабабаца абуна нижер гьобол вугин. Гьабизе жо лъугIарав дов чиги нахъе ана. Хадуй гIажаиблъун Алабаба ячIана, кирдила ругел лъимал абун, ниж ралагьизе. Мадугьалзабаз мацI гьабун букIун батилаха, цо-цо гьединал лъугьа-бахъиналги кколаан.
– Ресукъабго заманги букIун батиларищха.
– Ресукълъийинги кин абилеб, АлхIамдулиллагь, квана-гьекъезе жо камун хутIичIо. Кваналеб жо букIунаан макарон, пиринчI. Гьабизеги нижецаго гьабулаан, амма 16-17 сон бараз гьабулеб жоги щибха букIун батилеб.
Гьелдаса хадув армиялде ана ва тIадвуссун щведал нахъеги вилъана ГIалил гъове. Гьедин, 1993 соналде щвезегIан цIалана Буйнакскиялда. Гьеб букIана дагь-дагьккун диналъул иш бичча-бихъалеб заман. ГIусманихъ цIалулеб заманалда нижеца ихдал хурги бекьана, хасалихъе мех щведал лабалаб бакIалдаса гIодобе биччан рохьоса цIулги гьабуна, бищун ракIалда чIараб гьеб букIанинги ккола цIалулеб мехалда.
– Нуж цIалулел рукIарал соналги, дин биччазе байбихьараб заманги дандеккун, щиб абилеб?
– Рагьун дин гьабизе гьукъун букIаниги, доб заманалда диналдехун дагьабниги бухьен бугел чагIазул цоцадехун бугеб рокьи кутакаб букIана. Абуларищха, бахчараб жоялъул къимат цIикIкIараб букIунин. Дагь-дагьккун рагьун дин гьабизе ресал щведал, адабги цоцадехун бугеб гIамал-хасиятги хвараб гIадин лъугьана, цебе гIадинаб гьечIо.
МугIалимлъун вугеб заманалда дица мутагIилзабазда гIемер абулаан нужее санагIалъаби щун ругин, къимат гьабеян. Нижер заманалда регулеб жо букIана анлъго чи цадахъ вегулеб хъарщиялъул гьабураб нар.
Доб заманалдаги нижеда абулаан гьабсагIат гIолохъанго, рес букIаго хъизан гьабилалде дарс цIалейин, гьелъул адаб цIунейин. Гьелъул унго-унгояб къимат бичIчIулеб буго, хъизанги гьабураб, лъималги рукIун, регIуларого ругеб мехалъ. Буйнакскиялда ругеб заманалда, мунагьал чураяв ЧIиркъатIаса АхIмадидаги дидаги ГIали-хIажица сварка гьабизе малъана. Ниж къад Къакъашураре сварка гьабизе унаан, къаси нахъруссун щведал, цIалдолаан. Гьанже ругел мутагIилзабазе киналго санагIалъаби чIезарун руго, цохIо цIали гуреб жо тIалабги гьабулеб гьечIо. Аллагьас ﷻ кьун бугелдаса пайда босизе ккеларищха.
– ЦIалун хадув хIалтIизе киве ккарав?
– ЦIалун хадув дагьа-дагьаб заманаялъ, ай кIигониги нухалъ дирго гIагараб Гьандихъ росдае имамлъи гьабуна, мадрасаялъе нухмалъиги гьабуна. 1998-99 соназ ГIасаб мадрасалда мугIалимлъунги хIалтIана.
Цо соналъ хIежалде индал ккана муфтигун цадахъ. ЦIех-рех гьабидал, гьес абуна нужер шагьаралда рукъ бугогурищ абун. Бугин абидал, гьес цIехана щиб-кин гьелъул бугебин абун. Квартирантахъе кьун бугин абидал, хIикмалъун гьес абуна, дицайила хIалтIухъаби ралагьулила, гьезие квартираги кколила, гьавин абуни квартира цогиязухъеги кьун, магIарухъ чIун вугила. Гьелъул жо кколаринги абун, вачана шагьаралде. 2001-абилеб соналдаса 2016-абилеб соналде щвезегIан мугIалимлъун тана ДИУялда, цадахъго бачунеб букIана МахIачхъалаялъул «Космос» абураб бакIалда аскIоб бугеб мажгиталда имамлъиги.
– Ахираб заманалда мун вукIанаха ХIебда росдал имамлъун…
– Февраль моцIалъ тIамуна дун имамлъун. АлхIамдулиллагь, дагьаб заман баниги, кутакалда лъикIал хIалтIаби лъугьана мажгиталда сверухъ гьарурал. ТIоцебе гьаниве щведал дихъе батIи-батIиял харбал щун рукIана. Аллагьасе ﷻ рецц, чанго миллион хвезабун, хIалтIаби гьаруна, БетIергьанасул ﷻ кумекалдалъун хутIарал жеги рагIалде рахъинаризеги руго.
Росабалъа гваял гьарун рачIана жамагIатал, кIудияб баркала буго щивасе. Хасс гьабун рехсезе бокьаравги вуго ХIебда бугеб дармилаб базаялъул бетIергьан Ильяс. Районалъул имамлъун толелъул, жамагIаталда цебе рузманалдаги абуна дица, газеталдасанги абила, гьев чи вуго исламалъул бахIарчи. Мажгиталъе гьабулеб хIалтIуе щиб хIажалъаниги гьес жиндирго базаялда букIараб майин абун чIобого кьуна. Цоги диналъул вацас тIаде босана мажгиталъул цебесеб рахъалдаго релълъинабун, хьибилги, бекIкIараб гамачIалъ къачIаялъул иш. Гьанхъадерил гIолохъабаз хIажалъи бугебщиналъуб гордал хисана. Аллагьас ﷻ щивасул магIишаталда баракат лъеги.

ХIабибуллагь МухIаммадов, муфтияталъул Шамил районалда бугеб рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев:

– ХIабибуллагь, рухIияб лъай кьеялъул мурадалда районалда гьабулеб аслияб хIалтIи щиб букIунеб?
– РухIияб лъай кьеялъул хIалтIул рагIарав ва гьелъул дагьабгIаги бичIчIи бугев чиясда тIоцебе ракIалде кколеб жо буго, гьелъул хIалтIи бугин институталде, больницабазде, школазде, ясли-ахазде ун лекцияби цIалиян.
Гьайгьай ниж щола росабалъе ва щибаб идараялде. Гьабула накъит, бицуна исламалъул. Цо нухалда гьедин щварал бакIаздаса ахIи бачIуна нахъе-нахъеги рачIине бокьилаанин абун.
ХIажат буго щивав бусурбанчияс жиндирго хьвадиги гIамал-хасиятги аварагасул ﷺ букIараб тIабигIаталда релълъинабизе. Гьединаб хIал букIинабизелъул хIалтIи гьабула нижецаги. Гьеб буго нижер отделалъул аслияб мурадги хIалтIиги.
– Рехсарал гIамалазде гIадамал куцазелъун «Ас-саламалъул» кинаб гIахьаллъи бугин кколеб дуда?
– Нижер отделалъул хIалтIухъаби щола росабалъ ругел жамгIиял бакIазде. Имамзабазги жамагIаталда гьоркьоб хIалтIи гьабула. Амма щивасул рокъоре хьвадун гьезухъа бажаруларо. «Ас-салам» казият абуни щивасул рокъобе бачIуна. Дица абила, имамас мажгиталда гьабураб вагIзаялдасаги, школалде рачIун нижеца тIобитIараб лекциялдасаги, лъимал-хъизанги данде ракIарун цо нухалъ инсуца рокъоб газета цIалани, гьелъул гIемерго пайда букIинин.
ГIезегIан чагIаз абула дунялгун заман хисун бугин абун. Дунялги заманги гуро хисун бугеб, хисун руго нилъ ва нилъер гIамал-тIабигIат. Чара гьечIого хIажат буго нилъерго рукIа-рахъин, гIамал-хасият лъикIаб рахъалде хисизабиялда тIад хIалтIизе. Гьелъие сабабалъе бугеблъун бихьула дида «Ас-салам» казиятги.
МуртазагIали МухIаммадов, «Ас-саламалъул» МачIада росулъ вугев вакил:

МуртазагIали цIалана техникумалда, хъулухъ гьабуна армиялда ва тIадвуссиндал хIалтIана ГIурада росдал совхозалда, школалда бухгалтерлъун. Ригьалде вахун вугониги, МуртазагIали вуго районалда ругел вакилзабазул хIалтIуде гъира базабулев, гьезие хIал кьолев чи.
– МуртазагIали, мун гIолохъанаб заманалда дин гьабиялъе квалквал букIанищ?
– ГьитIиномухIаммад абурав чи вукIана нижер гьанив, дин гьукъараб заманалдаги, сундухъго балагьичIого исламалъул хIалтIи гьабулев. Нижер росу рагIалда буго къулгIа. Цо нухалъ гьениб какги бан вачIунев дида данде ккана гьев ва гьес абуна комсомолазгийищин как балебин абун. Нижер эмен вукIана гIезегIан къварилъи бихьарав чи. Дида эбел-инсуца гьитIинго как базеги малъун букIана. ГьитIиномухIаммадие жаваб гьабун дица абуна как бачIого гIелищинха абун. Гьелдаса хадуб гьесул дидехун батIияб бербалагьиги лъугьана, хIатта магьари лъолелъул, цогидазда гIадин дин-исламалъул цIехечIого, гьес дие бачIинахъего гьебги лъуна. Киве кканиги, тасамахIлъи букIаниги, бажарараб хIалалда дин гьабуна.
– «Ас-саламалъулгун» лъай-хъвай кида ккараб?
– Рагьун дин гьабизе ихтияр кьурал 90-абилел соназдаса хадуб, мунагьал чураяв нижер эмен вукIана гьаб казияталъул ишалда. 98-абилеб сон букIана гьеб, дихъе щвезе вачIарав гьес цадахъ бачIана жиндихъго букIараб гьелъул хъвай-хъвагIай ва абуна гьанжелъизегIан жинца гьабунин бажарараб, гьанжеялдаса хадуб дуцаги гьабейин.
Гьаб казият батана дида, коммунистазул заманалда рорчIун арал дин-исламалъул хIукъукъал цIуразаризе малъулеб, щивасе хIажатаб басмалъун. Гьарула БетIергьанасда ﷻ щивасул чорхое сахлъи, кидаго «Ас-саламалъулгун» гьудуллъи ккве, гьаб бугелъулха ахираталда батизесеб нилъеда малъулеб казият.
ХIадис ХIадисов, «Инсан» фондалъул Шамил районалда бугеб филиалалъул вакиласул кумекчи:

– ХIадис, «Инсан» фондалъ районалда гьабулеб хIалтIи щиб бугеб?
– ГьабсагIаталда районалда бугеб филиалалъул бербалагьиялда гьоркь вуго 300-ялдаса цIикIкIун чи. Цо-цо мехалда гьезул къадар 500-ялдеги бахуна. Гьаб заманалда хIукуматалъ лъималазе рихьизарулел руго выплатаби, кьолел руго капиталал. Гьединлъидал, лъабгоги ункъоги лъимер рокъоб букIарал чагIазе 30-40 азарго гъурущ щвезе байбихьидал, бербалагьиялда рукIаразул къадарги гIодобе ккана. Гьанже, аслияб къагIидалда, халгьабулел чагIи руго закагIат жидее щолел. ЗакагIат кьолезул кьердаса рехсарал чагIи аниги, садакъа щолезда гьоркьор гьел хутIула.
– ЗакагIатги садакъаги щолел чагIи кин нужеца ралагьулел?
– Щибаб росулъе уна, имамасда цIехола, бегавуласдасан лъазабула. Цинги балагьула гьединазе щиб хIажат бугебали. Гьанже нижеца сияхI гьабун буго закагIаталде цIакъго-цIакъ хIажатазул.
Мина-къайи бухIун, нагагьаб балагь тIаде щварал чагIазе гьабизе ккараб гурони, гьаб ахираб кIиго соналъ нижеца хасав чиясе абун, гIадамазухъа гIарац бакIаризе ккечIо. ЗакагIаталъул бичIчIизабун, ресалда ругезухъе хьвадун хIалтIи гьабидал, гьединаз ниж берцинаб къагIидалда къабул гьарула. Гьедин, закагIаталъе бакIарараб гIарац бугониги, бачIараб ретIел-хьит батаниги, гьебги бикьула хIажатазе.

– ХIалтIи гьечIого ругезе гьеб балагьиялъе кумек букIунищ «Инсаналъул»?
– Гьеб рахъалъги бажарараб кумек гьабула. ХIебда ругел дармилал базабаздаса бачIуна нижехъе хабар хIалтIухъан къваригIун вугин абун. Дагьал церегIан къояз вачIана цояв кIалъан, къваригIун вугин тракторалда хIалтIизе чийин. Хасаб программа буго хIалтIизе гъира бугел чагIи батIи-батIиял махщелазе цIализе ритIулебги. Гьедин цIалун рачIарал цо-цо богогьанзаби хIалтIулелги руго нижер бербалагьиялда гъоркь.
ГIумаров МухIаммад, «Ас-саламалъул» Шамил районалда вугев вакил:

- Школа лъугIун хадув цIалана росулъ – Бакълъухъ мадрасалда. Щуго соналъги цIалун, практикаялъ витIана Унсоколо районалде. Гьениб ункъо сонги бан витIана Хунзахъ районалде. Цинги, лъагIалидасан - Ростов областалде. Лъабго соналъ хIалтIана гьенив имамлъун ва гьениса вуссиндал гьабуна гIагараб росдал мажгиталда имамлъиги. ГьабсагIаталда вуго «Ас-саламалъул» районалда вакиллъун.
– «Ас-салам» дие кидаго бокьулаан, гьелъул хIалтIухъабиги лъалаан, хасго Ростовалда вугеб мехалда, гьелъул вакилзабигун, шагьаралде унаан гьеб бикьизе ва гьелъул хIалтIи гьабизе, - ян бицана МухIаммадица. - ХIисаб гьабе, «Ас-саламалъул» вакилзаби щола щивав чиясухъе. КIалъа-басай гьабидал ратула тIуразе кколел суалал. Херал чагIи рукIуна жалго хутIун. Гьезулгунги гьабула накъит. Газеталъ гIемерав чиясе исламияб диналъул бичIчIи кьола, гьабулеб букIаралдаса руссиналъе сабаб батизабула.
Россиялъул регионазда хIалтIи гьабулелъул ккола батIи-батIиял лъугьа-бахъинал. Газета кодобе щведал, цо-цоязул букIуна, гIемераб заманалъ тIагIараб жо балагьулелги рукIун, гьелде тIаде ккаразул гIадаб разияб асар.


– ЦIияб соналъе подписка гьабизе байбихьараб заманги гьаб бугелъул, районалда гьелъие гьабулеб хIалтIиго бугищ?
– Щибаб росулъ руго вакилзаби. Гьезулги имамзабазулги кумекалдалъун хIалтIи байбихьун буго. ГьабсагIаталда гьабураб подпискаялъул къадар лъабнусгоялдасаги тIаде ана. Районалда бугеб цIаракиялъул хал гьабидал исана нижеца гьелъул къадар 1300-ялде бахинабизе ккола. Гъоркьиса газета хъван букIана 1700-ялдасаги цIикIкIун чияс. Гьединго, почалдасанги гьабун букIана 500-гIан чияс. Аллагьасул кумекалдалъун исана 2000-ялде бахинабизе ракIалда буго. Цоги, районалда руго бакI-бакIаздаса рачIарал хIалтIухъаби, гьезул цо-цояз хъван руго ингилис, турк, тажиказул мацIазда къватIире риччалел газетал.
– Газета гьоркьобккун щиб абилеб?
– Лъица щиб хIалтIи гьабулеб батаниги, Аллагьас ﷻ щивасул гьеб къабул гьабеги, сахлъиги кьеги. ЧIахIиял чагIаз абулеб рагIула нилъеда, аварагасул ﷺ заманалда асхIабзабаз гьабулеб букIараб иш бугила гьаб диналъул хIалтIийин абун. Нилъ гьоркьор ругониги, гьечIониги диналъул иш цебе уна. Амма гьеб бакIалда гьоркьоб, гьитIинаб бугониги, гIахьаллъи гьабизе щвей кIудияб талихI буго.
Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.