«Ас-салам» – магIарул росабалъ

ЦерегIан къоязда нижер хIалтIухъаби щвана Хьаргаби районалъул МагIли росулъе. Росдал имамасул нухмалъиялда гъоркь нижеца дандчIваял гьаруна росдал жамагIат чагIазулгун ва цо-цо учреждениязул хIалтIухъабазулгун. Ва нижее рес щвана, росдал тарих жамгIияталъулъ лъугьа-бахъунелъул цIехон чангоязулгун гара-чIвари гьабизе. Гьенибе гьабураб сапаралъул хIасилалъул къокъаб баян кьолеб буго хадусел гьумеразда.

МухIаммадгIариф МухIаммадов, росдал имам:
- ГьитIинаб мехалдаго бокьун букIана мадрасалде ине. Школалда цIалулелъул, дарсал росизе мажгиталде хьвадулаан. 2004 соналъ ана Хьаргаби росдал мадрасалде. Гьениб лъабго соналъ цIалидал витIана Гъизилюрталде. Гьениб кIиго сон бана ва нижер класс битIана Кокрекалъул мадрасалде. Гьенибги бана кIиго сон. Цинги цIалана ЧIикIаб бугеб исламияб институталда. 2012 соналда муфтияс витIана Ставрополь краялде. Гьениб бана анлъго сон. Дагъистаналде щведал районалъул имамас Хъвартихьуни росдал имамлъун тIамуна. Гьенив вукIана анлъго соналъ. Гьелдаса хадуб нижерго росулъ имамлъун тана.
- МухIаммадгIариф, гьабса-гIаталда росулъ гьабулеб хIалтIи щиб бугеб?
- Аслиябги малъун анлъго мажгит буго росулъ. ГьабсагIаталда гьабулеб буго лъималазул риидалил курсазул иш. Росдал аслияб мажгиталде киналго рачIуна, гьаниб букIуна васазул цIали. Ясазул цIали букIуна цогидаб бакIалда.
Балеб буго цIияб мадраса. Гьениб цебе букIана гьитIинабго бакI, гIолеб букIинчIо киназего. Гьединлъидал хIукму гьабуна кIудияб мадраса базе.
АлхIамдулиллагь, лъабкъо-гогIанасев мутагIил вуго росулъа бакI-бакIазда, ай мадраса-институтазда цIалулев. Гьелдаго цадахъ, кIикъогогIанасел цIалун рахъарал руго батIи-батIиял бакIазда имамзабилъун, мугIалимзабилъун хIалтIулел.
Боголил какдаса хадуб букIуна росдал чIахIиял чагIазе дарсал.
Нижер жамагIаталъул гIеме-рисел шагьаралда ругелъул, гьенир тIоритIула данделъаби, мажлисал. Рамазан моцIалъ тIоритIула ифтIарал. Муфтияталъ бихьизабураб программаялда рекъон, рухIияб лъай кьеялъул отделалъул хIалтIухъан вачIуна районалдаса школалде, ясли-ахалде, больницаялде, спортзалалде щвезе. Гьедин гьарула лекциял.
«Инсан» фондалдаса щибаб росулъ вихьизавурав вакил вукIунелъул, нижер росулъги вуго гьединав чи, ай Къурбан. Гьесда цадахъ лъугьун щибаб моцIалъ гьарула батIи-батIиял акцияби.
Шигьабудин ккола «Ас-саламалъул» вакил. Районалдаса вакилас казиятал росулъе щвезаридал, росу кIудияб бугелъул, щибаб авал цо-цо гIолохъабаз тIаде босула ва гьедин казият щивасул рокъобе щвезабула.

МухIаммад ГIумаров, будун ва росдал мадрасалъул жавабияв:
- Дир аслияв мугIалим вукIана МухIаммадсайпулагь, цеве росдал вукIарав имам. Гьесухъе дарсазде хьвадидал бижараб букIана гIелмуялде рокьи. АхIмад абун цо гьалмагъ вукIана дир ГIасаб мадрасалда цIалулев. Гьев кIиясдасанго бижана гIелмуялде рокьи. Гьедин ана дун ГIасаве цIализе. Цо сон гьениб байдал лъугьана ДИУялде ва цIалана анкьго соналъ. ЦIали лъугIидал, росулъ вукIарав АхIмад абурав имамасул тIалабалдалъун, дун вачана нижерго росулъе дарсал кьезе. Гьелъ ккана диде тIаде мажгиталда будунлъи гьаби ва мадрасалда директор хIисабалда гьелъул бербалагьи гьабиялъул иш.
- Росдал жамагIаталъе дарсал кьеялъул тартиб кин гIуцIун бугеб?
- ГьабсагIаталда унеб буго риидалил курсазул цIали. Гьеб малъичIого, цогидаб заманалъ мадрасалде рачIун, дарсиде хьвадулел васазул къадар кIикъоялда анцIгоялдасаги цIикIкIун букIуна, ясазул къадар - нусгоялде бахуна. Гьел лъималазда гьоркьоса школа лъугIидал мадраса-институталде унелги камуларо. Абизе бегьула щибаб соналъ щуго-анлъгониги цIияв мутагIил вахъунин абун.
ЧIахIиял руччабазе анкьида жаниб бихьизабун буго лъабго къо, бихьиназе – шамат-гьатIан хутIун - щибаб къоялъ букIуна.

Багьавудин МухIаммадов, росдал будун:
- Цогидал лъималго гIадин, школалда цIалулеб заманалда дунги хьвадулаан мажгиталде. Мадрасалде ун гIелму цIализе лъугьана, хъизанги гьабун, 28 сон бараб мехалда. Гьелъиеги ккана гьадинаб гIилла: дибирасухъе ун гIадатиял дарсазде хьвадулелъул ракIалде ккана диего гIураб жогIаги щвелин абун, мадрасалде ине. Гьедин ана МахIачхъалаялде, КъурамухIаммад-хIажи Рамазановасул цIаралда букIараб мадрасалде цIализе. Хадуб росулъе вачIиндал, росдал имамас тIадкъана будунлъи гьабизе. Цадахъго бачуна мадрасалда росдал чагIазе дарсал кьейги.
- Кинаб хIалтIи батараб будунлъи?
- Будунлъи буго кутакалда баракатаб хIалтIи, амма сагIтихъ балагьун чIезе кколаха.

ГIумаров МухIаммад, росдал участковияб больницаялъул бетIерав тохтур:
- Школалда цIалулеб заманалда дун вукIана Московаялде, Автодорожнияб институталде цIализе ине хIадурлъи гьабулев. Росулъ дир тIалаб-агъаз гьабулев чи вукIана кIудияв эмен - Лабазанил МухIаммад. Гьесул букIана кутакалда чехь унтун. Хьаргабиса «Хехаб кумекги» ахIун, балагьун чIун рукIана гьез кумекги гьабун, сахлъизе вугев гIадин. РачIана, балагьана ва нахъе ана щибго жоги гьабичIо. Гьедин унтуца кIвекIулаго хвана гьев. Гьеб мехалда дица къасд гьабуна тохтурлъун вахъине.
Школа лъугIана меседил медалалда, институт - багIараб дипломалда. Чанго соналъ хIалтIана республика бахун къватIив. ХIалтIана мединституталда, чанго соналъ - Гъунив, Хъуппа росдал больницаялда бетIерав тохтурлъун. Гьанже, жамагIаталъул гьариялда рекъон, росулъе вачIанаха хIалтIизе.
- Росдал больницаялъул хIакъалъулъ бицани…
- Больницаялъул мина бан букIана ясли-ахалъе. Гьебги гьабичIо ва 1990-абилел соназда больницаялъе кьуна. Хъуппа росулъ хIалтIулев вукIарав дун, районалъул бетIерасул ва росдал жамагIаталъул гьариялда рекъон, вачIана гьаниве. Дун вачIиндал гьаниб букIана анцIго койкаялъе бакI бугеб больница. Дица тIалаб гьабуна жеги тIадеги анцIго. Гьединго цIикIкIинаруна штаталги.
Ясли-ахалъе бараб букIиндал, гIемераб хIалтIи гьабизе ккана больницаялъе дандекколедухъ мина къачIазе. Больница сверун бугеб бакIги гIадлу-низамалде бачине дагьаб сурсат хIажат букIинчIо. Гьеб киналъего кумек гьабуна росдал жамагIаталъ, рес бугел гIолохъабаз. РакI-ракIалъулаб баркала буго гьезие.
- Бищун гIемер кинал унтабигун нужехъе унтарал рачIунел?
- Нижер аслияб хIалтIи буго терапия. Больницаялда цебе буго поликлиникаги. Гьенивги вуго терапевт. Дунго ккола хирург. Гьелда хурхараб хIалтIи дицагоги гьабула. Цебе килищ къотIарав чиги Хьаргабиве ине кколаан. Гьанже нижедаго кIола гьединазе кумек гьабизе. Гьелъие хIажатал алаталги руго.
- «Ас-салам» казият гьоркьобккун щиб абилеб магIарулазда?
- Унтун гIодор ккедал гурони рачIунаро магIарулал тохтурасухъе. Гьединго жидецаго дарабиги гьарун чIолел руго. Интернеталде балагьунги гьабулеб буго дару. Тохтурзабазул малъи гIадахъ босулеб гьечIо. Гьедин бегьуларо. Унти сах гьабизе ккола тохтурас.
Аллагьас киназего щулияб сахлъи кьеги ва рохалидаги таги.

Шамил МухIаммадов, школалъул директор:
- Лъабабилеб соналъ нухмалъи гьабулеб буго дица гIагараб школалъе. Жакъа нижер росдал школалда цIалулев вуго 262 цIалдохъан. Коллективалда вуго 28 хIалтIухъан ва гьезда гьоркьоса щугоял ккола техникиял хIалтIухъаби.
Цебесеб гIелалъул цIалуде рокьи букIун батаниги, жакъасел лъималазул спорталдехун гIемерго цIикIкIараб гъира буго. Амма божарав вуго заманалдасан гьезулги цIалудехун гьединабго щулияб цIайи бачIине букIиналда. Гьелъие рес бугебщинаб гьабулеб буго нижер коллективалъ.
Бокьилаан цIалдохъа-базда гьаризе лъай босиялъе ругелщинал ресаздаса пайда босеян абун. Лъай кколелъулха букIинеселъул кьучI. Эбел-инсудаги гьарула лъималазул гIумруялъулъ цIикIкIун гIахьаллъи гьабеян. Школа - гьеб гIицIго мина гуро кколеб, гьеб буго росдал ракI, гьениб кьучI лъола нилъер лъималазул ва тIолабго жамгIияталъул букIиниселъе.

Хадижат ГIабдулаева, ясли-ахалъул директорасул кумекчIужу:
- Нижер ясли-ахалъ гьитIичал къабул гьаризе байбихьаралдаса ана 22 сон. Жакъа нижер коллективалда руго махщалилал хIалтIухъаби ва 45 лъимер. Буго лъабго къукъа, ай ригьалъухъ балагьун. Бищун гьитIинал - 1,5-3 сон, гьоркьохъел - 3-4 сон ва кIудиял - 4 соналдаса тIаде арал.
Лъимал цIакъ разиго рачIуна нижехъе. Щибаб къоялъ тIоритIула творческиял мастер-классал, кепал байрамал ва хIаял.
Кванил рахъалъ гьечIо щибго къварилъи. Руго киналго шартIал.
Нижер ясли-ах ккола цо кIудияб хъизан. ГьитIинаб заманалда ккарал ишал гIумруялъго ракIалда чIолелъул, нижеца хIаракат бахъула лъималазул гьединал лъикIал ракIалдещвеял кIванагIан гIемер рукIинелъун хIалтIи гьабизе.

ИнхохIажи ИнхохIажиев, Хьаргаби мадрасалъул директор:
- 34 сон барав чи ана дун гIелму цIализе 2010 соналъ Бакълъухъ росдал мадрасалде. Хадуб дун вачана МухIаммад-сайфулал кумекчилъун. Гьеб мехалда гьев вукIана районалъул имамги мадрасалъул директорги. 2021 соналъ дун витIана ГIахьвахъ районалде, «Ас-саламалъул» вакиллъиялъул нухмалъулевлъун. Гьелдаса хадуб росулъе нахъвуссана.
Росулъ бугеб мажгит гIадамазе гIолеб букIинчIо. Гьеб мехалъ росдал имамлъун вукIарав МухIаммад-сайфулагьица абуна гьаб мажгит цIигьабизе къасд кканин. ЛъагIелгун бащдаб ана мажгит цIигьабулаго, - ян бицана И. ИнхохIажиевас.
- Дагьаб цебе заманалда Аварагасул ﷺ асарал рачIун рукIана МагIлире. Гьел гьенире росиялъе щиб гIилла букIараб?
- Аслияб гIилла букIана цIигьа-бураб мажгит рагьи. Бажари бугел чагIаз цIакъ хIаракат бахъана гьел росулъе рачIинаризе. Хехаб заманалда жаниб нижеца хIалтIи лъугIизабуна.
Асарал рачIараб заман букIана рамазан моцI. Сапаралъ рахъарал гIадамазе захIмат букIунелъул, гьезие кIалбиччазе гьабулеб квен цо чияс тIаде босунги букIана.
Гьениб гIадлу-низам гьабиялъе гIуцун букIана волонтеразул къокъаби. 40-гIанасев чи вукIана къватI-къоно берцин гьабиялда тIад хIалтIулев. Лъабго къукъа хIалтIана хис-хисун, сордо-къоялъухъ балагьичIого.
Аллагьасе рецц, жамагIат гъункун, цадахъ хIалтIана.
- ЖамагIатги цIакъ разиго букIун батиларищха?
- Кутакалда рази букIана. Жеги цIикIкIун гъункана.
Асарал рачIараб тIоцебесеб къоялъ гIага-шагарго 12 азаргогIанасев чи вачIана ва гьел киналго кваназеги гьаруна. Квен гьабулеб бакIалда 45 чIужугIаданги ва 30 бихьинчиги хIалтIана.
- Мадрасалъул директорлъун кин мун ккарав?
- Цо нухалъ МухIаммад-сайфулагь кIалъан вачIана Хьаргаби мадрасалде ине кколинги абун. Дида кисаха лъалеб букIараб, дун гьенив директорлъун тезе вукIин. Шайих, муфти АхIмад-афандияс абун букIун буго дун теян. Дове щведал дун, гьобол гIадин гIодов чIун вукIана. Цо заманалда абуна директор хисизе кколев вугин, нужеда гьоркьоса гьеб иш тIаде босизе бокьарав чи вугищилан. ГьечIилан киназго абидал, ИнхохIажияв вукIине вугин абуна.
- Кинал захIмалъабигун нуж дандчIвалел?
- Налъи ккечIого хутIуларо. Щайгурелъул, 100-150 чи кваназавизе, вегизавизе, цIалдезавизе бигьаяб жо гуро.
Цо нухалъ АхIмад-афандияс мадрасалъул директоразаби ахIана ва абуна рес гьечIищин хIайваналги хьихьун, мадраса жибго жинцаго тIубаледухъ гьабизеян. Гьанже гьелда тIад хIалтIулев вугоха.

ГIумар МухIаммадов, тарихчи:
- Тарих лъазабиялде дир нух байбихьана 40 соналъ цебе, 1985 соналда Дагъистаналъул пединститут лъугIидал. Гьелдаса нахъе дица МагIли росдал школалда тарихалъул дарсал кьуна.
- ГIумар, росдал тарихалъул бицани бокьилаан.
- МагIли росу бугеб бакIалда гIадамаз гIумру гьабулеб букIана ганчIил ва мазгарул гIасрабаздаго. Жакъасел магIладерил умумуз гIумру гьабулеб букIана ИпутIа (ЗутIхIала) мегIер бугеб бакIалда. Нилъер эраялъул III-V гIасрабазда тIабигIат хисана: квачана, гIемераб эркенаб ракь бугеб ИпутIаса гIадамал гъоркьехун гочана, гьанжесеб МагIли росу бугеб бакIалде.
НекIсияб МагIли росдада абула «Росохъ» яги «ГIурус росу» (насраниязул росу абураб магIнаялда). Басрияб росулъ ва цо-цо рукъзабахъ ратарал археологиял жал дандеккведал бихьулеб буго рукъзабахъа рачIарал щагIил тIагIелазда гьоркьоб бугеб батIалъи 400 сонил букIин. Гьелдалъун абизе бегьула МагIли росдал ракьалда тIоцебесеб чIей 400 соналдаса цIикIкIун заманалъ цебе букIанин. Гьеб заманалда гIадамаз гьабулеб динги букIана насраниязул. Басрияб росу тIагIиналъе ва гьеб чIунтиялъе гIиллалъун ккана ислам тIибитIи ва гьенире гIарабал рачIин.
Гьелдаса хадуб гьанжесеб МагIли росдал ракь чIобого хутIана 150 соналдаса цIикIкIун заманалъ. XVI гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда гьанжесеб МагIли росдал ракьалде гочана Кудали-ханасдаса разилъи гьечIел гIадамал. Гьединго ИпутIаса цо-цоялги гочана цIияб росулъе, цебе букIараб бакIалде тIадруссун. Гьединлъидал тарихияб адабияталда гIемер батула гьадинаб лъазаби: «МагIлисез некIого хIалтIизабулеб букIана ИпутIа мегIер, гIалах хIисабалда», - абун.
МагIли росдал тIоцебесеб мажгиталъул къадада гьабураб хъвай-хъвагIаялда буго гьаб Аллагьасул ﷻ рукъ гьижрияб 1018 (1610 милладияб) соналъ бараб бугилан. Гьединлъидал МагIли росдае кьучI лъун буго XVI гIасруялъул ахиралда.
XVIII гIасруялъул ахиралде МагIли росдал букIана эркенаб жамгIият. Гьелъие нугIлъи гьабула «Хунзахъ нуцал МухIамад-ханасухъе магIлисезул жамагIаталъул кагъат» абураб документалъги. Гьениб бицунеб буго дагIба бугел ракьазул хIакъалъулъ. МагIладерица лъазабуна, нагагьлъун унго-унголъунги пуланаб ракь ханасул гуреб магIлисезул батани, цинги гьел батIияб къагIидаялъ кIалъазе ругин.
1813 соналда Дагъистан Россиялде гъорлъе иналде цебе магIладерил жамагIаталъ загьир гьабуна Россиялъул пачалихъалъе мукIурлъизе бокьи. Гьелъул хIакъалъулъ АхIмад-султIаница 1809 соналъ Гуржистаналда ругел гIурусазул аскаразул бетIерав командующий, генерал А. П. Тормасовасухъе хъван буго. Гьениб хъван буго АнсалтIа ва МагIли росабазул жамагIатазе бокьун бугин Россиялъул пачалихъалде гъорлъе лъугьине.
Шамил имамасул гъазаватазда магIлисел гIахьаллъиялъул цо-цо баянал руго. 1840 соналъ имам Шамилица амру гьабуна тIелкьадерил наиб КъебедмухIаммадиде къородисезул кьо кверщаликье босеян. Гьелдаго цадахъ гIурусазул командованиялъ Мехтулиялдаса АхIмад-ханасе тIадкъай кьуна, стратегияб кIвар бугеб объект хIисабалда, гьеб кьоги бахъизе ккей. Гьеб мехалда гIурусазул командованиялъ кумек гьарун букIана магIладерида. Гьеб ишалъулъ магIладерица КъебедмухIаммадил рахъ ккуна. 1840 соналъ МагIли ва Дарада-Мурада росабазул гIадамал, Шамилил рахъккун, гъазаваталде рахъана.





