Аслияб гьумералде

«Ас-салам» –Дагъистаналъул росабалъ

«Ас-салам» –Дагъистаналъул росабалъ

ХIурматиял бусурбаби. Гьале чанго сон буго нижер редакциялъ росабалъе сапар гьабун, гьезул хIакъалъулъ хъвалеб бугелдаса. Гьелъие гIуцIун буго «Ас-салам - магIарул росабалъ» абураб хасаб рубрикаги. Ниж уна цо пуланаб росулъе, гьабула тIоцебе имамасулгун дандчIвай. Гьединго росдал бегавул, школалъул директор, больницаялъул ва ясли-ахалъул нухмалъулезулгун гьабула гара-чIвари. ЖамагIаталъул активистазулгун, гIалимзабазулгун, машгьурал гIадамазулгун, спортсменазулгун, тарихчагIазулгун ва цогидазулгун гьабула дандчIвай. Гьедин, иргадулаб сапаралда, Лаваша районалъул КъулецIма росулъ ниж рукIаго, тIаде вачIана УхIлиса ГIабдулмажид. Гьев ккола жамагIатчи. Нижер мурад бичIчIарав гьес гьарана УхIлире рачIайилан. Гьенире рачIине къотIиги гьабун, тIадруссиндал баккана гьаб вирусалъул унтиги ва ана цо сон гьоркьобги. Гьеб хIал чучидал, ахIун бачIана ГIабдулмажидица ва ракIалде щвезабуна цебе гьабун букIараб къотIи-къай. Гьединаб нияталда бухьана нижеца иргадулаб сапар Лаваша районалъул УхIлиб росулъе. Гьениб ккараб накъит кьолеб буго гъоркьехун.

ТIайгибов Шарапудин, УхIли росдал бегавул

- Шарапудин, бегавуллъи гьабулелдаса гIемер заман бугищ, кин гIуцIун бугеб жамагIатлъулгун хIалтIи?

- БитIараб бицани дир разилъи гьечIолъи букIунаан цере рукIарал бегавулзабаздаса, росулъ гьабулеб гьечIеб хIалтIуда бан. 2017 соналда дун гIахьаллъана рищиязда. Гьелъул хIасилги ккун букIинчIо. Цеве вукIарав бегавуласе Аллагьасул къадар щведал, араб соналъ тIоритIана рищиял.

Гьаб иш тIаде босеян гьарун жамагIаталъул чагIи рачIиндал, гьезул мурадги тIубазабун жувана хIалтIуде. Лаваша районалъе нухмалъи гьабулеб буго Шамил Дарбишевич абурав лъикIав исанас. Гьесул руго лъикIал заместителалги.

Кинаб суалгун аскIове аниги, киданиги нахъчIвачIо. Бугеб бажариялда ва сурсатазда рекъараб кумек гьабичIого течIо. Масала, хIажат букIана росулъ парк. Нижер мурад тIубана, парк гьабуна.

Нижер ракь буго гъутIби гIемер гьечIеб бакI. Росдада аскIоб бугеб 2 гектар ракьалда, жамагIаталъул къуваталдалъун, гьабуна ахги. Азарабго баркала буго жамагIаталъе, кIварас кIвараб кумек гьабуна. Гьале школаги бан бахъунеб буго. Гьединго футбол хIалеб майдан гьабиялъе киналго документал хIадурун руго. Росу бакьулъ буго умумузул заманалдаго букIараб хIор.

ГьабсагIат гьеб хIалтIулеб гьечIо, къачIазе кколеб хIал буго. Гьелъиеги кумек гьабилин рагIи кьуна районалъул нухмалъулез. РакIалда буго росулъе лъим бачинеги. ГьабсагIат унеб буго байбихьиялъулал хIадурлъаби. Нужеда бихьун батила гьанире рачIунаго нухде бараб чабахх. Гьеб буго хадубккун росулъе щвезегIан хъил тIеялъе гьабулеб хIадурлъи.

Росулъ жанибги нухазде тIезе буго бетон тIезе хIадурлъи гьабулеб буго. Росу бакьулъ буго чанго соналъ цебе жамагIаталъул кумекалдалъун гьабураб даруяб лъел ицц. Гьеб гьекъолеб бугони ургьисалабазда гамачI лъугьине толаро. Нижеда сверухъ ругел росабалъа гIадамалги рачIуна гьенире. РакIалда буго гьеб лъим данде бакIарулеб хIавузги базе.

- Росулъ ругищ кумек гьабулел, рес бугел гIадамал?

- Аллагьасе рецц, цоги бакIазда гIадин гIемер гьечIониги, нижехъги камун гьечIо гьединал сахаватал гIадамал. Гьале росулъ спортзал базе тIаде босун буго цояс. Жиндир цIар абизе бокьиларин гьев вугелъул, абичIого тела. Гьединал гIадамаз хадубккунги гьабизе батила кумек.

- Нужер магIишат, бетIербахъин сундаса бугеб?

- Аслияб куцалда - хур бекьиялдаса. Нижехъ гIезабула хъапустIан, картошка, багIараб чIалкIутIан ва ламадур. Гьелдаго цадахъ цогидал культурабиги. Амма гьал ахирал соназда хъапустIаналъул багьа цIакъго дагьаб гурони гьечIо. Бичунги унаро. Гьале исана 1000 тонна гIодобе базе ккана. Нижераз 15 азаргогIанасеб тонна гIезабула гьелъул. Гьединал ишаз дагьаб ракI буссинабунги буго халкъалъул. Кин бугониги, хур бекьичIого гIадамаз толаро. Гьединго хьихьула боцIи.

УхIли росу

- «Ас-салам» казият гьоркьобккун щиб гьарилеб бусурбабазе?

- ТIоцебесеб иргаялда, бокьун буго кIудияб баркала кьезе гьеб казият ургъаразе, гьелда тIад хIалтIулезе. Гьеб буго жамгIият лъикIлъизе гьабулеб кIудияб хIалтIи. Исана росдал имамгун, жамагIатгун цадахъ ниж ун рукIана Дагъистаналъул муфти АхIмад афандиясухъе зияраталъ. Гьединго ниж щвана муфтияталде, рухIияб централде. Лъай-хъвай гьабуна гьениб гьабулеб бугеб хIалтIулгун. Ниж кутакалда разиго хутIана гьеб дандчIваялдаса. Бусурбабазе гьарула цоцалъ гъунки, цолъи. Аллагьас цIунаги киналго балъгоял ва загьирал балагьаздаса.

ХIамидов ХIамид, 1991-2016 соназ росдае имамлъи гьабурав чи

- ХIамид, гIелму цIалиялъе кинаб гIилла ккараб?

- Нижер мадугьал йикIана тумай. Гьел гочунеб заманалда гьание ккун йиго. ГIемерал лъималазда гьелъ Къуръан цIализе малъана. Лъималазда гьоркьов дун васандулев вихьидал, Къуръан малъизе ахIулаан. Гьеб заманалда таравихIал херав чиясул рокъор ралел рукIана. Гьенивеги таравихIал разеги цадахъ вачунаан. Абизе бегьула гьелъ тIоцебе кьучI лъунин гIелму цIалиялъе. Гьелдаса хадуб дун армиялде индал, гьей ясалъ, жиндаго аскIое, МахIачхъалаялде ячун йиго.

Армиялдаса вачIун хадув хIалтIизе ана МахIачхъалаялда бугеб Авиаагрегат заводалде токарьлъун. Гьоркьо-гьоркьов имгIал вачIунаан, гьев вукIана Гъиргъизиялда цIаларав чи. Инсуе бокьун букIана дун заводалдаго чIезе. ИмгIалас цIехана моцIрое кигIан щолебилан. Дица абуна 120-130 гъурущ щолин. Гьес абуна кванихъ хIалтIулев чи кколев вугинха мунилан.

Гьеб хабарги бицун ана гьев. Цо-кIиго моцIидаса нахъеги вачIана ва дие вагIза-насихIат гьабуна. Гьеб мехалда гьев Гьонодаса ХIажиясда аскIов вукIана. ХIабщиса МухIаммадилан абулаан гьесда. Гьес абуна заводалдаса щолеб гIарац дуе кьелин, Гьоноде цIализе вилъаян. Дие цIакъ асар гьабуна гьес гьабураб вагIзаялъ.

Гьелдаса хадуб цIан витIун Гьоноде ана. Цо соналъ гьенивги цIалун, ТIаса Жунгуталде витIана. Гьенибги лъагIелалъ цIалана. Гьеб заманалда жаниб авал-мажгитги бана. Хадур цIалана Сайфула-къадиясул цIаралда бугеб мадрасалда. Гьелдаса хадув ккана росулъе имамлъун.

- Мун вугоха цебе букIарабги гьанжесебги заман бихьарав чи…

- Цебе абизегIан лъикIал ресал рукIинчIо. Гьанже санагIалъаби руго. Гьадин бугониги зигардулел чагIиги камуларо. Дида ккола доб мехалда гIадамал цIикIкIун гIенеккулел рукIанин. Гьанже гIемераб жо лъалеб буго гIадамазда, гьелъги батилаха, захIмалъулеб бугеб.

ХIажиев ГIали, математикаялъул учитель ва тарихчи

– Нужерго росдал тарихалъул бицани бокьилаан.

- Нижер росулъ цебе даргиял рукIанин абула. Меседилаб Ордаялъул заманалда вукIун вуго Тохтамишин абурав хан. Гьев чи Шималияб Кавказалде вачIунев вугин рагIидал, рекъав Тимур вахъун вуго гьесда данде. Гьедин, 1395-1396 соназ ккун буго кIудияб рагъ. Тохтамишида данде Каспийскиялъул лъарагIлъиялдаса вахъарав Тимур Рязаналде щвезегIан ун вуго.

Тохтамишгун дандги чIван, Тимурил рагъ ккун буго Ставрополалъул Терек абураб бакIалда, гьенив шушахъ виххизавунги вуго Тохтамиш. Хасел бан Астраханалда вугев Тимурида лъан буго ниж ругеб ракь бугин жеги дин босичIел чагIи ругеб бакIин абун.

Цинги гьениса битIун цо къокъа рагъухъабазулгун, рагъ гьабун щущахъ бан буго тIубараб росуго. Живго тIадвуссун вачIиндал, гьаб ракь кьун буго Хунзахъ гъоб заманалда вукIарав ханасухъе. Гьедин Хунзахъа гьанире ккарал чагIи руго нижги.

Тимур Айтберов абурав тарихчияс хъвалеб буго гIахъушдерил мажгиталда батанила жидеда цIалулел рукIарал мутагIилзабазул сияхI. Гьениб бугила УхIлиса Лабазанил вас МухIаммад абурав чиясулги цIар. Гьеб сияхIги бугоан гьанжесеб заманалъул хал гьабидал, 1450-абилел соназде данде кколеб. Гьединал хIужабазул хал гьабураб мехалда росдаца бан буго 600-гIанасеб сон.

– Тарихиял лъугьа-бахъиназулъ росдал гIахьаллъи бугищ?

- Нижер гьаниб букIун буго сверухъ ругел росабазулгун цолъараб, Юрталъулалин цIарги бугеб, хунздерил рагъулаб отряд. Кинаб рагъулаб лъугьа-бахъин кканиги ханасул бодулъ цересел кьеразда рагъулел чагIиги рукIун руго. ГIурус аскар Типлис бахъизе бачIиндалги жиндир заманалда вукIарав АхIмад абурав хангун цадахъ рагъун руго гьаниса чагIи. Надир-шагьасул заманалдаги гьаниса ун буго гIаймакдерил къварилъухъ ккараб рагъулъ гIахьаллъи гьабизе, ХIабщисагун КъулецIмаса чагIи гъорлъ ругеб аскар.

Гьеб рагъулъ Надир-шагьасул къоло ункъазарго чияс гIуцIараб аскаралъе, цо гьаниса цоги Хунзахъа бачIараб кIиго аскаралъ кьаби щвезабун, кIудияб ками ккезабун буго. Амма кинабго рахъалдаса майданалгун гIатIилъи бугеб ракь букIиналъ нижер росу цIунизе захIматаблъун букIун буго. Гьелъ, гIемерисеб заманалда, АхIмад ханилгун Шамхал Тарковскиясул кверщаликь букIунги буго. Шамил имамасул бодулъ рагъулел рукIаразулги занал руго росдал хабзалалъ.

Гьел заназда хъварал гIужазде балагьидал, гьеб кколеб буго СалтIа букIараб рагъул соназда дандеги. Цо нухалда гьаниве щварав имамас абун буго нужер росулъ мажгиталде унеб нухда хер бижун гьечIин. Гьелъул магIна букIун батиларищха гьанир ругел чагIи дин гьабулел, мажгиталде хьвадулел ругин абураб. Росулъ вукIана имамас рещтIен гьабулев гьоболги, букIана Шамилица росдае тараб байрахъги, гьоболасе сайгъат гьарурал хужалги, цоцояз абула туманкIги букIанин.

Гьоболасги имамасе сайгъат гьабун букIун буго какичуриялъе хIалтIизабизе цIакъ берцинаб гулгун. Шамил имамасул заманалда росулъ рагъ ккараб заман буго гIага-шагарго 1842 сон. 1859 соналъ Шамил имам гIурус ракьалде унелъул, «БацIил каваби» абулеб бакIалда аскIоб, магIарда, лъалхъен гьабун буго.

Абула гьев нуха регIизе рачIарал чагIазул квер бачун имамасул квер саквайдал, рукьалда гъоркь къандалъоги лъун, квералда тIад кверги лъун, гьабулеб букIанин квер бачин. Гьединаб буго Шамил имамасул заманалда букIараб росдал тарих. Хадуб, 1904 соналъ Япониялъулгун рагъ байбихьидал, пачаясул гьари бачIун буго Кавказалъул чагIазде рагъде вахъине бокьарав чи вачIайин абун (доб заманалда жиндиего бокьарав чи гурони армиялде ахIулев вукIинчIелъул).

Гьедин, нижер росулъаги ун вуго анцIгояв, гьезул микьгояв тIадги вуссун вачIана. Дун цIакъго тарих лъалев чи гьечIониги, хадусеб гIелалъе букIине ракIалда буго, Аллагьасул кумекалдалъун, росдал тарих хъвараб тIехь гIуцIизе, гьелъие дагьа-макъаб материалги бакIарун буго. БетIергьанас кумек гьабеги нилъее умумузул нух кквезе ва тарих кIочон толареллъун рукIине.

УхIли росдал гьитIинабго музей

- Мун хисарав имамасда цадахъ лъугьун гьабулищ хIалтIи?

- Бажарараб гьабула. Муфтияталъ абураб, малъараб гьабула. Рекъон гьабураб хIалтIул хIасил букIуна. Дун гьанже авал-мажгиталда имамлъунги вуго. Имамасда гьикъун гурони дун гьанив вукIинарин абуна дица гьениб имамлъи гьабеян гьарараздаги.

- ГIезегIан заманалда имамлъи гьабуна дуца. ДагIваталъе кумек щиб батараб?

- Кумекалъе вукIана районалъул имам ЗубархIажи. «Ас-саламги» букIана росулъ кIванагIан тIибитIизабулеб. Гьеб казияталъ имамзабазе дагIваталъе кIудияб кумек гьабула. ВагIза-насихIат гьабулаан цо-цо гьелдаса босунги.

- ТIарикъаталъул хIакъалъулъ щиб абилеб?

- ТIарикъаталъ гIадин инсан куцалеб жо батичIо. ТIасан загьиралда гуребги, жанисан лъикIаб куцалъ инсан вацIцIалъиялъе кумек гьабула. ТIадегIанав Аллагьасдеги гIагар гьабулеб нухлъун батана дида гьеб. Имамлъун вугев мехалда гьелъулги бицана, хатмусалаватги гьабула.

- Росулъ гьарулел хIалтIабазулъ гIахьаллъи гьабулищ?

- Щиб хIалтIи гьабулеб батаниги, гIахьаллъи гьабула. Анкьида жаниб нижехъа гъутIби чIун рахъана. ГьедигIан хехго лъугIилинги ккун букIинчIо.

УхIли росдал аслияб мажгит

ГIабдулмажид гьавуна 1941 соналда. 30 соналъ учительлъунги хIалтIана, 22 соналъ росдал администрациялда секретарлъунги вукIана

- ГIабдулмажид, мун вуго кIиго гIасруялъул гьоркьоблъи бихьарав чи. Кинаб къимат дуца кьелеб кIиябго заманалъе?

- Дун гIолохъанаб мех коммунистазул заман букIана. Диналде данде гьабулеб хIалтIулъ гIемерал гъалатIал ругеб замана букIана гьеб. Учительзабазда абулаан нужеца хасго бегьуларин какал разе. Амма гьез абуниланги абун как-кIал течIо дица.

Нахъасан нуцIаги рахан гьабулаан ТIадегIанасе гIибадат. Как балев вихьарав чиясе гIемерал квалквалал гьарулаан, хIатта хIалтIудасацин ватIа гьавулаан. Гьаб заманин абуни буго эркенаб.

Дин гьабизе бокьарав чи сунцаго нахъчIваларо. Цебе, гIолохъанаб заманалда, гIелму гьабизе щвечIев чиясе гьанже рес буго мадрасабазде хьвадизе. Гьедин как-кIал мухIкан гьабизе росулъ ругел кьерилалгун цадахъ хьвадулев вуго дунги. Гьелъиеги гIемер шукру гьабула.

- Росдал жамгIияв хIаракатчи мун вугелъул, дур пукруялда рекъон, хIалтIи цебе билълъунеб бугищ ва гIадамазул рахъалдасан кумек букIунищ?

- Кинабго бараб буго тIад вугев нухмалъулесда. БатIалъи гьечIо - имам вукIа гьев ялъуни бегавул вукIа. Рекъон хIалтIулел ругони хIалтIи кидаго цебе билълъуна. Аллагьасе рецц, цIакъ лъикIав имамги бегавулги вуго нижер. РакI унтун росдал ургъел гьабулел чагIи ругин абизе бегьула гьел. ЖамагIаталъулги жавабчилъи букIуна. Амма, ахираб заманалда, рухIияб рахъ нилъер дагьаб нахъе кколеб буго магIишатияб рахъалдаса. Бокьун дунял гьабизе байбихьун буго нилъеца. Бокьилаан рухIанияб рахъги дагьаб къвакIизабизе.

- РухIанияб рахъ кин щула гьабилеб?

- РухIанияб рахъ щула гьабулеб жо тIарикъат бугин абизе кIола дида. Щивав чиясда муршид кквезе тIадаб буго хасго гьаб пасалъаби гIемераб заманалда. 1995 соналдаса нахъе дунги тIарикъаталда вуго. ГIасаса ГIабдурахIман-хIажияс абуна муридасул букIине кколин анлъго рукну. Лъабго цIикIкIинабизе кколеб: зикру, пикру, устарасухъе ин. Лъабго дагь гьабизе кколеб: квен, калам, макьу.

Аллагьас тавпикъ кьеги гьелда гIамал гьабизе.

ГIабдурахIманов Ибрагьим, росдал имам

- Ибрагьим, дуца гIелму тIалаб гIабизе кида байбихьараб?

- 9 класс лъугIидал цIализе лъугьана Буйнакскиялда, Сайфуллагь-къадиясул цIаралда бугеб мадрасалде. Щуго соналъ гьенивги цIалун, витIана росулъе будунлъи гьабизе. 6 соналъ будунлъун хIалтIидал, цадахъго имамлъиги тIадкъана. Гьедин ана жеги кIигоги сон. Гьелдаса хадуб цIияв будун валагьана, цинги гьале щуабилеб сон унеб буго дир имамлъи гьабулеб бугелдаса.

- Риидалил гьаб заманалда гьабулеб хIалтIи щиб бугеб?

- ТIадчIей гьабула лъималазе дарсал кьеялда. Нижер гьаниб васазулги ясазулги мадрасаби руго. Дарсал кьезе мугIалим вачIун вуго. Гьединго щибаб къойил боголил какдаса хадуб росулъ ругел цIаларал лъималгун данделъула гIелмиял тIахьал цIализе. Авалмажгиталдаги кьола харабазе Къуръан малъиялъул дарсал.

- Росулъ тIоритIулел мажлисал рукIунищ?

- Хасало авал-мажгиталда гьабун букIана как балеб ва какие чурулеб къагIида лъазабиялда тIасан данделъи. Жаназа чури мухIкан гьабун, тIоритIана данделъаби. Щибаб санайил аварагасул гIумруялъул бицун гьарула мажлисал. МоцIида жаниб цо-кIиго нухалда щола школалде. Школалъул директорасги, кинаб данделъи бугониги, ахIула ниж гIахьаллъи гьабизе. ГIолохъабазеги мадрасалъул спортзалалда тренировкаби гьарула ва боголил какда хадуб цо гьитIинабго дарсги кьола. Кинаб хIалтIи росулъ гьабулеб бугониги, жамагIаталъ кидаго квербакъула. Щуго соналъ цебе, жамагIаталъул кумекалдалъун, бана ясазул мадраса. КIиго лъагIелалъ цебе авалмажгит бан лъугIизабуна.

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...