Аслияб гьумералде

Аварагасул асарал ЦIумада районалда

Аварагасул асарал ЦIумада районалда

Аварагасул  асарал ЦIумада районалда

Лъиего балъгояб гьечIо нилъер дагъистаналда Бичасул аварагасул рас ва асхIабзабазулгун табигIазул асарал рукIин. Аллагьас нилъер халкъалъе рес кьола гьоркьо-гьоркьор гьезда бер чIвазе, гьездаса баракат босизе ва гьел нилъерго бералда рихьизе.

Рецц Аллагьасе буго араб соналъ нилъехъ букIараб бахунеб унти тIаса босиялъухъ. Гьале исана нилъее БетIергьанас цIидасанги рес кьуна гIадатияб гIумру гьабизе, цоцаде тIаде хьвадизе, мажлисал гIуцIизе.

Арал соназ гьел рихьизарулел рукIана батIи-батIиял районазда ва шагьаразда. Гьединго гьел рихьиялъул баракат щвана Ингушетиялъе, Белорусиялъе, Татарстангун Чувашазе. Гьаб хирияб рамазан моцIалъул ахирисел къоязда гьел асарал рихьизарулел руго ЦIумада районалъул Агъвали росулъ. Абизе бегьула тIолго Дагъистан гьел рихьизе унел ругин абун. ЦIумаде сапар бухьана нижер редакцIиялъги. Гъоркьехун кьолел руго гьениса данчIваял.

Кутакалда рохарал руго аварагасул ва асхIабзабазул асарал нижехъе рачIиналдаса. Гьелъулъ буго кIудияб баракатги. Абизе бегьула тIолалго дагъистаниял баракат тIалаб гьабун гьанире зияраталъе рачIунел ругинги.

ТIаде рачIунел къабул гьариялъул тадбирги кутакалда лъикI гьабун буго гьаниб. ТIаде рачIарал гьалбадериеги киналго хIажатал санагIалъаби чIезарун руго. Аллагь разилъаги гьелъие къвалал гурараздаса.

Дибиров Гъазияв, ТIад ГьакIвари росу

Гьаризе бокьун буго киналго бусурбабазе ва хасго дагъистаниязе цолъи. Цоцалъ вацал-яцал гIадин гъункун рукIинги буго нилъее жакъа къоялъ бищун хIажатаб. Гьеб бугоха дир аманат гьариги.

Асарал нижехъе рачIиналдалъун кутакалда рохун руго. Аллагьас дунялалда авараггIан лъикIав ва хирияв чи вижинчIелъул. Гьеб баракат тIалаб гьабун Дагъистаналъул батI-батIиял росабалъа гIемерал чагIи рачIунел халлъана. Аварагасде бугеб рокьиялъ рачIарал ругин мухIканго абизе кIола дида. Гьадинаб лъугьа-бахъин Агъвалиб жеги букIинчIин абизе кIола дида.

Киназего сахлъи кьеги ва аварагасул шафагIаталъе киналго мустахIикълъаги. Дунял-ахираталъул талихI кьун киналго рохаги. Хасаб баркала кьезе бокьун буго гьаб зияраталъе тадбир гIуцIаразе.

Малачов ХIайбула, Гьигьалъ росу

ГIицIаб Аллагьасул разилъи тIалаб гьабун вачIарав вуго. Аллагьас зиярат къабул гьабеги щивасул. Цере-цереги МахIахъалаялда, Буйнакскаялда ва цогидал бакIалъ асарал рихьун рукIана дида, амма гьаниргIан гIемер рукIинчIо кирниги. БитIараб бицани авараггун асхIабзаби рихьараб хIал буго. Асаразда цевесан унаго кIиябго бералдаса чвахун магIуги бачIунеб букIана.

РекIелъ дагьабниги иман бугев чиясе кутакаб пайда буго. Авараг вокьун Аллагьасул разилъи тIалаб гьабун гьаниве зияраталъе вачIарав чиясдаги ва гьесул магIишаталдаги баракат лъола щакIлъи гьечIого. Амма гьелде иман гьечIев чиясе щиб пайдаха букIинеб!? Аллагьас киназего аварагасул шапагIат щваги.

Сайидов ШагIбан, 83 сон, ЧIикIаб росу

Гьаб тIадбир тIобитIаразе ва гьелъие квербакъаразе ракIракIалъулаб баркала буго. Кутакалда лъикI гIуцIунги буго. Гьадинал тадбирал сабаблъун рукIуна жамагIат цолъиялъе, диналъул вацал цоцазда рихьиялъе.

ТIолабго Дагъистаналда гьарулел мажлисалги, рамазан моцIалъ ифтаралги ва гьадинал зияраталги гьаб кинабго буго нилъер Муфтиясул ва Муфтияталъул баракаталдалъун. Аллагьас кьеги нилъер церехъабазе дунял-ахираталъул талихI.

МухIаммадов Бадрудин, Агъвалив гIумру гьабун вугев, школалъул мугIалим, живго РичIанихъа.

Гьал асарал нижехъе ЦIумаде, Агъвалире рачIиналдалъун цIакъ рохарал ва чIухIарал руго. Гьадинаб баракат нижее кисан щолеб жо, хасго гьаб рамазан моцIалъ. Машааллагь гIемерал гIадамалги рачIунел руго, хасго гIемер руго гьалбал.

Гьеб буго нижее ЦIумадисезе кIудияб баракат. Гьалбал къабул гьаризе гIолохъабаца лъикIаб тартиб гIуцIун буго, Аллагь разилъаги киназдасаго. Гьадинал мажлисал, тадбирал гIемер гIуцIанагIан бусурбабазда гьоркьоб гьуинлъигун цолъи цIикIкIуна. Гьаб гIуцIаразе кIудияб баркала буго.

Гьадириб росдал будун, Сиражудил вас ТIалхIат.

Нижер росу гьедигIан кIудияб гьечIониги гьанире гIемерисел гIадамал рачIана. Цо-цоял росулъа гьанибе бачIунеб машинадул санагIатлъи ккечIого жакъа рачIинчIо, иншааллагь гьезиеги насибаб батила асарал рихьизе щвей.

Абизеги бегьула нижер районалъул тарихалда гьадинаб рохараб къо жеги букIун батиларин.Асарал гьанире рачIин кидаго букIунарелъул, ниж кутакалда рохарал ва разиял руго гьаб баракаталдаса.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


РабигIул аввалалъул хIурматалда

ЦӀунтӀа районалъул Гьинухъ росулъ тӀобитӀана баракатаб рабигӀул аввал моцӀ тӀаде щвеялда бан мажлис. Дунялалъул бусурбабазе гьеб моцӀ ккола хасаб рухӀияб цӀилъиялъул заманлъун. Муъминзаби мажгитазда ва рокъор данделъула Аллагьасе рецц гьабизе, Аварагасде ﷺ салават битIизе, гьесул гӀумруялъул...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....