«Ас-салам» – магIарул росабалъ
Дагьал церегIан къоязда «Ас-салам» казияталъул хIалтIухъаби щвана Шамил районалъул Гьолокь росулъе. Гьеб росу буго Авар гIурул рагIалда. Гьениса рахъана гIезегIан цIаларал чагIи, спортсменал, жамгIиял хIаракатчагIи.
Гьолокье гьабураб сапаралъул хIасилалда нижее рес щвана бегавуласулгун, имамасул кумекчиясулгун, школалъул директорасул заместителасулгун, жамгIиял хIаракатчагIазулгун гара-чIвари гьабизеги.

ГIалиев МухIаммад, Гьолокь росдал бегавул:
– Школа лъугIидал пединституталъул физкультурнияб факультеталде цIализе лъугьана. Гьеб лъугIун хадуб хIалтIана Ракьуб росдал школалда, районалъул спорткомитеталда. Росулъ хIалтIана администрациялда секретарлъун ва цIидасанги росдал школалда.
2005 соналда тIамуна бегавуласул ишал тIуралевлъун. Гьелдаса нахъе вугоха бегавуллъун, - ян бицана МухIаммадица.
- Мун бегавуллъун ккаралдаса гIезегIан сонал ун руго. Бокьилаан бицине тIоцебе хIалтIи гьабизе сундаса байбихьарабали?
- 2006 соналдаса нахъе байбихьана росдал ахIвал-хIал лъикI гьабизейин абун хIукуматалъ гIарац биччазе. Гьарулел хIалтIабазда тIад хвезабизе жамагIаталъ налогазе кьураб дагьа-макъаб жоги букIунаан. Гьедин щвараб хIалтIизабуна канализация гьабиялъе, гьекъолеб лъим бачине. Цо соналъ районалдаса биччана микьнусазарго гъурущ ва гьелде тIаде жамагIаталъги бакIарун, нижеца росдада жанисан бугеб аслияб шагьра къачIан, хъил тIун, гьабуна микьнусго метралъул нух. ГъазимухIаммад абурав сахаватав жамагIатчи цеве вахъун, гьесул бажариялдалъун къачIана гьедигIанасебго манзил нухлул. Гьединал хIалтIаби камун хутIичIо.
ЦерегIанго соназ 2500 метргIанасеб манзилалда бачараб лъим букIана росулъе. Сонал анагIан гьелъул хIал гIолеб гьечIолъи бихьун, нижерго сурсаталдалъун бачана росулъе цоги лъел мухъ. ГIалимухIаммадов МухIаммадицаги бачана цоги лъел мухъ. Гьединлъидал, щивасул рокъобе щун буго гьанже хIалтIизабизе бегьулеб бацIцIадаб лъим.
Гьанже нахъе хъилги тIун къачIана цIияб росулъ ругел къватIазул гIемерисел. Районалъул аслияб нухде гьоркьоре кколелги руго росулъ цо-цо бакIал, гьенир хIалтIаби гьарула районалъул нухазул идараялъ.
Датуна росуги уна нижер администрациялде гьоркьобе. Гьенибги букIана лъадае хIалтIи гьабизе ккараб хIал. Араб соналъ анкьнусго метрагIанасеб манзилалда трубаби хисун гьабуна гьеб хIалтIиги.
- ГьабсагIаталда гьабулеб бугеб хIалтIи щиб бугеб?
- ГьабсагIаталда хIалтIи гьабулеб буго росдада цебесан унеб нух бугеб рахъалда, гIоралда цебесан, лъеца жанибе бикIун рагIаллъи тIун инаредухъ, бетон тIун, сангар гьабиялъе. Цебеса рахъ лъугIидал, гьениб тIад гьабизе буго гъутIбиги чIараб, росдал гIадамазе санагIатаб бакI. Гьеб буго республикаялъул кIваралъул хIалтIи.
- СВОялда гIахьаллъи гьабулеб бугищ росулъа гIолохъабаз?
- СВОялда гIахьаллъи гьабула нижер росдал гIолохъабазги. Байбихьуда гьенив вукIана 24 чи, гьанже 19-яв вуго. 23 февралалде росдал мадрасалда тIобитIана гьел гIолохъабазул эбел-эменгун гIагарлъиги ахIун мавлид-мажлисги. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамасги, районалъул бетIерасул заместителасги. 8 марталдаги гьабуна гьел гIолохъабазул улбулгун лъудбиги ахIун цоги данделъи. Пикру буго, Аллагьас хъван батани, гьединал данделъаби хадурккунги гьаризе.
СВОялъул гIахьалчагIазул кIигояв Аллагьасул къадаралде щвана, Аллагьас дунял кIочараб ахират насиб гьабеги гьезие. Гьезул цоясул эмен вачIун вукIана васасул цIаралда волейболалъул турнир гьабизе бокьун бугин абун. Аллагьас хъван батани, гьебги тIобитIизе буго.
- МагIарулазе щиб гьара-рахьи гьабилеб?
- Гьарула щивасе сахаб, рохалилаб, аваданаб гIумру. Аллагьас гьабулелда баракат лъеги. Рагъ-кьал, питна-балагь тIаса босаги, хIалихьатал чагIиги нилъедаса рикIкIад гьареги.
Щиб пайда бугеб нилъехъ бугеб гьунаралъул, хъулухъалъул, ккурал бакIазул, халкъалъе пайдаялъе гьел хIалтIизаризе къасд батичIони? Амма батула гIадамал халкъалъе кIвараб кумек гьабулел. Гьединазул цояв ккола Гьолокьа ГъазимухIаммад.

МуртазагIалиев ГъазимухIаммадица бицана гIолохъанаб мехалда чанги батIи-батIиял ишазде ванин, эбел-инсухъ гIенеккичIеб мехги кканин, гIемераб гIарцуда хадув лъугьараб заманги букIанин абун.
- КIудиявги гIун вугин, гIакълу щун бугин кканиги, эбел-инсухъ гIенеккичIоги бегьуларо. ГIолохъабазде гьариги буго, воре нуж эбел-инсухъ гIенеккичIого чIогеян абураб. Гьезда гIумруги гIадамалги рихьун рукIуна. Эбел-инсул тIалаб гьабун дун чIейдал, гIажаиб куцалда баракат лъуна боцIуда. Дова-гьанив хъулухъалда хIалтIичIо, рокъоса-гIебеде дирго магIишатги гьабун вукIуна, - ян бицана гьес.
- ГъазимухIаммад, щиб хIалтIи магIишат яшавалда вукIунев?
- Гьаб нухлул рагIалда бугеб бакI бугоха, бугониги абизе бегьула гьанибги дир жого гьечIин. Цо тукен яцалъе кьуна, цогидаб вацасе тана, кафеги кофейняги росдае, мажгиталъе хайиралъе тана. Дирго цо тукен буго. Нухдасан унев чияс чай, хIан, гьуинлъи кваназе лъураб будка буго. Гьелъие гIоло хIалтIизабула тукенги. Дица хIисаб гьабулаан Аллагьас ﷻ кьолеб букIинчIебани киса щвезе букIарабин абун. Байбихьана хIисаб гьабизе. Гьаниб-доба гьудулзабигун цадахъ гIодов чIедал, байбихьана кафеялда, масала, цогидал цере риччазе гIарац кьезелъун. Цебе нусго гъурущ хвезабулеб букIараб батани, гьанже дагьаб хвезабун тезе лъугьана. Цинги лъалаго халлъана Аллагьасги ﷻ кьолеб жо къотIизабулеб букIин. Гьеб мехалда бичIчIана цояб квералъ кьураб цогидаб кверзухъе бачIунеблъи.
Гьелъ дица байбихьана лъикIал гIамалазде буссинабизе Аллагьас ﷻ кьолеб ризкъи. Дуца кьурабгIан Аллагьасги ﷻ кьолелъул. Жеги лъикIал ишал гьаризе байбихьидал дир черхалъе щулалъиги щола. ЛъикIал гIамалал гьари тедал, дир черхалъул иш лъикI букIунаро. Дидаго бихьараб жоялъул бицунев чи вуго дун.
- Шагьранухда будка лъезе, ай гIадамал чIобого кваназаризе кин ракIалде ккараб?
- Нухда унеб мехалъ ракъула. ТIоцебе гьединаб бакI дида бихьана Болъихъе унелъул. Гениб бихьаралдаса мисалги босун гьабуна дицаги. Гьениб бугебгIадаб тIагIам дир рокъобцин букIунаро. 2019 соналда лъуна беседка. Къойида жаниб 400-500 чи ваккулев ватила гьениве. Харжги кьун лъабго чи вуго гьенибгун мажгиталда сверухъ рацIа-ракъалъигун цоги хIажаталъе тарав.

- БукIанищ будка чIезе хутIараб заман?
- Цониги къо течIо гьениб къваригIараб жо жаниб чIезабичIого. Кумек гьабула гьалмагъзабазги. Амма кIиго-лъабго нухалъ букIана гIарац гьечIеб мех. Цогидазухъа босунги гьабуна гьенибе. Дида лъалелъул моцIрол ахиралда дие щолеб бакI. Амма камуларо чороклъи гьабулелги, хIатта цо-цо кофеялъул банка гIадинаб жо цадахъ босун унги батула.
- Дур тукен бугинги рагIанакинабго жо узучаб багьаялде бичулеб…
- Кибниги батиларо гьениб гIадин учузго бичулеб ретIел-хьит. Гьениса бегьула бокьарав мискинчияс ва лъималаз къваригIараб ретIел чIобого босизе. Гьединго имамзабазе, исламалъул хIалтIи гьабулезе чIобого кьола жаниб бичулеб къайи. РачIуна батIи-батIиял районаздасаги мискинал хъизамазе ретIел-хьит босизе. Гьеб тукен гьабун букIана ахираталда цIадирабазда батизелъун. Жакъа къоялъги гьединаб нияталда хIалтIизабулеб буго.

- Цоги ругищ жамагIаталъе пайдаялъе гьарурал ишал?
- МугIалимзабазул гьариялда рекъон школалда хIадур гьабуна как базе бакI. Нухлулазе санагIалъиялъе бараб как балеб бакI буго гьаниб тукада аскIобги. Цогиги камуларо гьарулел хIалтIаби, амма киналъулго бицине ккеларин ккола.
- Щиб гьарилеб газета цIалулезе?
- Дир гьари буго лъикIаб гIамал гьабизе хIинкъугеян абураб. Киданиги гIадада холаро лъикIаб рахъалде кьураб жо. Щвараб гIарцудаса дагьаб-макъаб жо кьунин абун, щибго хисуларо. Гьелъул гIаксалда, боцIуда баракат лъола.
МухIаммадов АхIмад,
росдал будун, имамасул кумекчи:

- Аслияб къагIидалда дица гIелму тIалаб гьабуна Бакълъухъ росулъ. Цинги росдал мажгиталде хIалтIизе вачана. Гьелдаса хадуб росулъ имамзабазухъа дарсалги росана. Гьедин, росулъ будунлъи гьабулелдаса ва жамагIаталъе дарсал кьолелдаса исана анцIила ункъабилеб сон бугоян бицана АхIмадица.
- ГьабсагIаталда росулъ диналда хурхун гьарулел аслиял хIалтIаби щал ругел?
- Имамасул аслиял хIалтIаби рукIуна районалдаса рачIарал тIадкъаял жамагIаталда жанир тIуразари, авал-мажгитахъ дарсал кьеялда хадуб хъаравуллъи гьаби, школалде хьвадун лъималазе насихIатал гьари, рузман къоялъ маркIачIул какда хадуб кIудияб мажгиталда чIахIиязе дарсал кьей.
Ясазегун васазе мадрасаги буго росулъ. Гьенир дарсал лъола лъабго мугIалимас ва кIиго мугIалиматалъ. Риидал, муфтияталъ бихьизабураб программаялда рекъон, лъималазе дарсал кьола.
Шагьаралда гIумру гьабун ругел росуцоязул гIемерисел лъималги рачIун рукIуна гьеб заманалда росулъе.
Дагьал церегIан соназ росулъ букIараб аслияб мажгит бухIун букIана. Гьеб цIигьабуна. Гьелъие цебехъанлъиги гьабуна живго имамас. Цоги, басрияб авал-мажгит букIана, гьебги ГъазимухIаммад абурав жамагIатчиясул кумекалдалъун цIигьабуна. Росулъ гьарулел хIалтIабазулъ жигараб кумек гьабула гIолохъабаз, Аллагь разилъаги киназдасаго.

- Рамазан моцI кин тIобитIараб?
- АлхIамдулиллагь, кутакалда лъикI ана. Исана жамагIаталъ цIакъго жигар бахъана садакъа-хайрат гьабиялъулъги.
- Ресукъал гIадамазе кумек гьабулеб гIуцIи бугищ росулъ?
- «Инсан» фонд гуребги, буго «Фонд Голотль» абураб цоги гIуцIи. Гьениса гьабула ресукъал чагIазе яги балагь-къварилъиялде ккаразе кумек. Руччабазулги буго жидерго хасаб цо къокъа телефоналда. Гьезги гьабула бажарараб кумек.
– Нужер росу буго гIурул рагIалда, жанисан шагьранухги бугеб. Камулел ратиларо кумек хIажалъун нухда хутIарал гIадамал…
- БитIараб бицани, росу къотIун унел чагIазе гIемераб кумек гьабула росдал гIадамаз. Рамазан моцIалъ, мажгиталда цебе, гIуцIун букIуна нухда унезе кIал биччазе санагIалъи, росу рагIалда буго бокьарав чи чIового кваназе бегьулеб будка-кафе.
Аллагьас цIунаги нагагьал балгьаздаса, амма гIурулъе машина, чи ккун вугони, росдал гIолохъабазде бачIуна тIоцебесеб ахIи. Гьелъиеги цIакъал руго гьакьал.
Хасс гьабун баркала загьир гьабизе бокьун буго «Ас-салам» казияталъул росулъ вугев вакил МухIаммадрасулие. Гьев диналъул вацас кIудияб хIалтIи гьабула казият гьоркьоб ккун росдал динияб рахъалда хурхун гьабулелъулъ, Аллагь разилъеги гьесдаса. «Ас-саламги» гIадамаз гъиралда хъвала, жидеего хъван течIого Россиялъул бакI-бакIазда бикьизелъун жеги тIаде хъвалелги камуларо.