Аслияб гьумералде

РекIел берал рагьарав

РекIел берал рагьарав

Социалиял гьиназдасан рагIун букIана Рутул районалъул Мухрек росулъ рагIулин беразул канлъи гьечIев, амма цIакъ чIагояв инсанин абун. Гьев диналъул вацгун данделъизе ва гьесул хIакъалъул казияталда хъвазе нижер кIудияб гъира ккана. МахIачхъалаялдаса кигIанго рикIкIад бугеб бакI бугониги, бухьана Рутул районалде сапар.

 

Гьенире щведал гьабуна цIех-рех. ГIемерго кIудиябго гьечIеб, гIезегIанго борхалъуда бугеб, кIкIаламухъда гIуцIараб росу бугоан. Гьенив ватана Насрулаги. Гьев вуго 33 сон барав чи. Школалда цIалулаго, лъабабилеб классалда вукIаго, беразул канлъи дагьлъулеб букIун, тохтурзабазухъе индал гьабураб операциялдаса хадуб тIубанго беццлъун вуго гьев. Гьелдаса хадуб школаги рехун тун буго, цогидаб хасаб школалдеги витIичIого, рокъовго хутIун вуго.

Гьедин букIиналъухъ балагьичIого Насрула вуго гIажаибав инсан. Аллагьас гьесие кьун буго, канлъи бугезе кьечIел, гIемерал гьунарал. Рокъоса гIебедеги, гьединго, росулъги бокьараб бакIалде унев вуго лъилго кумек гьечIого.

Насрулаца тIубазабулеб буго буго росдал будунасул хъулухъ. Жеги росдал имамасе кумекчилъиги гьабулеб буго.

Мажгиталда гьарунщинал хIалтIаби, санагIатал, какие чурулеб бакI, хинаб лъим, хIажатхана, мажгиталъуб хинлъи чIезабиялда хурханщинал хIалтIабазе цебехъанлъиги гьабулеб буго. ХIажатхана гьес жинцаго банин бицана гьениб.

Насрулал гьунарал гьазда къокълъун чIолел гьечIо. Гьале анцIгоялдасаги цIикIкIун соналъ росулъ «Ас-салам» казият гьес щибаб рокъобе щвезабулеб буго. Гьединго щибаб соналъе подпискаги гьабулеб буго.

Насрулае Аллагьас кьурал гьунаразул сияхI халатаб буго. Гьесухъа бажарулеб буго машина къачIазеги. ХIатта машинабазул моторал гьаризеги. Гьеб хабаралда ниж божулел гьечIеблъи бихьидал, аскIов вукIарас абуна жиндир машинаялъул мотор гьабунин гьесилан абун. Жинцаго чанго машина хисун буго. ГьабсагIатги живго бетIергьанаб машинаги буго гьесул. Дове-гъове ине ккани, гьебги бачун, чи вачунев вуго. Амма жиндагоги лъалила гьеб бачине.

Насрулаца тIубан буго хIеж, ун вуго гIумраялде. ХIасилул-калам, гIадатияв, берзул канлъи бугев чиясулалдаса дагьабги жигараб гIумру буго Насрулал.

ГьабсагIат гьес гIумру гьабулеб буго эбелалда цадахъ. Вацал-яцалги жидерго хъизамазде рикьун живго вуго Насрула.

Бищунго хIикматаб жо, гьесул щибго зигара гьечIо. Аллагьас кьуралда рази вугин абуна. Жиндир цо анищ бугила - хъизан гьаби ва лъимал гIезари. Гьелъие хIадурун къачIараб мина-картги бугоан. СанагIат бугеб ригьин данде кколеб гьечIин вукIана цIакъ пашманго…

 

 

ХIадур гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

 

 

 

 

 

 

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


Нужее баяналъе

1. Муъминун абун сураялда щай абураб? – Муъминзаби ва гьезул сипатал рехсеялъ. 2. Чан сураялда рехсараб дунял хIайгIадинаб жо бугин абун? – Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид». 3. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун...


РабигIул аввалалъул хIурматалда

ЦӀунтӀа районалъул Гьинухъ росулъ тӀобитӀана баракатаб рабигӀул аввал моцӀ тӀаде щвеялда бан мажлис. Дунялалъул бусурбабазе гьеб моцӀ ккола хасаб рухӀияб цӀилъиялъул заманлъун. Муъминзаби мажгитазда ва рокъор данделъула Аллагьасе рецц гьабизе, Аварагасде ﷺ салават битIизе, гьесул гӀумруялъул...