Аслияб гьумералде

«Ас-салам» – Дагъистаналъул росабалъ

«Ас-салам» – Дагъистаналъул  росабалъ

Март моцIрол ахирисел къоязда магlарул мацlалда къватIибе биччалеб «Ас-салам» газеталъул редактор Гlабдуллагь-хlажи Мухlаммадов ва мухбирзаби Жабир Мажидовгун Мухlаммадгlариф Къурбанов щвана Хасавюрт районалъул Кокрек росулъе.

Гьениб, Къарланюрт станциялда бугеб мажгиталъул имам Ахlмад Гlабдурашидовасул нухмалъиялда гъоркь, ниж дандчlвана гlемерал соназ Къарланюрталда имамлъун хlалтlарав гlалим Мухlаммадшапигlгун, гIемерал соназ Кокрекалда имамлъи гьабурав гIалим ХIажидадагун, Кокрек росдал школалъул директор Халид Гlумаровгун, жамагlатчи ва биологиялъулгун химиялъул мугIалим Хlанапи-хlажи Гlабдулмутlалибовгун.

Гьединго щвана росдал имам Мухlаммадрасулихъе, росдал хIаракатчи Гlамирхан Ахlмадовасухъе ва жамагIатчи Мухlаммадрашид Расуловасухъе. Рес щвана жиндирго ишалъ Кокрекалде вачlарав Хасавюрт районалъул имам Гlабдуллагьиеги чанго суал кьезе. Кокрекалде гьабураб сапаралъул баян кьолеб буго гъоркьехун.

ГIабдулмутIалибов ХIанапи, Кокрек росдал школалъул учитель

- Инсанасул гIумрудулъ химиягун биологиялъ кинаб бакI кколеб?

- Дун школалда цIалулеб заманалдаго абулаан физкультураялдаса хадуб бищун кIвар бугеб дарс биология кколин абун. Дунги гьелда тIад рекъарав вуго.

Биологиялъул дарсиде гъира базабизелъун, дицаги малъула цIалдохъабазда, инсанасда жиндирго лага-черх ва сверухъ бугеб тIабигIат лъалеб гьечIони, гьев сахлъиялъул рахъалдасан сахавлъун ва гIумруялъул рахъалдасан гIакълу бугевлъунги вукIунарин.

Химиягун биология къваригIунел дарсал руго. Масала, школа лъугIун мединституталде цIализе уна гIемерав чи. Гьенив цIализе лъугьине ккани нилъеда лъала химиялъулгун биологиялъул ЕГЭ кьезе кколеблъи.

Халгьабидал, 8 классалдаса тIаде рахараз цIали гьабулеб гьечIо. Аллагьасе рецц, нилъ лъикI хьихьун руго. Амма кваназе жо гIемерлъиялъул сабаб бугин ккола лъималаз цIали гьабунгутIи. Гьебго хIал букIуна мадрасалде хьвадулел лъималазулги.

Сонал арабгIан цIализе хьвадулел лъимал дагьлъулел рукIуна. Гьединлъидал, 8 классалда химиялъулгун биологиялъул дарсал лъималазе бигьаяб ва батIи-батIиял мисалал рачун кьезе хIаракат бахъула.

- ЦIалдохъабазул цIалул хIасилал кинал ругел?

- Нижер школалъул цIалдохъабаз ЕГЭ кьолаго лъикIал хIасилал рихьизарула. Директорас нижеда цебе лъураб масъалаги буго лъаялда рекъараб гурони къимат лъогейин абун. Гьедин гьабизе байбихьидал, лъималазулъ цIалуде гъира цIикIкIана, гьелъул хIасилалда цIалул даражаги гIезегIанго борхана.

Масала, 2019 соналъ химиялъул ЕГЭялда нижер цIалдохъанас цо гъалатI гурони биччан батичIо. ХIасилалда, 96 балл щвана гьесие.

Цогидав отличникасе 92 балл щун батана. Щай 92 гурони балл босичIебин гьикъидал, гьес абуна, гIемер гIедегIиялъ бищун бигьаял масъалаби гьарулаго гъалатIал риччан ратанин абун.

Гьанир цIаларал лъималаз СанктПетербургалда, МахIачхъалаялда ва цогидал бакIазда лъикIал хIасилалги рихьизаруна. ЦIализе гъира бугесе щибго квалквал букIунаро.

- Аллагьасул хIикматазде тIоритIел гьарулел жал химиялъулгун биологиялъул гIелмабазулъ гIемер ругищ?

- Кутакалда гIемер руго. Максим Горькиясцин абун гьечIищ: «Химия – это область чудес, в ней скрыто счастье человечества», - ян.

Инсанасул гIуцIи халгьабидалцин гIакълу бугев чиясда бичIчIула гьаб дунял-гIалам бижарав БетIергьан вукIин.

Кокрек росдал имам Бакълъухъа МухIаммадрасул-хIажи

- Дица гIелму цIалана цин Бакълъухъ, цинги батIи-батIиял бакIазда. Аслияб къагIидаялда ЧIикIаб росулъ бугеб исламияб институталда.

Гьеб лъугIидал практикаялъ витIана ва цинги росдал мадрасалда мугIалимлъун хIалтIана. Гьанже гьаниве имамлъун витIана.

Дун цIияв чи вугелъул, гIадамазулгун гьоркьоблъи гьабун, росулъ ругел авал-мажгитахъе хьвадун, гьенир дарсал кьун гурони, гьабулеб хIалтIи гьечIо. Ин ша Аллагь, гъорлъе ккедал, гьабизе ракIалда буго гIемераб хIалтIи.

ГIабдуллагь, Хасавюр районалъул имам

- Цебе гьабулеб букIараб хIалтIи тIаде бачIараб унтиялъ чIезабун букIана. АлхIамдулиллагь, захIмалъиялда хадуб бигьалъиги бачIунин абухъего, мажгитмадрасабазда дарсал кьей гIадаб гьабулеб хIалтIи дагь-дагьккун рукIалиде бачIунеб буго.

Гьанже байбихьун буго районалъул росабалъе хьвадун, кIиго-лъабго къо гьениб бан, хIалтIи гьабизе. Гьедин унелъул цадахъ рачуна какичури, как бай мухIкан гьабизе, жаназа чуризе малъулел чагIи. Ахиралда гьабула гьитIинабго мажлисги, - ян бицана ГIабдуллагьица.

- Руччабазулгун хIалтIи гьабиялъул иш кин бугеб районалда?

- Районалда руго руччабазулгун хIалтIи гьабизеги хIадур гьарурал рухIияб лъай кьеялъул ясал. Васалго гIадин гьелги хьвадула лекциябигун бакI-бакIазде. Росабалъе щведал, руччабиясалги данде гьарун, тIобитIула данделъаби, гьезиеги бицуна цере рехсарал масъалабазул ва бичIчIизабула кIвар кьезе ккарал ишазул.

- ГIолохъанаб гIелалъулгун гьабулеб хIалтIи кин бугеб?

- Абизе бегьула гьаб заманалда гьабулеб хIалтIиго, аслияб къагIидаялда, гIолохъабазулгун букIунин. Щайин абуни, гIемерлъун руго гьезул хьвадачIвади хвезабулел жал. Росабалъе щведалги хIаракат бахъула гIолохъабазде кIвар буссинабизе.

Гьелъие кумек гьабула спортсменаз, муфтияталъул хIалтIухъабаз. РукIуна гьарулел батIи-батIиял къецал ва хIаял. Гьедин церегIан къоязда районалда тIобитIана футболалъул лига ва гьабуна лъикIаб мажлис.

- Газета гьоркьобккун гIолохъанаб гIелалда ва гьезул умумузда щиб абилеб?

- Казият буго щивасухъе бачIунеб гIелму. Гьелда батула нижедацин лъалареб суалалъе жаваб. Цебе лъаларин абизе рес букIун батани, АлхIамдулиллагь, гьанже киналго ресал кьун руго, гIузру бачине ккараб хIал гьечIо.

Халкъалда гьоркьоб тIибитIун буго телефоналъулин абизе бегьулеб унти. Гьаб заманалда нилъер лъималги хвезарулел руго телефоназ. Гьелъ гIолохъанаб гIелалъул жанисеб рахъ ва тарбия чIунтизабулеб буго.

Мисалалъе, нилъеца лъим ххазе лъалареб лъимер ралъдалъе рехуларо, гьелъухъего, майин абун кодобе кьун телефонгун, гIисинал лъималги тезе бегьуларо. Гьезул жавабчилъи нилъеда тIад бугелъул.

Къарланюрт станциялъул мажгиталъе гIемераб заманалъ имамлъи гьабурав МухIаммад-шапигI.

- МухIаммад-шапигI, нижеда рагIана дур эмен МухIаммадхIасан вукIанин гIалимчи абун. Бокьилаан гьесул хIакъалъулъ бицани.

- Мунагьал чураяв эмен вукIун вуго гIалимзаби кквезе байбихьилалдего гIелму цIалулев вукIарав чи. Гьесул мугIалималги нижерго дораса рукIун руго. Цогидал росабалъги цо-цо мударисал нижехъа рукIун руго. ГIумруялъул 12 сон базегIан цIалун вуго эмен.

Гьелдаса хадуб гIалимзаби цоял ккун, цогидал рахъ-рахъалде ун чиго хутIичIеб мехалда, ГIириб росдал имамлъун тун вуго гьитIинаб ригьалъул чи. Гьеб буго кIудияб росу, гьениб мажгитги къан букIун гьечIо. 12 сон барав чияс тIубалеб букIун буго имамасда тIадал ишал. Гьев кквеларин абун тун вукIун ватилаха.

Гьеб заманалда нижер росулъ вукIун вуго Халит-дибир абун цIаларав чи. ГIалимзаби кквезе байбихьидал гьев чIун вуго унтарав чи вугин абун. Бегуниса ретIел ретIун, кIиголъабго тIагъур тIатIала лъун. Чанго нухалъ гьев кквезеян НКВДялъулал рачIиндал, гьав гIабдал ккун щайиланги абун, нахъе ун руго.

Эмен гьесухъе хьвадулев вукIун вуго, хъабчиниб тIехьги бахчун, цо-цо дарс цIализе. Цо-цо мехалъ гьев жиндихъего рокъове вачунги цIалулеб букIун буго дарс. Цинги эхеве гочиндал, аскIоб бугеб цIунтIадерил Сагьада росулъ вукIарав ГIали абун цIаларав чиясухъе балъго хьвадунги вуго.

Гьес бицунаан 12 сон балелде таманал тIахьал цIалун рукIанин, гIалимзаби кквезе байбихьараб заманалда хехго «Мингьаж» цIалун рагIалде бахъинабунин абун.

- Инсуца нуж цIализариялъе щиб сабаб ккараб?

- Рокъобго гIелму цIали лъугьунареб жо буго. ГIелму щвезе ккани ватIан теян гьечIищха. Нижерги гьедин букIун батила. Гьединлъидал дида ккола нижеда гIелму гъваридго ва тIадчIун малъиялъе сабаблъун Инхоса ГIабдулхIамид-афанди кканин абун.

Щайгурелъул гьес ритIун рачIана инсухъе жиндирго ясазул ва васасул лъимал цIализе, гьезда гьоркьов вукIана васасул вас МухIаммад, Лабазанил МухIаммадил вас АхIмад ва АхIмад-афанди.

Гьеб заманалда, гьезда цадахъ байбихьана дирги аслияб цIали. КIудияв вац ХIасанхIажияв цIализе ана институталде. Гьениса вачIараб гIодобкъоялъ гьес лъолаан дие цо-цо дарс.

Цинги гьел лъимал цIализе рачIиндал, гьезда цадахъ бачана дирги цIали. Дагьаб мехалъ Абавил рокъорги рукIана дунги вацги, ГIуриса ГIабдулхIамид вачIун вугин «ИхIяал» цIализеян абун. Аслияб куцалда инсуда цеве цIалана.

- Инсуе хIукуматалъ квалквал гьабулеб букIинчIищ?

- Гьеб гьабичIого телищха. КигIан балъго гьабуниги гьезул агентал кирго рукIиндал, щвезабун батулаан. Гьелде тIаде, риидал Къуръан цIализе рачIарал лъималаз нижер рукъ цIун букIунаан.

КIицIул суд гьабуниги течIо инсуца лъимал цIализари. КъватIиса цIех-рех бачIунеб бугин абун нижерго председателасги лъазабулаан цIодорлъи гьабеян. Инсул тIахьал рокъор рукIунароан, мадугьалзабазухъ рахчун рукIунаан.

- ТIарикъаталъул нухде кин ккарав эмен?

- Гьесулги эмен вукIун вуго Талалиясухъе арав чи. Гьесда жиндагоги гьанже нахъа гурони лъачIо. Нижер росу Чачаналде гочун рукIиндал, эмен вукIун вуго гьез гьабулеб жо берцин бихьун гIадин.

Эмен вукIана гьаракь берцинав чи, цIакъ бокьулаан назмаби ва туркаби ахIизе. Гьедин батилаха, чачаназул гьабулеб жоялде гъира баккарабги гьесул.

ГIумруялъул 40 сон бараб заманалда, аскIоб бугеб Гьилиб росулъа гьоболасда бициндал Чачаналде тIарикъат босизе унев вугин абун, гьес абун буго рикIкIаде инчIого, Инхове, ГIабдулхIамидихъе айилан. Гьедин ккун вуго Инхоса КIудиясухъе.

- Советияб улка биххидал щиб гьабураб, сунде вуссарав?

- Комсомолец-Совхозалда мадраса рагьун бугин, гьенир мугIалимзаби хIажат ругин абун вачIана Кванхидалъа Шагьрурамазан. Гьедин хьвадана 10 соналъ гьеб мадрасалде. Гьелда гьоркьоса цо соналъ ректорлъиги гьабуна.

Жавабияб хIалтIи гIемер бокьуларо дие. Гьелдаса хадуб Къарланюрталда 17 соналъ гьабуна имамлъи. Гьале гьанже гьебги тIаса ун, дагьаб бигьалъи буго.

- МагIишат-яшавалъе щиб хIалтIи гьабулеб букIараб?

- ТIоцебе совхозалда хIалтIана. Гьелдаса хадуб 10 соналъ хIалтIана Гъизилюрталъул цIа свинабулезул хъулухъалда. Цинги мадрасалде ана. Имамлъун вугеб мехалъ Хасавюрталъул мадрасалде дарсал лъезеги хьвадана.

- Гьаб заманалде щиб абилеб, кинаб бугеб гIадамазул хьвадачIвади?

- Заман кидаго цо букIуна. ГIадамал хисула. Цере рукIараздаса гьанже ругел батIиял руго. Цебе гьадигIан хъантIи букIинчIин ккола дида. Дунялалдехун хачади цIикIкIун буго. Гъоб заманалда кIудиязул гьабулеб адаб-хIурматги цIикIкIараб букIана. ГIолохъабазда гьоркьоса гьебги тIагIун унеб буго.

- Гьаб заманалда тIибитIун бугеб корнавирусалда бан щиб абилеб?

- Заман ахиралде щварабгIан чанги батIияб жо баккизе бугин абулеб буго хIадисазда. Гьебги ахирзаманалъул цо гIаламатаздаса батила. Дун гьеб заманалда рокъов чIана. Гьеб унти сабаблъун хваралги ккана. Гьединаб заманалда тохтурзабазул малъи тIубазе ккола, рузман ва жамагIат тезе шаргIияб гIузруги букIуна.

- «Ас-салам» казияталъулгун бухьен бугищ?

- ЦIакъ щулияб бухьен буго. Дир вас вуго гьеб бикьулев чиги нижер росулъ. Гьесие нижецаги кумек гьабула.

ХIажидада, гIалим ва жамагIатчи

- ХIажидада, дурго хIакъалъулъ бицани бокьилаан?

- Дун ккола Болъихъ районалъул Кванхидалъа. Гьениса гочинаруна Чачаналде. ТIадруссана росулъего, гьабуна хъизан. Гьенисаги гочинаруна авлахъалде, гьанже Дзержинск абураб бакIалде. Гьениб бана 10-ялдаса цIикIкIун сон. Гъоркьа тIаде лъим баккун, санагIат гьечIолъи лъугьун, гочана Кокрекалде.

- ГIелму цIалиялде кин вачIарав?

- Дир эбелалъул эмен МухIаммад вукIана гIелму цIаларав чи. Дир эбелалъул вац АхIмаднабиги вукIана лъай бугев чи. Дун гьел кIияздаго цеве цIалана. ГIахьвахъ районалъул ЧIабакъори росулъа вукIана Иляс-дибир абун гIалимчи. Гьесухъги цIалана. Дун гьесухъ цIалулев вукIин я дора ругел гIадамазда, я нижераздаго лъазе течIо. Гьединаб захIматаб заман букIана.

- МагIарухъ ругеб мехалда цIам бахъиялдаса букIун батилаха бетIербахъи?

- ЗахIматаб хIалтIи буго гьеб. Кин бугониги, хIалтIарав чиясе хайир кьола. Ракъараб заманалда нижерго росулъа гурелги гIемерав чи вукIана къватIиса бетIербахъиялъе гьенире рачIарал.

- Совхозалда хIалтIана, гьединго хъаравуллъунги вукIана. Гьелдаго цадахъ наялги рукIана.

- МагIишат-яшав сундаса букIараб гьаниве гочун хадув?

- Нужер росулъ мажгит кида рагьараб?

- Дин гьабизе биччараб мехалда. ГьабсагIат мажгит бугеб бакIалда букIана дир инсул мина. Гьеб рагьизегIанго цебе гьесул рокъоб балъго балаан рузманги. Мажгитал рагьизе ихтияр щведал, инсуца жиндирго мина кьуна мажгиталъе. Гьевги цIаларав чи вукIана.

- Росулъ имамлъи гьабизе кканищ?

- Нижер росдал имам вукIана ХIасанил МухIаммад. Гьев унтараб заманалда гьес абуна гьанже мун цеве лъугьайилан. Гьев хваралдаса 4-5 соналъ гьабуна имамлъи. Мажгиталда дарсалги кьолаан.

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...