Аслияб гьумералде

Гьаризе лъикIал цо-цо гIамалал

Гьаризе лъикIал цо-цо гIамалал

Радалги къасиги абила: «Разиту биллагьи раббан ва бил ислами динан ва би МухIаммадин ﷺ набиян», - абун. Гьелъул магIна ккола: «Дун разияв вуго БетIергьан Аллагь ﷻ вукIиналда, ислам- дин букIиналда, МухIаммад авараг ﷺ вукIиналда», - абураб. ХIадисалда буго, радалги къасиги гьал калимаби абурав чи Къиямасеб къоялъ Аллагьас ﷻ рази гьавичIого толарилан (Абу-Давуд).

МатIуялъуре ралагьулелъул абизе рекъарал рагIаби ккола: «АлхIамдулиллагьи ллази савва халкъи фагIадалагьу ва каррама сурата важгьи ва хIассанагьа ва жагIалани минал муслимина», «Щибаб рецц Аллагьасе ﷻ буго, дир вижи тIубазабурав ва камил гьабурав, дир гьурмал суратги хира гьабурав, гьебги берцин гьабурав, дун бусурбабаздасаги гьавурав» (ТIабрани).

Ригьнаде ахIараб мехалъ, гьениб барки гьабулелъул абила: «Баракаллагьу фика ва барака гIалайка ва жамагIа байнакума фи хайрин». «Аллагьас ﷻ баракат лъеги, нуж кIиялго лъикIлъиялда дандеги гьареги», - ян (Тирмизи, ТIабрани).

Налъуда босараб жо нахъе кьолелъул абила: «Баракаллагьу фи агьлика ва малика». «Аллагьас ﷻ баракат лъеги дур агьлуялдаги боцIиялдаги» (Насаи).

Унтарасухъе ваккизе щведал абила: «Аллагьумма рабба ннаси азгьибил баъса ва анта шафи ла шифаа илла шифаука, шифаан ла югъадиру сакъаман». «Я дир Аллагь ﷻ, гIадамазулги БетIергьан ﷻ, Дуца унти-захIмалъи нахъе ине гьабе, Мун вуго дару рекъезабулев, Дур гурони даруги сахлъиги гьечIо, Дуца гьав сахлъизаве, гьесулъ унти хутIулареб хIалалъ», - абураб магIна (Бухари, Муслим).

ЦIа-каналъул хIал цIикIкIараб мехалъ абила: «Бисмиллагьил кабири нагIузу биллагьил гIазими мин шарри гIиркъи нагIар ва мин шарри хIарри ннар», - абун. МагIна: «КIудияв Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун байбихьула, цIуниги гьабула, кинабниги захIматаб бухIараб гIетIалдаса ва жужахIалъул цIаялъул гьалиялъул квешлъиялдаса».

Зигара гьабулаго абила: «Аллагьас ﷻ дур сабру берцин гьабеги, хварасул мунагьалги чураги», - абун.

Пашманаб хIал тIаде бачIиндал гIемер «Астагъфируллагь» такрар гьабила, гьединго, «Я даимго чIагояв ﷻ, я зоб-ракьалъул тадбир билълъанхъизабулев ﷻ, Дур рахIматалдалъун дица цIуни тIалаб гьабула», - ян абила (ХIаким).

Чинхъизе бачIараб мехалъ абила: «АлхIамдулиллагь», - абун. Гьеб рагIарас жаваб гьабун абила: «ЯрхIамукаллагь», - ян. (Аллагь ﷻ дуда гурхIаги). Чинхъарас жаваб гьабила: «Ягьдиякаллагьу», - ян. (Аллагьас ﷻ мун хIакъаб нухда тIовитIаги», - ян (Тирмизи).

Пихъ кьолеб гIужалъ, гьеб кваналаго абила: «Аллагьумма барик лана фи самарина», - абун. МагIна: «Я Аллагь ﷻ, Дуца нижер пихъалда баракат лъе» (Муслим).

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги кинаб хIал нилъеде щваниги исламалъул гIурхъаби цIунун, сабру гьабун, хIакъикъиял муъминзабазул гIамал ккураллъун рукIине.

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...