Аслияб гьумералде

Туснахъ гьабизе рекъараб

Туснахъ гьабизе рекъараб

Щивав чиясда тIадаб буго жиндирго мацI хIарамаб, карагьатаб ва пайда гьечIеб калам гьабиялдаса цIунизе. Пайда гьечIеб каламалъ карагьаталде ялъуни хIарамалде цIазеги бегьула. ГIемерисеб мехалда гьедин ккезеги ккола.

Социалиял гьиназда гIемерав чи вукIуна къваригIел гьечIеб калам гьабулев яги хъвалев. Гьелдалъун гIемераб заралги ккола. Гьединлъидал бачIинахъего хIисаб гьабизе ккола жинцаго гьабулеб каламалъул бугеб пайдаялъул яги заралалъул. Жакъа дунялалда гьеб бигьаго тIаса бихьаниги, ахираталда жаваб кьезе кколеблъи хIакъаб бугелъул.

Абу Гьурайратица бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Аллагьасдаги Къиямасеб къоялдаги иман лъолев чияс лъикIаб рагIи абе яги вуцIцIун чIа», - абун. ЛъикIаб рагIи буго жиндаса хайир бугеб, амма хайир ккеялда щаклъани - гьабичIогоги толеб.

Имам ШафигIияс абуна: «КIалъазе бокьараб мехалъ инсанас гьелъул пикру гьабила, пайда букIин бичIчIани - кIалъала, щаклъи ккани - вуцIцIун чIела», - ян. ЦIадаса ХIамзатил руго гьадинал рагIаби: Гаргади гIарац батани, ГIинтIамун чIей месед ккола. КIалдиса араб рагIиялъ Ахирги мун лагълъун ккола.

Пуланав асхIабас абун буго мацI бугин гIалхул хIайваналда релълъараб жо. Гьеб щулаго бухьичIони, гьелъ дудехун тушманлъи гьабулин абун. БотIролъе бачIанщинаб мацIалъ къватIибе кьолеб бугони, нилъ къваригIел гьечIеб бакIалде, хIатта Аллагьасул ццим бахъиналде ккезе рес буго.

Гьединаб хIалалде ккечIого рукIине ккани, хъаравуллъи гьабизе ккола квералъ гьабулелдаги мацIалъ бицунелдаги хадуб. КьучIаб хIадисалда буго бищун лъикIав бусурманчи вугин жиндир каламалдаса ва квералдаса цогиязе зарал щоларев чийилан абун. Нилъеда лъала Абу Бакр асхIабас къваригIел гьечIеб калам гьабичIого букIинелъун кIалдиб чIимихги ккун кин цIуни гьабулеб букIарабали.

Лагъас БетIергьан разилъулеб калам гьабидал, гьелдалъун гьесие щола Аллагьасул рахъалдаса ажру. Ибну ГIумаридаса бицараб хIадисалда буго: «Аллагь рехсей гурелдалъун гIемер калам гьабуге, гьелъ ракI къосинабула. Бищун Аллагьасдаса рикIкIадав чиги ракI къосарав вуго», - ян. РакI къосаравлъун чи лъугьуна хIажат гьечIебщинаб гьабидал, хъубаб калам бициндал ва какарал гIамалал черхалъ гьаридал. Чиясе хвасарлъи сундалъун бугебилан аварагасда гьикъидал, гьес абун буго: «Дуца дурго мацI гьукъараб калам гьабиялдаса цIунун чIезабиялъулъ буго», - ян.

Цо пуланасда цIехедал дуда инсанасул чорхолъ чан гIайиб батарабин абун, гьес жаваб гьабун буго рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемер ругин, амма гьезулъ цо хасият бугин цогиял жинца рахчулеб. Гьеб щибин гьикъидал, гьес абун буго мацI цIуни бугин.

Ибну МасгIудица абуна: «МацIалдаса туснахъалъуб букIине рекъараб жо щибго гьечIо», - ян. Аллагьас тавпикъ гьабеги щивасе жиндирго лугбузда хадуб хъаравуллъи гьабизе ва гьел сабаблъун мунагьалде кколаредухъ хьвадизе.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...