Аслияб гьумералде

Тарбия кьей

Тарбия кьей

Лъималазе тарбия кьеялъул хIакъалъулъ гIемер бицуна. Гьелда тIасан гьабула имамзабаз вагIзаби, мугIалимзабаз насихIатал, умумуз бицуна гьелъул хIакъалъулъ. Амма гIун бачIунеб гIелалъул тарбия къойидаса къойиде холеб буго. Гьелъие кинаб гIилладай бугеб?

ТIоцебесеб гIилла, букIине кколеб къагIидаялда тарбия кьолеб гьечIолъи. Лъимал хвезарулел аслиял рахъалги рехселин.

Лъималазул рахъ кквей

Жидерго лъимал рокьуларев чи вукIунаро. РухIгIан хириял гьел рукIиналъ, гьезда гIайиб хъвазе биччаларо умумуз. Дир васас гьеб иш гьабуларин абула киназго. Гьедин абуниги бегьилаан, гьелъ лъималазул гIамалхасият хвезабулеб букIинчIебани. Гьединаб мугъчIвай батидал, гьезул бахIарчилъи жеги цIикIкIуна хIалихьалъи гьабизе.

Гьаб заманалда мугIалимзабазул бищун унтараб суал буго лъималазул гIадлу холеб бугин абун умумузде ахIи базе ккей. Гьединабго мисал букIуна мадугьалзабазул лъималазулгун тункагIуси ккедалги. Жидерго лъималазул гIайиб бахчиялъ, дагьабги гIадлу хварал лъугьуна лъимал. Гьединлъидалин лъимал цIакъго цIунизе бегьулареб, гьелъул гIаксалда, гьезде гIайибги рехун, жидеца гIадлу гьабилин абизе рекъола. Гьелъ лъикIаб хIасилги кьола.

Телефонал роси

Лъималазе кIуди-кIудиял телефонал росула умумуз. Цояз абула гьел хIажалъулин дарсал гьаризе, цогидаз абула пайдаял программаби ругин гьелда жанир. Психологазгун эскпертаз абулеб буго гьелдаса зарал гуреб жо лъималазе щоларин абун. Гьединго школалъул мугIалимзабазги гьарулеб буго лъималазе телефонал росугейилан. Амма росулел руго къец бан. Кидаго телефоналде къулараб лъимадул тарбияги холеб буго ва гьениб бихьанщинаб гьабизеги лъугьунел руго.

Эркенаб заман

Лъимал хвезарулел жалазул цояб ккола эркенаб заман. ГIадада свердилев вугев чиясул бетIералда жанибе чанги квешаб пикру бачIуна. Гьединлъидал лъимал эркенго тезе бегьуларо кинаб хIалтIи малъунги. Лъималазда барахщун гьезда хIалтIи малъичIого толел умумулги ратула. Гьелдаса щибго хIинкъизе кколаро. Гьелъие мисаллъун рукIина нилъер умумул. КигIан гIемераб къоги бихьун гьел хIалтIарал. Гьеб кинабго пайдаялъе гурони батичIогури. Гьанже лъималазда барахщани, хадуб гьезие гIумру гьабизе захIмалъизе буго.

Исламияб лъай

Цо-цо умумузда ракIалде кколеб буго школалда щолеб лъай бугони гIолин гIумру гьабизе кканиян. Гьедин кIвар гьабичIого толеб буго динияб лъай. Цогидазда кколеб буго лъималазе захIмалъулин гьеб кIиябго цадахъ бачинеян абун. Гьелъие мисалги буго риидал гурони гIемерисез лъимал мадрасалде, мажгиталде ритIунгутIи. Инсанасе гIумру гьабизе ккани чара гьечIого къваригIуна кIиябго лъай, ай дунявиябгун динияб.

Дунялалъул лъай гьечIесе дунял гIуцIизе бигьалъуларебго гIадин, динияб лъай гьечIесе лъикIаб ахират щвезеги захIмалъула. Гьелдаго цадахъ диналда жанир раккулел мекъал рикьалабазул гьинакье ккезе ресалги кIудиял рукIуна. Гьединлъидал лъимал школалдаса тIурарабго, яги къаде унел ругони, радал ритIизе ккола мажгиталде, мактабалде. Гьенире ун ругищали халги гьабизе ккола. Динияб лъай гьечIев чи цояб кваркьи гьечIеб хIинчIалда релълъуна.

ХIасилул калам

Лъималазе тарбия кьечIолъиялъул кьогIал хIасилал гIемерал рукIуна. Гьединал лъималаз тIубараб гIумруялъул рахIат щокъроб къазабула умумуздагун гIага-божаразда. Гьале гьал къоязда МахIачхъалаялда ккаралъул хIисаб гьабе. Школалда цIалулел лъималазда гьоркьоб дагIбаги ккун, цояс цогидасда нусги тункун, гIумруялдаса ватIалъана жеги 15 сон гурони бачIев вас. Гьебги буго тарбия загIипаб букIиналъул хIасил.

ГIемер рагIула умумуз малъулеб лъималазда, вореха, дуда кьабулев чи ккани дуца гьев тIаса лъугьун тезе гурин, гьес гьабурабгIан жеги тIадеги гьабичIого чIогеян. Балагьеха, бусурбаби, гьеб малъиялъул талихIкъиналъухъ. Гьелъул гIаксалда, исламалъ бихьизабухъе щай абулареб, воре, мун дагIбакъецалде гьоркьове лъугьунге, мунго витIарав вугониги къецги къотIизабеян. Дуе зарал гьабулев чи ккани, гьесие данде лъикIлъи гьабеян. Воре, загIипасда зулму гьабизе гурин. Ва гьелда релълъарал малъа-хъваял гьаруни, аздагьаби гIадин цоцалъ рагъуларо лъимал. Аллагьас кантIи кьеги киназего!

Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...


ННТялъ бергьенлъи босана

МахӀачхъалаялда тIобитIана «Журналистазул вацлъиялъулаб кубок» абураб цIаралда гъоркь мини-футбол хIаялъул рахъалъ турнир. Байбихьуда ННТ команда, ГТРК «Дагестан» командаялдасаги бергьун, борчIана плей-оффалде ва гьенибги медиакомандаялдаса 5:2 хӀисабгун бергьана. Финалалда гьел дандчIвана...


Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул...


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...