Рикьалаби загьирлъи

Аллагь разилъаяв Г1али асх1аб халиплъун вугеб мехалъ загьирлъана харижитал. Гьеб к1удияб питнаялъ бусурбаби рикь-рикьизеги гьаруна. Гьеб ккола ахир къиямасеб къо щвеялъул г1исинал г1аламатаздасан.
Гьеб лъугьа-бахъин загьирлъана «Сиффин» абураб бусурбабазда гьоркьоб ккараб тунка-г1усиялдаса хадуб. Муг1авияда ва Г1али асх1абасда гьоркьоб ккараб рагъулъ г1емерал бусурбабазул би т1олеб бук1иналъ, гьеб к1иябго рахъ рекъел-маслих1аталде бач1ана. Аскаргун цадахъ Г1али асх1аб Г1иракъалде унаго, гьесул х1укмуялда разилъич1ев 8 азаргог1анасев чи рат1ак1анц1ун Куфаялда бугеб Х1арурат абураб бак1алда ч1ана. Гьединлъидал т1оцересел харижитазда «х1арураталин» абулеб бук1ана.
Г1али асх1абас гьел кант1изелъун к1алъай гьабизе гьезухъе Г1абдуллагь ибн Г1аббас вит1ана. Ваг1за-насих1ат къабул гьабун гьезул цо бут1а Г1абдуллагьгун цадахъ Г1алил богун журана, хут1арал жидерго къосиналда ч1ана. Амма гьелдалъун питна къот1ич1о. Къосаралги данде гьарун харижитаз байбихьана унго-унгояб питна бекьизе. Гьез вах1шияб куцалда ч1вана аварагасул асх1аб Г1абдуллагь ибн Хабаб ибн ал-Аратги гьесул къинай лъадиги.
Гьеб хабар Г1али асх1абасда раг1идал, гьес гьикъана: «Лъица гьел ч1варал?» - илан. Харижитаз цо гьаркьидалъун абуна жидеца ч1ванин. Ццин бахъарав Г1али асх1абас гьезде данде рагъизе бо бак1арана. Нагьран абураб бак1алда харижитазда бусурбабаз гъури бана. Гьеб рагъул майданалдаса дагьалго харижитазда гурони лъутизеги к1веч1о.
Аварагасги бицун бук1ана
Хирияв аварагас бусурбабазда гьоркьоб питна багъаризе бук1иналъул г1емерал х1адисал рицун рук1ана. Ибну Касирица данде гьаруна 30-ялдасаги ц1ик1к1ун гьединал х1адисал. Гьоркьехун кьезе руго гьезул цо-цоял.
Х1арураталдаса харижитазул х1акъалъулъ Абу Саг1ид Ал-Худриясда ц1ехедал, гьес абуна: «Дида раг1ана аварагас абулеб: «Гьаб умматалъулъ загьирлъизе буго цо къокъа нужгун цадахъ какал разе ва Къуръан ц1ализе бугел, амма гьез ц1алараб Къуръан мукъулукъидаса гьоркьехун ине гьеч1о. Ч1орбут1алдаса ч1ор боржун унеб г1адин гьелги гьаб диналдаса къват1ире ине руго», - ян. Хирияв аварагас гьезулгун рагъ баянги амру гьабуна ва гьелъухъ к1удияб кири-ажру бук1унинги бицана.
Г1али асх1абас бицана, аварагас абулеб раг1анин: «Мукъулукъидаса гьоркьехун жидер дин ине гьеч1еб цо къокъа баккила. Ч1орбут1алдаса ч1ор боржун унеб г1адин гьелги гьаб диналдаса къват1ире ине руго. Кир ратаниги нужеца гьел ч1вай. Гьезулгун рагъ баялъулъ къиямасеб къоялъ к1удияб кириги бук1уна», - ян. (Бухари, Муслим).
Г1абдуллагь ибн Г1умарица бицана: «Капуразде рещт1арал аятал гьез бусурбабазде г1унт1изаризе байбихьана», - ян. (Бухари).
Харижитазул цо-цо къосиназдаса
- Ч1ах1иял мунагьал (зина, мехтел гьекъей ва гь. ц.) гьарурал чаг1и куфруялде г1унт1изари ва жужах1алъур абадиялъ гьел рук1унин аби, гьеб баян къосен буго. Х1акъикъаталдаги иманалъул заг1иплъиялъ ч1ах1ияб мунагь гьабурав чи куфруялда кколаро. Кинниги гьев вук1уна Аллагьасде () г1асилъаравлъун ва гьеб пиша гьабиялдалъун пасикъавлъун. Гьесда т1адаб буго тавбу гьабизе ва гьеб мунагьалдаса вахъун ккезе.
- Г1али, Муг1авият ва гьезул х1укмуялда разилъарал цогидал асх1абзаби куфруялде г1унт1изари.
- Куфруялда жал гьеч1ел пасикъал х1акимзабазде рагъ бан данде рахъин.
Ибну Х1ажар Г1аскъаланица харижитазул х1акъалъулъ абуна: «Къосеналъулъ г1орхъи бахана гьез: зина гьабурал руччабазда ч1инхал реч1ч1и нахъбахъана, ц1огьодаралъухъ къвалакье щвезег1ан кверал къот1улаан, х1айзалда ругел руччабазда как базе т1ад къана, лъик1алдалъун амру гьабуларел ва квешалдаса нахъе ч1валарел г1адамал куфруялде г1унт1изаруна, мунагьал гьарулел г1адамал куфруялде г1унт1изаруна. Амма зиммиязе, ай халипаталда ругел бусурбаби гурезе щибго жо гьабулароан». (Фатх1ул Бари).
ЖАБИР МАЖИДОВ