Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин цIуни гьабилеб?

Ахираб заманалда гIемер рагIула гIисинал лъимал зулмучагIаз хIакъир гьариялъул бицунеб. Масала, рикъун, вахIшилъи гьабун, рухун. ВатIаналдаса рикIкIад гIумру гьабулеб буго нижеца. Гьанир лъалел гIадамалги гьечIо. Рукъалдаса чанго километралъ рикIкIад бугеб школалда цIалулел руго лъимал. Кидаго гьел гьенире щвезаризеги нахъе рачинеги санагIалъи букIунаро. ЦIодорго рукIине кколеблъи лъималазда кин малъилеб?

 

Халид, Кисловодск шагьар

 

ГIалимчиясул жаваб

Хъизамалъул бищун кIвар бугеб масъала буго лъималазе тарбия кьей. Эбел-инсуда кIочене бегьуларо лъимер Аллагьас ﷻ гьезие кьураб рахIмат букIин. Аллагьас ﷻ цIунизе кьураб аманат ккола лъимер ва Къиямасеб къоялъ кIалгьикъиги букIине буго.

Лъималазде щибаб къойил кIвар кьезе ккола эбел-инсуца ва бичIчIизабизе ккола гьездаса хирияб жо гьаб ракьалда гьечIеблъи. Гьелдаго цадахъ битIараб тарбия кьезеги жигар бахъила. Гьединаб тарбия кьеялъ цIунула лъимер, кIудияб гIедал, хъалиян цIаялдаса, мехтел гьекъеялдаса ва цогидал квешал пишаби гьариялдаса. ГьитIинаб мехалда лъималазда жаниб лъураб жо ккола ганчIида бикIараб накъищ.

Гьайгьай, лъимадуе хIинкъи батани, гьеб иш тIаса-масаго тезе бегьуларо. Лъимералда малъизе ккола цIодорго рукIине кколеблъи, данде ккарав щивав чиясда божизе бегьулареблъи, кинаб бугониги хIинкъи тIаде бачIани, биччан гьаракьгун, кумекилан ахIизе ва лъутизе кколеблъи. Хадур ине нужехъа бажарулеб гьечIони, цадахъ цIалулезда, гьудул-гьалмагъзабазда, ай лъалел гIадамазда гьаризе бегьула, рукъалъул кIалтIе щвезегIан, гьебги цадахъ бачейин абун.

 

Психологасул жаваб

ГIемерисел умумуз кьолеб суал буго гьеб. Амма гьениб гьечIо щибго захIматаб жо. ЦIакъго хIинкъи кьуни, лъималазул гIамалалъулъ рахIатхвей ва тантикълъи лъугьине рес буго. ЛъикIаб букIина зама-заманалдаса ракIалде щвезабизе школалдаса рокъоре рачIунаго цIодорго рукIине кколеблъи. Лъаларел гIадамазда цадахъ ине бегьулареблъи. Лъималазда бичIчIизабизе ккола цогидал гIадамазе кумек гьаби лъикIаб иш букIин, ва амма лъаларел чагIазда цадахъ гьезул рокъоре, ялъуни цогидаб бакIалде ин битIараб гьечIеблъи. КIудияв чиясе кумек хIажалъидал, гьес гIисинал лъималаздасан гьеб гьарулареблъиги баян гьабила.

Лъималгун гIемер кIалъазе ккола нилъ. Кинаб къварилъи гьезие кканиги, кумек гьабулел гьудулзабилъунги рукIине ккола. Гьезул гIайибалдалъун щиб бугониги ккун батани ва гьез гьеб бициндал семизегун рагъизеги лъикIаб гьечIо. Берцинго бичIчIизабила ахIвал-хIал ва лъимал ругьун гьарила кидаго битIараб бицунеллъун рукIине. ПалхIасил, жидехъаго ккарал гIунгутIабазул бицине лъимал нилъекьа хIинкъизе бегьуларо.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....