Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Мадугьал ячIуней йиго...

 

 

ЛъагIалица цебе нижер мадугьалихъе гIумру гьабизе ячIана пуланай гIадан. Ахираб заманалда нижехъе хьвади цIакъго гIемерлъана гьелъул. КIикъойилъ йигей гIадан йиго гьей ва лъикIаб хIалтIудаги йиго. Амма росасда гьечIо. Анкьида жаниб чанго нухалъ щола нижехъе кумек гьариялъул мурадалда. Кида ячIаниги дир росасул кумек хIажатги букIуна гьелъие. Сонги ячIана черх цебе лъураб ретIелги ретIун. БитIараб бицани, яхI гьабизе кIвечIо ва дица гьей ячахъана. Кин гьелда бичIчIизабилеб рос живго тейин абун.

 

Хадижат, Буйнакск шагьар

 

ГIалимчиясул жаваб

Мадугьалзабазе лъикIлъи гьабизе, квешалъулъги лъикIалъулъги гьелгун рукIине, гьез гьабураб зарал баччизе, кидаго гьездехун лъикI рукIине кколин абураб хIадис буго.

ГIабдуллагь ибн ГIумаридасан бицана аварагас ﷺ абунин: «ЖабрагIил малаикас мадугьалзабаздехун лъикI рукIиналде гIемер ахIиялъ дида ккана мадугьалзаби ирсалъулъ рехсейин гьес абилин», - илан. (Бухари, Муслим)

Цогидаб хIадисалда буго: «Аллагьасдаги ﷻ Къиямасеб къоялдаги иман лъурас мадугьаласе зарал гьабуге», - ян. (Бухари, Муслим)

Гьедин бугелъул, нилъее рекъараб буго мадугьалзабаздасан бачIараб лазатбахъиялде ялъуни заралалде сабру гьабун рукIине.

Кинниги дур хIалги бичIчIула. Росасе инчIей гIадан анкьида жаниб чанго нухалъ росасул кумек тIалаб гьабун ячIиндал, бокьарай чIужугIаданалъул щаклъи букIина. Гьебги руччабазул тIабигIаталдасан ккола. Гьеб суал тIубазелъун, тIоцебесеб иргаялда, дурго росгун кIалъазе ккола мун. Гьес жинцаго абичIони, дуца мадугьалалда абиялъ гIемераб жо хисуларо. Цинги мадугьалгунги берцинго кIалъазе бегьила. Кумек гьелъие хIажалъидал гьеб гьабизе мунго хIадур йикIин бичIчIизабила. ГIаврат цебе лъураб ретIел ретIизе шаргIалда бегьулареблъиги ва дур росгун гьел цо рокъор цолъизе бегьулареблъиги берцинаб насихIаталдалъун бичIчIизабила. Гьелдаса хадубги бицараб бичIчIичIони, берцинго гьелдаса рикIкIалъизе хIаракат бахъила.

 

Психологасул жаваб

Дуца нахъе хъамун хадуйги гьей нужехъе ячIин гIажаибаб жо буго. Дир пикруялда, дур росас гьелъул гьариялъе жаваб гьабичIого тани гурони гьей гIодое юссине гьечIо.

ГIемерисел бихьиназдаго гIадин дур росасдаги гьелъул гьариялъулъ, кумек тIалаб гьаби гуреб, цогидаб мурад халлъичIого букIине рес буго. Гьединлъидал, тIоцебе росасда бичIчIизабизе ккела гьелъул гьариялда жаниб цогидаб мурад бихьулеб букIин.

Гьелъул гьари тIубазе дуе бокьулин, гьелъие мун гьимулин ва гьелда релълъарал гIайибал росасда чIвазе бегьуларо. КIочонге, бихьиназул психологиялъул хасияталда рекъон, гьесда мадугьалалъул гьариялъулъ кумекалъул мурад гурони халлъичIого букIинеги рес бугеблъи.

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...